Аслияб гьумералде

Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда регIулин лъабго гьудулас: гIагарлъиялъ, бечелъиялъ ва дунялалда вукIаго гьабураб гIамалалъ, гьездаса кIигояв нахъвуссунин ва цояв гьевгун цадахъги унин, цадахъ уневги гьес гьабураб гIамал кколин абун.

 

Аллагьасул ﷻ илчилъун вачIиналдалъун Аварагас ﷺ хвезаруна жагьилаб заманалда рукIарал киналго гIадатал, хъанчазе лагълъи гьаби, жа гьекъей, чIаго ясал рукъи, риба гьаби, зинаялде аскIоре къай, гьереси бицин, зулму гьаби, гъибат-бугьтан лъей.

Авараг ﷺ вукIана вахIю жинде рещтIуневлъун, гьедин рещтIана Къуръанги, гьесул ﷺ гьумер букIана цIураб моцIалъулги хинаб бакъалъулги гIадаб кунчIи бугеблъун, иманалъул ракIги цIурав, нуралъ гьумерги гвангъарав, кьураб сайгъат къабул гьабулев, гьардезе бокьуларев, берал къанщаниги ракI кьижуларев, сивак хIалтIизабулев, хIижама гьабулев, дугIаялдалъун дару гьабулев.

Залимазе къвакIулев, загIипазда гурхIел гьабулев, хIажат гьечIеб калам бокьуларев, «ритIухъав» абун гьитIинго тIокIцIар жиндие кьурав, тушманасги кьолаан гьесухъе божилъи гьабун цIунизе гIарац-месед, тушманлъиялда ругел тухумазда гьоркьоб гьабулаан рекъел-маслихIат, дагь кваналаан, цIикIкIун бокьулаан гьан, хъабахъ, чамасдакI, гьоцIо, цIибил. Абулаан кванирукъ лъабиде бикьизе кколин, гьелъулги цо бутIа квание, цогидаб - лъиналъе ва лъабабилеб - хIухьел босиялъе букIине кколин абун.

ГъутIби чIолаан, чIараб соналъго пихъги кьолаан, гьукъулаан гьел къотIизе, къвакIараб бусада гурони вегулароан, тамахалда регулел ругони гIибадаталъе рорчIуларин рикIкIунаан. Дунял гIодобегIан гьабун, ахират тIадегIан гьабурав вукIана. Ццим бахъани какичуреян абулаан, ццим бахъин шайтIаналдаса бугин, гьебги цIаялдаса бижани, цIаги лъималдалъун ссунин бицунаан. ЧIухIи гьабиялдасаги рикIкIалъеян кантIизарулаан, чIухIи бугин шайтIаналъул гIамалин ва гьеб гьабиялдалъун жибги къосанин абун.

Авараг ﷺ вохараб мехалъ гьесул гьумер гвангъулаан сардилъ кунчIараб цIураб моцIгIадин. Ццим бахъиндалги гьумералда халлъулаан кIаркьаби багIарлъун, дунялалъе гIоло ццимги бахъунароан, бахъунаан шаргIалда данде кколареб жо лъугьани. КIалдиса бачIунеб калам гьоцIо-нахгIан гьуинаб букIунаан. РекIелъ пашманлъи бугониги гьурмадаса гьимиги къотIулароан. Жиндие бокьулеб лъабго жо бугин абулаан: как базе, берцинал махIал гьаризе ва чIужу ячине.

Авараг ﷺ вукIана гIараб мацIалъул, бацIцIадаб наслуялъул, къурайшияб тухумалъул, гьашимил кьибилалъул, гьоркьохъеб лагаялъул, хъахIлъиги багIарлъиги гъорлъ жубараб гьурмал кьер бугев. Вакъиялъ чахьалда къоно борчунаан. Аллагьас жиндихъе гьоболлъухъ ахIарав, Гьевгун кIалъарав, ахирисев авараглъун витIарав, хIакъаб, хиси гьечIеб диналдалъун вачIарав, нугIлъиялъе Къуръан кьурав, къотIиялъе Алжан кьурав, исламалде халкъ ахIизе витIарав, Алжан-жужахI жинда бихьарав, Алжаналъул хиралъиялъулги жужахIалъул гIазабазулги жинца бицарав, умматалъул ургъелалъ жиндиего рахIат гьабичIев. Цогидаз напсин ахIулеб къоялъ умматилан ахIизе бугев, гурхIел цебе ккарав, жиндие зарал гьабуразегицин лъикIлъи гьабулев, гьелги ритIун ккезарегиян дугIа гIемерав, жинца бачараб квер дандияс нахъе босун гурони гьеб биччаларев. Данде рахъарал мушрикуназ абулеб букIана жидеца дуе бокьани ханлъи кьелин, бечелъи бокьун батани гьебги кьелин, берцинай бахIарай къваригIун ятани гьейги ячинин, дуца нижер динги хъанчалги жалго теян. Аварагас ﷺ абуна нужеца жиндир гьаб цояб кодобе бакъ, цогидалъухъе моцI кьуниги жинца жиндирго иш толарин абун. Маккаялъул ханзабаз къварилъи гьабидал Мадинаялде гьижра гьабизе ккарав, ахир-къадги жинца гьезда тIадги бергьенлъи босарав.

Маккаялда гьавуна, Мадинаялда вукъана, 40 сон байдал кьуна гьесухъе авараглъи. 23 соналъ ахIана халкъ исламалде, 27 гъазаваталда гIахьаллъи гьабуна, черхалда ругънал лъуна, 63 сон гIумрудул бана. Эмен – ГIабдуллагь, эбел – Аминат. 

Гьев аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги ратун ругелъул, битIизин гьесде гIищкъуялдалъун салават:

 

Мавлая сали ва саллим даиман абадан,

ГIала ХIабибикал хайри-л-халкъи куллигьим!

Даимаб, абадияб свалат-салам лъе, Аллагь,

Халкъалъулго хирияв Дур ХIабиб-АхIмадида!

 

ГIабдулхIамид, Харахьи росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...