Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ берцинаб махI

Аварагасул ﷺ берцинаб махI

Аварагасул ﷺ берцинаб махI

Аварагасдасан кидаго лъикIаб махI бачIунаан гIетI баницин. Имам Муслимица Анас бин Маликидасан бицараб хIадисалда буго: «Аварагасда гIемер гIетI балаан. Гьурмада бараб гIетI жавгьаралдасаги лъикI гвангъулеб букIана, махIги ладаналдаса (мискалдаса) лъикIаб букIана, - ян.

 

Гьелдаго цадахъ гьес ﷺ махI берцинаб жо хIалтIизабуна муъминзаби гьелда (суннаталда) хадур рилълъине ва малаикзаби лъикIаб махI бугеб бакIалде аскIоре рачIунел рукIиналъ.

ВахIю бачIунеб заманалда гьеб захIмалъиялъ Аварагасул ﷺ гьурмада гIемер гIетI балаан, квачараб заман букIаниги.

«Ал-Музаммил» абураб сураталда, щуабилеб аяталда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «КватIичIого нижеца дуде рещтIинабизе буго захIматаб калам», - ян. Гьелъул магIна буго Аллагьасул рахъалдасан вахIюйилан абураб.

Анасил эбел Умму Сулаймица Аварагасул ﷺ гIетI бакIарулаан. Гьеб бихьарав Аварагас ﷺ гьелда абуна: «Я Умму Сулайм! Дуца щиб гьабулеб бугеб?» - ян. Гьелъ жаваб кьола: «Нижеца дур баракатаб гIетI хIалтIизабула махI берцинлъиялъе. Гьеб бищунго лъикIаб ва рекIее гIолеб махI букIуна», - ян.

Цогидаб риваяталда буго гьелъ абунин: «Я Аллагьасул Расул, нижее бокьун буго нижер лъималазе гьелдаса баракат щвезе», - ян. Аварагас ﷺ жаваб гьабуна: «Дуе гьеб щвана», - ян.

Аварагасул ﷺ кверал рукIана дараялдасаги хIеренал ва гьездаса букIана берцинаб махI. Аварагасул ﷺ квераздаса берцинаб махI букIунаан миск гьабуниги гьабичIониги. ТIахьазда хъвалеб буго квераздаса бачIунеб махI Аварагасулъ ﷺ тIабигIияб букIанин абун.

Аварагас ﷺ чиясул квер бачараб мехалъ, тIубараб къоялъ гьесул квералдаса махI букIунаан. Аварагас ﷺ лъимадул ботIрода квер лъедал, гьеб лъимер батIа бахъизе кIолаан махIалдалъун.

 Анасица абуна жинца Аварагасул ﷺ квералдаса хIеренаб, тамахаб  жоялда квер хъвачIин абун.

Бокьарав чиясда лъазе кIолаан Авараг ﷺ араб къватI, щайгурелъул, гьесдаса бачIунеб лъикIаб махI гIемераб мехалъ гьеб къотIноса нахъе унеб букIинчIо.

КIудияв имам ва хIадис-гIелмуялъул гIалимчи ИсхIакъ бин Рагьавайгьица абуна: «Гьесул квералдаса берцинаб махI букIунаан миск хIалтIизабичIониги», - ян.

Имам Тирмизияс «аш-Шамаилу ал-МухIаммадия» абураб тIехьалда хъван буго, Анас бин Маликица абунин: «Аварагасул ﷺ букIана берцинаб махI бугеб лъамалъи жанибе тIолеб гьитIинаб цIарагI. Гьес гьел махIал хIалтIизарулелги рукIана», - ян.

Гьединго Аварагас ﷺ ботIродагун магжидаги миск хIалтIизабулаан.

Анас бин Маликица киданиги нахъчIвалароан лъикIал махIал кьолеб мехалъ. Анасица абулаан: «Аварагас ﷺ киданиги берцинал махIал гьукъичIо», - ян.

Абу ЯгIлаицаги Табараниясги бицана Абу Гьурайратидасан хIадис: «Цо чияс жиндирго яс росасе кьолей йикIана ва гьес Аварагасда ﷺ гьарула кумек гьабеян. Амма Аварагасул ﷺ гьезие кьезе щибго жо букIинчIо. Цинги Аварагас ﷺ гьесда абула, шиша босейин ва шишинибе килищалъ жиндирго дагьа-макъаб гIетI гьабула. Цинги Аварагас ﷺ абула: «Гьаб хIалтIизабе», - ян. Гьес гьедин гьабураб мехалъ, тIолабго Мадина шагьаралда гIумру гьабун рукIаразда чIвалаан доб рокъоса бачIунеб берцинаб махI. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб Мадинаялъул гIадамаз байбихьана гьеб рукъалда «Мискалъул рукъ» абун абизе.

Аварагас ﷺ гьесизарулел рукIана берцинал махIал хIалтIизариялде. Щайгурелъул, лазатаб махIалъ инсанасул рухIалъеги черхалъеги пайда кьола: малаикзаби аскIоре рачIуна, инсан вацIцIадго чIезавула. Аварагасе ﷺ рокьулаан берцинал махIал ва рокьулароан къабихIал махIал.

Абу ГIусман ан-Нагьдияс бицана Аллагьасул Аварагас ﷺ абунин: «Нужер цонигиясухъе райхIан кьедал, гьеб нахъчIваге. ХIакълъунго, гьеб Алжаналдаса бачIана», - ян.

Анас ибну Маликица абуна: «РайхIаназда гьоркьоса Аварагасе ﷺ бищун бокьулеблъун букIана хнаялъул тIегь», - ян.

РайхIан ккола бокьараб берцинаб махIалъул тIегь. ХIадисалъул магIна гьечIо махI берцинал тIугьдул киналго Алжаналдаса рачIарал ругин абураб. Гьелъул магIна ккола, гьезул мугь Алжаналдаса дунялалдеги бачIун, гьедин рижарал ругин абураб. Гьелъин Аварагас ﷺ абураб райхIан Алжаналдаса бачIараб бугилан.

Къокъго абуни, дунялалда ругел берцинал махIал ккола Алжаналда ругезул цо гьитIинаб хIургIадинаб бутIа. Гурони Алжаналда бугеб берцинаб махI щола 500 соналъул манзилалъ.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Алжаналъул дагьа-макъаб махI гьаб дунялалдаги гьабуна. ГIадамазда гьелъул махI ракIалде щун лъикIал гIамалал гьаризе гъира базе букIине.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Гьалаглъиялде рачунеб

Исламалда хъантIи рикIкIуна какарал тIабигIатазул бищунго захIматал, хъубал жалазул цояблъун, дунялалъул лазатаздехун гIорхъолъа араб рокьиялъул кьалбалги жиндир бугеб. Гьеб хасияталъ инсанасул рухIияб гIумру хвезаби гуребги, гьев дунялалда талихI къосиналъеги ахираталда тамихIалъе сабаблъунги...


17 мина къачIазе буго

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандил бихьизабиялда рекъон, муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибировги Хасавюрт районалъул росабазул имамзабиги, «Инсан» фондалъул вакилзабиги рачIун рукIана ЦIияб ЦIиликь росулъе. Гьениб бугеб ахIвал-хIалалъухъги...


ИсмагIиловас гIахьаллъи гьабуна

ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагIиловас гIахьаллъи гьабуна республикаялъул гIелмиябгун практикияб конференциялда. Гьеб тIобитIана Юстициялъул тIолгороссиялъул пачалихъияб университеталъул базаялда – Северияб Кавказалъул институталда (МахIачхъала шагьар). Гьениб кIалъазе вахъарав...


Ингушазул кумек

ТIабигIияб балагьалъул хIаси-лалда къварилъиялде ккарал дагъистаниязухъе кумекалъулаб квер бегьаразда гьоркьор руго ингушалги. Дагьал церегIан къоязда Ингушетиялдаса Дагъистаналде кумекгун рачIун рукIарал ингушазул цо къокъаялда гьоркьор СурхIахIи росдал имамасул наиб ГIумар Нальгиев ва жамагIатчи...


СУАЛ-ЖАВАБ

Къуръан, махраж гьечIого цӀализе бегьулищ, цӀараб цӀан, къараб къан цIалулеб бугони? МагIна хисуларедухъ, Къуръан битIун цIализе малъулеб гIелмуялда абула тажвидилан. ХIарпал рукIине кколелъуса жиде-жидер гьаркьаздалъун рахъиялда абула махражилан. Мисалалъе, гIараб алфавиталда руго цо-цо хIарпал,...