Аслияб гьумералде

ГIаламалъего рахIмат

ГIаламалъего рахIмат

ГIаламалъего рахIмат

МухIаммад Авараг ﷺ гIицIго умматалъул гIадамазе гуревги, цогидазеги рахIматлъун щай вукIунев?

 

ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абун буго: «Дица мун кинабго гIаламалъе рахIматлъун витIана» - ян. ГIадамазе рахIматлъун витIун танилан абичIо ТIадегIанав Аллагьас. Хирияс ﷺ халкъалда малъана тIолго рухIчIаголъабазда гурхIизе кколеблъи, гьезие гIакъуба кьезе бегьулареблъи. Гьев жиназухъеги расуллъун витIана, Аллагьас гьелги гьесул баракаталдалъун битIараб нухалде тIоритIана. Гьесул баракаталдалъун капурзаби цадахъго тIагIинарулел балагьал халкъалде тIамичIо. МахIшаралда тIолго халкъалъул къварилъи борхиги гьесул шафагIаталдалъун букIине буго. Гьесул шафагIаталдалъун жужахIалда цо-цо капурзабазе гIазаб бигьа гьабизе буго. Аварагзабазул, малаикзабазул даража тIокIлъиги, Алжаналъул нигIматал цIикIкIинги гьесул баракаталдалъун букIуна. Къокъго абуни, хирияб Къуръаналъ ишара гьабухъе, МухIаммад авараг ﷺ ккола дунял-ахираталда тIолго гIадамазеги, жиназеги, малаикзабазеги, рухI гьечIел жалазеги рахIматлъун витIарав.

 

Аварагасул мажлис (гIодов чIолеб бакI) кинаб букIараб?

Гьесул мажлис букIана кутакалда гIодобе биччараб. Хирияс ﷺ абулаан: «Нужер цонигияс гIодов чIарав чи тIаде вахъинавуге жинцаго гьесул бакI кквезелъун ва амма довегIан къаян гьаризе бегьила», - ян.

Цо нухалъ мажлисалде вачIарав мискинчиясе бокьидал бечедав чиясда аскIов гIодов чIезе, гьев бечедас жиндирго ретIел бакIарана. Цинги Аварагас ﷺ гьесда абуна: «Мун хIинкъунищ вугев гьесул мискинлъи дуде бахинебин ва дур бечелъи гьесухъе инебин?» - абун.

Гьев вугеб мажлисалда гIадамал ахIдолароан, кутакалда адаб-хIурмат цIунулаан. Гьев кIалъалеб мехалъ асхIабзаби гIенеккун чIолаан. Гьев цадахъ гIодор чIаразул щивасде вуссунаан. Хасаб гIодов чIезе бакI балагьулароан. ГIемерисеб заманалда къиблаялдехун вуссун гIодов чIолаан. Гьес абулаан жив лагъ вугин, лагъ гIадин гIодовги чIолилан. АсхIабзаби гьесул ﷺ гьайбаталъ хIайранлъизарун рукIунаан, гьезул хIал тIаса босизе гьоркьо-гьоркьоб гьес ﷺ махсараги гьабулаан. АсхIабзабаз кепаб жо бицун гьел релъараб мехалъ, гьевги хьимулаан.

ТIаде вачIарав чи кIодо гьавун жиндаго гъоркь букIараб жоялда тIаде вачIарав чиги гIодов чIезавун, живго ракьалда гIодов чIолаан. Аллагь рехсолаго гIодовги чIолаан, Аллагь рехсолаго мажлисалдаса тIадеги вахъунаан. Гьесул гIодов чIеялъулъ берцинал адабалги цIакъго-цIакъ гIемерал рукIана.

 

Аварагас ﷺ кинаб тIалаб-агъаз гьабулеб букIараб жиндирго асхIабзабазул?

Аварагасе ﷺ жиндирго асхIабзаби рокьулаан, гьес ﷺ гьезул хиралъаби рицунаан. Гьел унтани ваккизе унаан, шагьаралъул цояб рагIалда ругониги хвараб мехалъ гьел хабалъ рукъиялъулъ гIахьаллъи гьабулаан. Гьезие рокьуларел цIараздалъун гьезде ахIулароан, берцинал гурел цIарал ругони, гьезул цIарал хисулаан. РакI-ракIалъ хIакъаб Аллагьасул нухде гьел ахIулаан, цIакъго унтун гьел рихьараб мехалъ гьезда гурхIун гьесул ﷺ бадиса магIу чвахулаан, Авараг ﷺ гьел киназдехунго лъикI вукIиналъ щивасда ракIалде кколаан жиндаса хирияв чи гьесие ватиларин, гьезул мискин-пакъирзабазе садакъа кьолаан, живго вакъун чIунги гьезул ракъарал кваназарулаан, кигIан загIипав, гIажизав чияс ахIаниги, чIухIичIого гьенивеги унаан. АсхIабзабазул лъимал реэдулаан, гьезие тIоцебе салам кьолаан.

Цо нухалъ сапаралда рукIаго асхIабзабазул хIукму ккана гIиялъажо хъвезе. Гьезул цояс абуна жинца гьеб хъвелин цогияс абуна жинца ччукIилин. Аварагас ﷺ абуна жинца цIул бакIарилин, цIаги бакун гьан белъине. АсхIабзабаз жидецаго бакIарилин цIулин абидал, гьес ﷺ жаваб гьабуна: «Аллагьасе вокьуларо цогидазда цеве живго кIодо гьавулев чи», - ян.

АсхIабзабаздаса ватIакIанцIун вукIунароан гьев, сундулъго гьезие кумекги гьабулаан. Аварагасухъе ﷺ хIабашиязул хан Нажашил чапарзаби рачIиндал, Хирияс ﷺ жинцаго хъулухъ гьабулеб букIана гьезие. АсхIабзабаз жидеца ква-назеги гьарилин, хъулухъги гьабилин абидал, гьес ﷺ абуна: «Гьез дир асхIаб-заби кIодо гьаруна, гьединлъидал дие бокьун буго гьел дицаго кIодоги гьаризе, гьезие хъулухъги гьабизе», - ян.

 

 

МухIаммаднаби АхIмаев

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...