Аслияб гьумералде

Баракат тIалаб гьаби

Баракат тIалаб гьаби

Баракат тIалаб гьаби

Аварагасул ﷺ чашкаялдасаги мажгиталдасаги

Абу-Бурдатидасан бицана: «Дун Мадинаялде щведал, дида ГIабдуллагь бину Салам дандчIвана ва гьес абуна: «Вилълъа дида цадахъ рокъове, Аварагас ﷺ лъим гьекъолеб букIараб чашкаялдаса лъимги гьекъезе, Аварагас ﷺ как балеб букIараб мажгиталъуб какги базе», - ян. Дун гьесда цадахъ вилълъана. Гьес дие гьекъезе лъимги кваназе чамасдакги кьуна, Аварагасул ﷺ мажгиталда какги бана», - ян («СахIихIул Бухари», «Сунанул кубра»).

Аварагас ﷺ хIетIе лъураб бакIалда

Абу-Мижлазица бицана: «Маккаялдаги Мадинаялдаги гьоркьоб ниж ругеб мехалъ, Абу-Мусал АшгIарияс, боголил как къокъги гьабун, кIиго ракагIат бана, цинги тIадеги вахъун, витруялъул цо ракагIатги бана, гьелъулъ «сурату-Ннисаалдаса» 100 аятги цIалана. Салам кьун хадуб гьес абуна: «Дица щибго кIарчанлъи биччачIого дирго хIатIал лъуна Аварагас ﷺ лъун рукIараб бакIалда ва цIалана Аварагас ﷺ цIалулеб букIараб куцалъ», - илан.

Аварагасда ﷺ хъвараб квералда убач гьаби

ЯхIя бину ХIарис Зимарияс бицана: «Дида дандчIвана Василат бину АскъагI абурав асхIаб ва дица гьикъана гьесда: «Гьаб квералдалъунищ дуца Аварагасе ﷺ къотIи гьабураб?» - илан. Гьес абуна уйилан. Дица абуна, кье дихъе гьеб убач гьабизеян, гьесги кьуна, дицаги убач гьабуна», - ян. Гьайсами. («МажмагIу-ззаваид», т. 8, гь. 42).

Масжидул ГIишаралда

СалихI бину Диргьамица бицун буго: «Ниж рахъана хIежалде. Нухда дандчIвана Аварагасул ﷺ цо асхIаб. Гьес нижеда абуна: «Нуж унаго, нужеда нухда батизе буго Аблат абураб росу», - ян. Нижеца абуна бугинха гьединаб росуян. Цинги гьес абуна: «Лъица тIаде босилеб гьеб росулъ бугеб Масжидул ГIишаралда дидасан как базе», - ян ва, нижеда цадахъ вукIарав Абу-Гьурайратидехунги валагьун, тIадеги жубана: «Дида рагIун букIана дир вокьулев гьудулас (Аварагас ﷺ) абулеб: «ТIадегIанав Аллагьас Къиямасеб къоялъ Масжидул ГIишаралда как баразда гьоркьоса рахъинаризе руго шагьидзаби. Гьел гурони Бадруялъул шагьидзабазда аскIорги рукIине гьечIо», - ян. (Абу-Давуд «Сунан», Байгьакъи «ШугIабул иман»).

ХIадис-гIелмуялъул кIудияв гIалимчи, шайих АхIмад Сагьарнуфурияс гьаб хIадисги рехсон, хъвалеб буго: «Гьаб хIадисалъ бицуна къаркъалаялъ гьарурал гIамалазул кири, цохIо гьабурасе гурони, цогидазеги щолеблъи, Аллагьасде ﷻ гIагарал, Гьесие рокьулел чагIазда хурхараб жоялдаса баркат тIалаб гьабизе бегьи». («Базлул мажгьуд», т. 17, гь. 225).

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...