Аслияб гьумералде

ТIаса лъугьине бокьулаан

ТIаса лъугьине бокьулаан

ТIаса лъугьине бокьулаан

Хириясе ﷺ цIакъ бокьулаан гIузру бачинеги гIадамазда тIаса лъугьинеги.

 

Цо ягьудиялъ загьру жубараб гIиялъажоялъул гьан бачIана гьесие. Аллагьас гьеб гьан гьесда кIалъазабуна жинда гъорлъ загьру бугин абун. Гьей гIадан асхIабзабаз гьесухъе ячун ячIиндал, Аварагас ﷺ гьелда гьикъана щай дуца загьру жубан букIарабин абун. Гьелъ абуна: «Дие дур хIал бихьизе бокьун букIана. Нагагь мун Авараг ватани гьелъ дуе зарал гьабиларо, ва амма гьерсал рицунев чи ватани нижги дудаса эркенлъила», - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Дуе дун чIвазе Аллагьас рес кьоларо», - ян ва гьейги йиччан тана.

Цо рагъулъги, асхIабзаби тохлъараб заманги балагьун, цояв гьесда аскIов вахъун чIана хвалченги борхун, гьанже мун лъица дидаса цIунилевиланги абун. Хирияс ﷺ абуна Аллагьас цIунулилан. Цинги гьесул кодоса хвалчен бортана, свалат-салам лъеяв Аллагьасул Расулас гьеб хвалченги кодоб ккун абуна, гьанже мун лъица цIунилевин. Гьес абуна, жинда тIаса лъугьаян. Хирияс ﷺ абуна шагьадат битIеян. Гьес абуна шагьадат битIиларин, дуде дандеги вахъинарин, мунгун цадахъги чIеларин. Хирияс ﷺ гьев виччан тана. Цинги жиндирго къавмалъухъе щведал, дов чияс абуна: «Дун нужехъе гIадамазул бищун лъикIав чиясда аскIоса вачIана», - ян (Бухари).

Гьес ﷺ жиндирго нафсалъе гIоло лъидасаго рецIел босичIо. Гьес ﷺ абулаан: «Дунял-ахираталъул бищун тIадегIанаб, берцинаб тIабигIаталдаса ккола, дуе зулму гьабурасдаса мун тIаса лъугьин», - абун.

 

Къурайшияздаса кин тIаса лъугьарав?

ГIемерал соназ къурайшияз Аварагасеги ﷺ гьесул асхIабзабазеги бажарараб квешлъиги заралги гьабуна. Макка бахъун хадуб свалат-салам лъеяв Аллагьасул Расулас ﷺ, КагIбаялъул нуцIида аскIов вахъунги чIун, вагIза гьабуна. Цин Аллагьасе рецц гьабуна, хадуб чи чIварав чиясе букIунеб хIукмуялъул бицана, цинги чIухIи квешаб жо букIиналъул, умумуздалъун чIухIизе бегьунгутIиялъул, киналго цо Адамил лъимал рукIиналъул, Адамги ракьудаса вижарав вукIиналъул бицана, гьелда хурхун бачIараб хирияб Къуръаналъул аят цIалана, цинги абуна: «Я къурайшиял, я Маккаялъул агьлу, дица нужее щиб гьабилилан нужеда ракIалде кколеб?» Гьез абуна: «Дуца нижее лъикIаб гьабула, мун нижер къадру-къимат бугев вацасул васги ккола», - ян. Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Нуж дица тархъан гьаруна, нуж ине бегьула», - ян.

Жеги Хирияс ﷺ абунилан: «Дица нужеда абула Юсуф аварагас жиндирго вацазда абураб жо: «Нужеда жакъа дица гIайиб чIваларо. Нуж а, нуж тархъан гьаруна», - ян.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


ХIузуралъул нух

БетIергьанас щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабун буго сордо-къоялда жаниб щуго как бай. Гьебги ккола диналда жаниб чара гьечIого лъалеб жо. Лъимералъ анкьго сон байгун гьелда как базе малъейин, анцIго сон байдал, кIарчанлъи гьабуни тамихI гьабейинги абун буго Бичасул аварагас ﷺ.   Цоги...


Минскалда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб форум

Беларусь Республикаялъул тахшагьар Минскалда тӀобитӀана «Механизмы укрепления межкультурного взаимодействия и духовно-нравственных ценностей на международной арене» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум. Исламияб маданияталъул, гӀелмуялъул ва лъай кьеялъул фондалъул...


Пашманлъи тIаса инабулеб

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе гIемерал нигIматал рижун руго. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьев инсан кин валагьуларев Аллагьас ﷻ жиндие ризкъилъун кьун бугеб батIи-батIияб тIагIамалде». (Сура «ГIабаса», 24 аят).   Гьел нигIматазул цояб ккола хъабахъ....