Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIада-мазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги кIвечIеб.

ЧIахIиял мугIжизатазул цояб ккола моцI хъвалхьин. Цогидал аварагзабазул лъиего гьединаб мугIжизат кьечIо. Гьелъул бицен, хирияб Къуръаналдаги кьучIал хIадисазул тIахьаздаги буго. Гьеб лъугьа бахъин ккана Аварагас ﷺ Мадинаялде гьижра гьабилалде цересел соназ. Капурал къурайшияз мун авараг вукIиналъе мугIжизат бихьизабеян моцI кIийиде хъвалхьиялдалъун абураб мехалъ, Аллагьасда гьарун моцI кIиго бутIаялде хъвалхьана. Гьеб мехалъги цо-цоял чIана нижее МухIаммадица сихIру гьабунинги абун. Сапаралдаса рачIаразда гьикъидал, гьезги абуна жидедаги гьеб бихьанилан. Гьелдалъун къурайшияз дин босичIо.

Китаялда, некIсияб минаялъул кьучI бухъулаго, гьениб хъван батана гьаб мина банин пуланаб зодоб моцI кIиго бутIаялде хъвалхьун араб гIажаибаб лъугьа-бахъин ккараб соналъин абун. Гьелъул хIакъалъулъ бицен гьабуна къватIисел улкабазул газет-журналазда. Соналъул хIисаб гьабидал, гьеб данде ккана Аварагасул ﷺ мугIжизаталъул соналде.

Кутакалда захIмат бихьараблъун ккола Авараг ﷺ ТIаифалде араб къо. Къурайшиязул къварилъи, зулму цIикIкIун хадуб, дин тIибитIизабизе кумек щвеялъул мурадалда, свалат-салам лъеяв Аллагьасул Расул ТIаифалде ана. Цо рахъалъ гьесул хьул букIана гьениб бугеб жиндирго эбелдахъаб гIагарлъиялде. ТIаифалда Аварагас ﷺ дандчIвай гьабуна Сакъиф тухумалъул бутIрузулгун ва гьел исламалде ахIана. Гьез МухIаммадил ахIи къабул гьабичIо, мун гурев тIокIав чигойищ расуллъун витIизе ватичIевиланги абун. Гьездасанги гьесда щибго лъикIаб жо бихьичIо. Гьеб мехалъ жив нужехъе вачIаравлъи къурайшиязда лъазе тоге, лъани гьез жиндиеги ислам босарал бусурбабазеги гьабулеб зарал цIикIкIине бугилан абуна гьес. Гьеб балъго теялдаги гьел разилъичIо, гьелде тIадеги, гIантал гIадамал ва гIисинлъимал хадур тIамун, гьез ганчIал речIчIун, ахикье кIанцIизавуна хирияв Авараг ﷺ. Гьенив свакан, гIодов чIарав Аварагасде ﷺ аскIове, ахил бетIергьанас цIибилги босун, лагъ витIун вачIана. Аварагас ﷺ Бисмилла бахъулеб бихьараб мехалъ лагъ виххун хутIана ва гьанир ругезул Бисмиллагь бахъулеб гIадат гьечIилан абидал, Аварагас ﷺ гьесда гьикъана мун киса кколевилан. Гьес абуна Нинавиялдаса кколин абун. Мун Юнус аварагасул росулъа чи вихьулилан Аварагас ﷺ абидал, гьесул хIакъикъатги лъайдал, гьес Аварагасул ﷺ хIатIаздагун кверазда убач гьабуна ва ислам босана.

ТIаифалдаса тIадвуссунаго, Нахлат абураб бакIалде щведал, сардилъ тIадеги вахъун как балев вукIаго гьесда аскIосан жиназул къокъа ана, гьел анкьгоял рукIаниланги буго. Гьелги Йеменалъул Насбайн абураб бакIалдаса жинал рукIун руго. Гьел жинал гьес цIалулеб Къуръаналъухъ гIенеккана, цинги гьез гьесде иманги лъуна ва гьел жидерго къавмалъухъеги ана гьелги исламалде ахIизе. Гьезул бицен хирияб Къуръаналда буго.

ТIаифалъул гIадамаз Авараг ﷺ къабул гьавичIого, ганчIал речIчIун нахъе къотIидал, гьев вахчана шагьаралдаса къватIиб бугеб цо ахикь. Гьениве гьесухъе рещтIана ЖабрагIил малаик ва гьес Аварагасда ﷺ абуна: «Дуе бокьун батани дица гьаб бакI ракьуца кIкIунеб хIал гьабила яги гьелде тIаде мегIер ччукIизабила», - абун. Жив рахIматлъун витIарав Аварагас ﷺ жаваб кьуна: «Дун гьезда гурхIула, дун божула гьезул хадусел гIелалгIаги Аллагьасе бацIцIадаб лагълъи гьабизе лъугьиналде ва Аллагьасда гьез щивниги гIахьал гьавунгутIиялда», - абун.

Гьеб мехалда ЖабрагIилас абуна: «Унго-унголъун, Аллагьас абухъе, гурхIел цIикIкIарав вуго мун», - ян.

(«Ар-РахIикъул-махтум», гь.190-192.)

АрслангIали ГIумаров

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Баркала кумекалъухъ

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Хунзахъ районалъул ТӀадколоб росулъа ХӀажиев ГӀалискандил хъизамалъе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе нижее хӀажалъи ккедал кумекалъе ратарал гӀадамазе.   Исана 13 июналда цӀаги рекӀун нижер мина,...


ХIалтIи лъикI букIине

Гьабулеб хIалтIи-пиша лъикI букIине (баракат) бокьарас тIадчIей гьабила щуго жоялда.   ХIалтIи сабаблъун Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал нахърахъуге ва кIарчанлъиги гьабуге. Жиндир заманалда тIадкъарал жал тIурани, хайир батила. ХIалтIи сабаблъун Аллагьасул ﷻ махлукъат хIакъир гьабуге. Нилъер...


ХIузуралъул нух

БетIергьанас щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабун буго сордо-къоялда жаниб щуго как бай. Гьебги ккола диналда жаниб чара гьечIого лъалеб жо. Лъимералъ анкьго сон байгун гьелда как базе малъейин, анцIго сон байдал, кIарчанлъи гьабуни тамихI гьабейинги абун буго Бичасул аварагас ﷺ.   Цоги...


Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.   ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян. ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...