Аслияб гьумералде

ХIудайбият

ХIудайбият

Гьижра гьабун анлъабилеб соналъ Авараг ﷺ, асхIабзабиги цадахъ рачун, гIумра гьабиялъул нияталда, Мадинаялдаса Маккаялде ине къватIиве вахъана. Доб заманалда Макка мушрикуназухъ букIана. ХIудайбият абураб бакIалде щведал, мушрикинал лъугьана бусурбабаз гIумра гьабизе биччаларин абун. КIиябго рахъалъе рагъ ккезе бокьичIеб мехалъ мушрикиназ жидерго вакил ГIамрил Сугьайл витIана Аварагасулгун ﷺ ракълилаб къотIи-къай хъвазе. Гьеб къотIиги тарихалда машгьурлъана ХIудайбияталъул къотIи абураб цIаралда гъоркь. («Нурул якъин» гьум. 204).

 

ХIудайбияталда ккараб къотIи-къаялъулъ кинал шартIал лъун рукIарал?

 Гьенир лъун рукIана гьал хадур рехсарал шартIал:

  1. Исана гIумра гьабичIого нахъруссине, тIасияб соналъ бусурбаби гIумраялде рачIине.
  2. Мушрикиназул рахъалдаса бусурбабазул рахъалде цонигияв вачIани, гьев гьез тIадвуссинавизе, бусурбабазул рахъалдаса мушрикиназул рахъалде цонигияв вачIани, гьев тIадвуссинавичIого тезе.
  3. АнцIго соналъул божалалда рагъ гьоркьоб къотIизабизе. Цогидал тухумазе Аварагасулгун ﷺ яги къурайшиязулгун къотIи-къай гьабизе бокьани, кIиябго рахъалъе ихтияр букIана гьеб гьабизе.

Мушрикиназул гьел шартIал Аварагас ﷺ къабул гьаруна. Бусурбабазе гьез лъурал шартIал цIакъ захIмалъана. Кинниги Аварагас ﷺ, Аллагьасул илгьамалдалъун, гьел киналго къабул гьаруна. Гьелда жаниб кIудияб маслахIатги букIана. Бусурбабазда гьеб хадуб бичIчIана. Ракълилаб къотIи-къай гьабиялдалъун бусурбабазе рес щвана мушрикиналгун цоцалъ журазе, Исламалъул берцинлъиялъул гьезие бицине. Гьелъул хIасилалда цебесеб анцIго соналъ босаралдаса цIикIкIарал гIадамаз кIиго соналда жаниб Исламги босана.

 

ХIудайбияталъул къотIиялда мушрикиназ лъурал киналго шартIазда Авараг ﷺ разилъараб заманалда ГIумар-асхIабас щиб абураб?

Гьев Аварагасде ﷺ аскIове вачIана ва абуна: «Мун Аллагьасул хIакъав Авараг гурищ?» - ян. Гьес ﷺ абуна вугин. ГIумарица абуна: «Нилъ хIакъаб жоялда, нилъер тушбаби батIулаб жоялда тIад гьечIищ?» - ян. Гьес абуна ругилан. ГIумарица абуна: «Гьезул чIварал жужахIалде, нилъер чIварал Алжаналде унарищ?». Унилан абуна хирияв Аварагас ﷺ. ГIумарица абуна: «Гьедин бугелъул нилъер диналда жаниб гъоз абу-абураб жоялда щайха нилъ разилъулел?» - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Дун Аллагьасул Расулги ккола, Гьес малъаралдасаги кьуруларо, Гьес дие кверги бакъизе буго», - ян. ГIумар-асхIаб цинги Абубакар-асхIабасухъе кIанцIана. Гьесги абуна: «Ле, ХатIабил вас, гьев Аллагьасул Расул ккола, Аллагьасул амруялдаса кьуруларо, Аллагьас гьев рехунги толаро», - ян. Гьелдаса хадуб гьеб бергьенлъи беццараб сурат рещтIана Аллагьасул рахъалдаса, Аварагас ﷺ гьеб сурат ГIумарие цIализабуна. ГIумар-асхIабасул гьеб мехалда ракIги гIодобе биччана. ГIумар-асхIабас абуна: «Гьелдаса хадуб хвезегIан дица кIалал ккуна, садакъаби гьаруна Аварагасда ﷺ аскIоб ккараб гьеб каламалъе кафаратлъун букIине гIоло», - ян.

 

ХIудайбияталда ракълилаб къотIи-къай гьабизегIан цере рукIарал гъазаватаздаги, гьеб гьабун хадуб рукIарал гъазаватаздаги гьоркьоб щиб батIалъи букIараб?

ХIудайбияталда капурзабазулгун ракълилаб къотIи-къай гьабилалде цере гьарулел Аварагасул ﷺ гъазаватал рукIана мушрикиназул бусурбабазде гьарулел тIаде кIанцIиял, гьужумал, гьезул зулмаби нахъчIвазе гьарулел гъазаватал, ай бусурбаби цIуниялъе, зарал нахъчIваялъе. ХIудайбияталдаса хадур гьарурал гъазаватал рукIана киналго гIадамал Исламалде ахIизе гьарурал, ай бусурбабаз гьезде гьужумал гьарулеб. Гьелъин Аварагас ﷺ бану Къурайзаталъул гъазаваталдаса тIадвуссунаго абураб: «Гьанже нилъ гъазаватги гьабун гьезде тIаде ине руго, гьел нилъеда тIаде рачIине гьечIо», - ян.

(«Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гьум. 231)

 

ХIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...