Аслияб гьумералде

Нужецаги битIе...

Нужецаги битIе...

Нужецаги битIе...

Махлукъатазда гъорлъ Аллагьас ﷻ хира гьавуравлъун ватаниги, рекъараб лага-щваталда вижун, гIакълу кьун тIадегIан гьавуравлъун вугониги, инсанасда бажаруларо Бичасул аварагасул ﷺ хIакъикъат тIубанго лъазе. КигIан цIакъ рекъараб мисал бачаниги, гьайбатал дандекквеял гьаруниги, кинабго рахъалъан аварагасул ﷺ бугеб тIубараб камалат цебе чIезабун бажаруларо. Дунялалъулго ралъадал гьитIинабго хъабаялъуре гьинаризе кIоларебго гIадин, Аллагьасул ﷻ расуласул ﷺ нуралъул кинабго гвангъи бихьизе инсанасул канлъиялъул къуват гIоларо.

 

Хирияв МухIаммад ﷺ аварагасул ишалъул тIадегIанлъи бихьизабулел жал цIакъго гIемерал руго. Гьезул цебесеб кьерда буго гьаб хадуб рехсараб. Жиндир къадимияб калам Къуръаналда БетIергьан Аллагьас ﷻ абун буго: «ХIакълъунго, Аллагьас ﷻ ва гьесул малаикзабаз салават битIула аварагасде. Я, гьал иман лъурал чагIи, нужецаги битIе гьесде салаватги саламги». (суратул «Ал-АхIзаб» 56 аят).

Жив цогояв, авал-ахир гьечIев хан, кинабго махлукъат жинца бижарав, сундаго хIалкIолев халкъалъул магIбуд, лъидего хIажат кколарев тIадегIанав Аллагьас жинцаго салават битIулеб буго жинца вижарав, жиндир махлукъаталде. Гьеб буго нилъер авараг ﷺ Аллагьас ﷻ кигIан цIакъ хира гьавун вугебали нилъеда бихьизабулеб кIудияб хIужа. Расуласде ﷺ салават нужецаги битIеян гIадамазде хитIаб буго аяталда жаниб. Пикру гьабе, гьеб хитIаб гьабилелде цебе, салават битIиялъулъ гIадамазе мисаллъун тIоцеве Аллагь ﷻ живго чIана, хадур малаикзабиги чIезаруна.

Гьеб хIалалда кIвар кьун живго БетIергьанас ﷻ гIадамазда жинде салават битIизабулев. Зобал, ракьал цIурал малаикзабазги жинде салават битIулев. Азалалдаго салават Живго Аллагьасги ﷻ битIарав Авараг ﷺ кинав чи вукIунарев. КигIан тIадегIанаб даражаялде Аллагьас ﷻ гьев ﷺ вахинавун вугев. ТIад ургъанагIан хIайранлъизе бачIуна.

Аварагасул ﷺ берцинлъи щивав чиясда жиндир макъамалда рекъон бихьула. Макъам тIадегIанлъарал вализабазда, Аллагьасде ﷻ гIагарлъараб агьлуялда бихьулеб гьесул ﷺ гьайбат нахъа ругезда бихьуларо. Амма кигIан тIадегIанги вахун МухIаммад ﷺ аварагасул цIикIкIарал манакъибал рихьаниги, гьезда хадурехунги жеги цIикIкIа-цIикIкIарал хиралъаби, тIокIлъаби рукIуна. ТIубанго гьел лъан инсанасда бажаруларо.

 

ХIабиб ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...