Аслияб гьумералде

Баракатал гIадамал

Баракатал гIадамал

Баракатал гIадамал

ЖамагIаталъул биценалда рекъон баракатал гIадамал рукIун руго ЛъаратIа районалъул Ташдерил жамагIаталдаса кколел Нуруллагь-хIажиясул тухумалда.

 

Мунагьал чураяв Нуруллагь-хIажиясул хIакъалъулъ бицунаго, гьесул агьлу-хъизамго ракIалде щола, щайин абуни киналго цого гIамалалъул чагIи рукIана.

Цебе заманалда, гьанжесеб ЛъаратIа районалъул цо-цо росабазул гIадамал бетIербахъиялъе ЦIоралде унел рукIун руго. Гьедин, Закатала районалъул Пашан росулъ гIумру гьабулев вукIарав Хидиб советалъул ГъвелтIа росулъа Хадиев ХIажи (Мегеж-хIажи, Лаиллагь-хIажи, РетIел-хIажи, Чакма-хIажи – халкъалда гьоркьоб гьединал цIарал тIиритIун рукIун руго гьесул хIалтIи-пишаялда хурхинарун), ретIел, хьитал гьаризе махщелги гьениб щун, тIадвуссун вуго магIарухъе ва ГъвелтIа росулъ хъизан-лъималгун магIишат гьабулев вукIун вуго. ГъвелтIа росуги букIана киназдаго лъалеб, Байил-шайихасул хоб бугеб бакIалда тIадехун. Гьанже гьеб росуги, цо-цо магIарул росабиго гIадин, чIвадназде сверун буго.

Гьаб хъвай-хъвагIай гьабиялъе сабабалъун ккарав Нуруллагь-хIажиясул эмен Хадиев ХIажица росулъ рукъулел рукIун руго «Сталинил форма» абун цIар щварал галифе тIажал, костюмал ва гьарулел рукIун руго гьезда гъоркьа ретIулел чакмаби.

ЛъикIаб махщелги бугев, сундуего гIадамазе хIажатав чилъунги вихьун, Анцухъ жамагIаталда гъорлъе унел гIадамазул колхозалъул председательлъун вукIарав МачIакъалда росулъа Нажмудиница мина ва бекьизе гIураб ракьги кьун, ХIажи, цадахъ хъизан-лъималгун вачуна гьанже Анцухъ росу бугеб майданлъуде. Мегеж-хIажиясги бихьизабураб бакIалда минаги бан, ах-хурги гIезабун буго.

Хадиев ХIажи вукIун вуго исламияб диналда тIадчIей бугев чи. Гьесул букIана ункъо лъимерги: кIиго вас ва кIиго яс. 

БежтIе, ЦIунтIе шагьранухал цIигьарулеб заманалда, гIемерисеб мехалда машинаялъул нухал къан хутIулел рукIун руго. Гьеб мухъалъул гIадамал сордо бан чIолел рукIун руго Анцухъ, цохIо ХIажиясул гурони мина гьечIеб бакIалда.

Цебе заман бухьен захIматаб букIиндал, Нуруллагьидасанги Хадижатидасанги халкъалъе гIемераб кумек щолаан.

Эменго гIадин Нуруллагь хIажалъана халкъалъе. Иман бугев, дин лъазабизе яхI бахъулев, гьелъул тIалабазда рекъон живгоги хьвадулев, гьедин гьабизе жиндир агьлуялдаги малъулев чи вукIиналъ, Анцухъ ва гьединго Мазада, Хидиб, КIособ ва цогидалги жамагIатазул гIадамазе хварав чи вукъизеги, зикру-мавлидал тIоритIизеги, гьаруразда цIарал лъезеги, гIакъилал хIукмаби къотIизеги, эменго гIадин Нуруллагь-хIажиги хIажалъулев вукIана гIадамазе. Нуруллагьица хIежги борхана, Анцухъ росулъ мажгит базе цебехъанлъиги гьабуна.

Нуруллагьицаги Хадижатицаги тарбия кьун гIезаруна ункъо васги кIиго ясги. Гьелги эбел-инсуца малъухъе, гьез бихьизабураб нухда руго.

Мунагьал чураяв Нуруллагь-хIажи нилъедаса ватIалъана 2013 соналда. ХIажиясул гьитIинав вас Садрудги вукIана иман бугев, гIаданлъи цIикIкIарав, гьалбал хирияв, хIурматалъе гIорхъи гьечIев чи. Жиндирго инсулги кIудияв вац Нуруллагьилги нухдасан арав чи вукIана гьевги. Гьанжеги гьел лъалез хIурматалда рехсола гьезул цIарал.

 

МухIамадзагьид,

ТIамуда росу

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....