Аслияб гьумералде

ХIакъикъат балагьи

ХIакъикъат балагьи

Салманул Фарисиясул хIакъикъат балагьулеб къисаялъ рекIее асар гьабуларев чи ватиларо. Гьесда абула «Исламалъул инженериланги», щайгурелъул, Хандакъалъул гъазават бугеб мехалда гьес абула Мадинаялда сверухъ хандакъ бухъейилан. Гьев ккола кIудиял асхIабзабазул цоявги.

 

Бурайдат бин ХӀусайбидасан бицун буго: «Салманул Фариси Мадинаялда Аварагасухъе ﷺ вачIуна чамасдакалги росун. Аварагас ﷺ Салманида гьикъула гьаб щибилан. Гьес абула гьаб бугин дуеги асхӀабзабазеги садакъаян. Аварагас ﷺ абула: «Нахъе босе, нижеца садакъа кваналаро», - ян. Цоги къоялъ гьев Аварагасухъе ﷺ вачӀуна ва гьесда цебе лъола долго чамасдакал. Аварагас ﷺ нахъеги гьикъула гьаб щибилан. Гьес абула гьаб бугин дуе сайигъатилан. Аварагас ﷺ асхӀабзабазда абула, рачӀа цадахъ кваназеян. Цинги гьесда бихьула Аллагьасул Аварагасул ﷺ мугъалда бугеб мугьру ва гьесда иман лъуна. Салман гьеб заманалда вукӀуна жугьутӀасул лагълъун. Аварагас ﷺ гьев вичун восула ва гьесул бетӀергьабазе чамасдакалъул гъутӀби чӀезе ва гьез пихъ кьезегӀан Салманица гьезда хадуб халкквезе шартӀги лъун. Аварагас ﷺ жинцаго чIола киналго гъутӀби, цо хутизегIан, гьеб чIола ГӀумар бин Хаттабица. Гьебго соналъ гьел гъутӀбуз пихъги кьола, ГӀумарица чӀаралъ хутӀизегӀан. Аварагас ﷺ гьикъула гьаб гъветӀ лъица чӀарабилан. ГӀумарица абула жинца чӀанин абун. Аварагас ﷺ гьеб гъветӀ цӀидасан чIола ва гьебго соналъ гьелъги пихъ кьола.

Гьев гьавуна персазул цӀадуе гӀибадат гьабулеб хъизамалда. ГӀолохъанаб мехалдаго гьесда ракӀалде ккола хӀакъикъат балагьизе. Жиндирго рокъоса къватӀиве вахъун хадуб, гьесда дандчӀвана насраниязул кашиш ва гьес абуна: «ХӀижазалда (ГӀарабия) загьирлъизе вуго ахирисев Авараг, гьесул гӀаламаталги ккола: сайгъатал къабул гьарула, амма садакъа босуларо, гьесул мугъзада нахъа авараглъиялъул мугьру букIине буго», - ян. ХӀижазалде ине бокьиялъ Салман бедуиназул каравангун уна. Амма гьез Салман жидедаго цадахъ вачуна ва хадув жугьутӀасе вичула рекIкIги гьабун. Хадуб бану Къурайза абураб къавмалъул цоги жугьутӀас восула, гьедин Салман Мадинаялде ккола. Гьенив хутӀана Маккаялдаса гьижра гьабун, Аллагьасул Расул вачӀинегӀан. Салманида ракӀалде щвана кашишас Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ абурал рагIаби ва гьес хӀукму гьабула хIалбихьизе.

ХӀадисалда мухӀканго гъутӀбузул къадар бицун гьечӀо, амма цо-цояз лъабнусго букӀанин абула. ГъутIби чIеялъул буго жиндирго мугӀжизат: гьебго соналъ, киналго чамасдакалъул гъутӀбуз гьебсагӀатго пихъ кьуна, ГӀумарица чӀаралъ хутIизегIан. Цинги Аварагас ﷺ гьеб цӀидасан чӀана, гьелдаса хадуб гьелъги гьебго соналъ пихъ кьуна. Гьелъ бихьизабула Аварагасул ﷺ тӀокӀлъи ва мугӀжизат. Щайгурелъул, пихъ кьезе ккани чамасдакил гъветIалъ базе ккола 10-15 сон, амма гьаниб гьезул киназго, гьездаго гьоркьоб ГӀумарил гъветӀалъги, тӀоцебесеб соналъго пихъ кьуна.

 

Шамил  МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...