Аслияб гьумералде

Нусго соналдаса чIаго гьавурав

Нусго соналдаса чIаго гьавурав

Къуръаналда гIемерал къисаби руго Авараг ﷺ пашманлъичIого вукIиналъе рачарал. Гьединго инсанги вуго зама-заманалда цо щиб бугониги ракIалде щвезабизе кколев чи. Гьезул цоял ккола хIикматал къисаби, цере рукIарал аварагзабазул ва авлияазул ккарал лъугьа-бахъинал.

Суратул «Бакъараялда» жаниб, 259-абилеб аяталда, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бицунеб буго гIажаибаб къиса ГIузайр аварагасулгун ккараб, гьев Аллагьасул ﷻ къудраталда щакдаридал, ай цIакъго гIажаиблъидал. Кутакалда гIажаибго рекIелъе бортизабула гьеб аяталъ Аллагьасул ﷻ къудраталъул магIна. Гьев биххараб росулъа унаго, гьесда ракIалде ккола гьадигIан чIунтараб ва цониги чи гьечIеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кин цIигьабизе бугебилан абун. Гьенир гIумру гьабун рукIарал чIван рукIуна ва гьеб росу тIубанго чIунтунги букIуна. Ибну Касирил тафсиралда хъвалеб буго, гьеб Дамаскалъул ракь букIанин абунги. Амма Аллагьас ﷻ 100 соналъ хвезавурав ва чIаголъизавурав чиясул хIакъалъулъ хилаф буго гIалимзабазда гьоркьоб. Машгьураб рагIи ккола ГIузайр вукIанин абураб.

ТIадегIанав Аллагь ﷻ нилъер загьирги батIинги лъалев вугелъул, гьесда абула гьедин щакдарулев ватани 100 соналъ Дица мун хвезавизе вугин ва хадув чIаголъизавилин абун. Цинги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ ГIузайр хвезавула нусго соналъ, хадув чIаго гьавун тIадеги вахъинавула. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесда гьикъула: «КигIан мех бараб дуца гьаб бакIалда», - ян. ГIузайрица абула: «Цо тIубараб къо яги гьелдасаги дагьаб заман бана», - абун.

Аллагьас ﷻ абула: «Нусго сон бана. Гьанже мун балагье дуда цадахъ букIараб квентIехалъухъ, щибго хисичIого буго гьеб. Хадув мун балагье мунгун цадахъ букIараб хIамаялде: гьеб хун, гьан турун, рукьби хутIун рукIана гьелъул. Гьаб гIаламат Дица гьабуна мун гIадамазе мугIжизатлъун вукIине ва дудаги лъазе Дир къудрат камилаб, тIадегIанаб букIин. Гьанжеги балагье киндай Дица гьаб хIамил рукьби цоцазда аскIор рекъезарулелали ва кин гьезда тIад гьанги тIомги рекIинабулебали», - ян. Валагьун ГIузайргун, хIама, цебе букIараб къагIидаялъ чIаголъула.

Ибну Касирица рехсана, ГIузайр чIаго гьавулеб мехалъ тIоцебе Аллагьас ﷻ гьесул берал рижизарунила кинабго жо бихьизе букIине. Гьесда бихьулила жиндир черх кин бижулебали, гьан, тIом кин тIад балебали. Кинаб гIиллаха букIараб ГIузайрица жив цо къоялъ гурони хун вукIинчIин абиялъе. Аллагьас ﷻ гьев радал хвезавун, къасиялдехун чIаго гьавула. Гьесда ккола жив цо къоялъ гурони хун вукIинчIин.

Гьесда аскIоб букIуна цIибил, тин, сок. Сок цIеклъун батуларо, цIибилги турун букIунаро. Гьал кIудиял мугIжизатал жинда рихьидал ва баянлъидал ГIузайрица абула: «Дида якъинго, берда бихьун, лъала Аллагь ﷻ кинабго жоялда хIалкIолев вукIин», - ян.

Нилъеда лъазе ккола, цониги авараг гьечIо Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялда щакдарулел, ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ амруялда нахърилълъине кIвахIаллъулел, яги цогидаб кинаб бугониги мукъсанаб сипат жидее бугел. Гьел хириял аварагзабаз жидер умматалъе далиллъун, хIужалъун букIине цо-цо жо Аллагьасда ﷻ гьарула. Цинги Аллагьас ﷻ бихьизабураб мугIжизат ва аварагзабазе кьураб жаваб умматалъе бугеб далил ва хIужа букIуна.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...