Аслияб гьумералде

ГӀусманиязул империялда рамазан моцӀ

ГӀусманиязул империялда рамазан моцӀ

Ахирал соназда турказул тарихиял сериалазухъ ралагьулел ракьцоязул къадар тIадеялдаса-тIаде цIикIкIунеб буго. ГIемерисез бицуна Эртугрулил, ГӀусманил, МехӀметил ва ГӀабдулхӀамид КIиабилесул хIакъалъулъ.

 

ГӀусманиязул империялъул турказги кӀвар кьечӀого течӀо рамазан моцӀ.

ТӀаде щолеб рамазаналъул бищун кӀвар бугеб масъалалъун букӀана, тӀабигӀияб къагӀидаялъ цӀияб моцӀ бихьи.

ЦӀияб моцӀрол къо чIезабиялъул суал букӀана шаргӀияв диванчиясул, ай къадиясул хасаб ишлъун, гьес хӀукму къотӀулаан жиндихъе щварал баяназда рекъон. ХӀукуматалъул хӀалтӀухъаби яги гӀадатиял гӀадамал борхатал бакIазде, мугIрул-щобазде рахунаан ва моцӀрода хадуб халкколаан.

МоцӀ бихьани, шаргӀалъул диванчиясда цебе гьелъие нугӀлъи гьабулаан кӀиго нугӀас, цинги халкъалдаги лъазабулаан.

ГӀусманиязул империялда букIана «ХӀанчӀазул кӀал» абураб, гӀисинал лъимал рамазан моцӀалъ кӀал кквезе ахӀиялъул проект. Лъималазул ригь букӀунаан щугоялдаса микьго соналде щвезегӀан, гьезул кӀал, гӀадатияб къагӀидаялъ, лъугӀулаан бакъ тӀерхьиндал гуреб, къаденахъе. Гьедин ругьун гьарулаан лъимал исламалъул рукнабазул цояб цӀунизе.

ГӀусманиязул цоги лъикӀаб гӀадат букӀана, гьез мажгиталъул кӀиябго михмараялда гьоркьоб бугеб бакIалда лъикIа-лъикIал жал тIад хъварал игIланал рухьунаан. Гьел рукIана халкъалъе тарбия кьеялъул мурадалда ва гьезда рамазан букIин кIочон течIого букIинелъун гьарулел тадбирал.

Гьезда хъван рукӀана Аварагасул ﷺ хӀадисал, цо-цо дугӀаби, гьединго, «МархӀаба, рамазан моцӀ», «Рамазан моцӀ киналго моцӀазул султIан буго» абурал гӀадал хъвай-хъвагӀаял.

МоцӀрол ахиралдехун хъвай-хъвагӀаял цӀигьарулаан ва гьезда тӀад хъвалаан цогидал рагӀаби: «Аллагь гурев гӀибадат гьабизе мустахӀикъав цогидав гьечӀо», «ШафагӀат, я Расулуллагь», «Къо-мех лъикI, рамазан моцӀ», - ян абуразда релълъун.

Гьеб гIадаталъе кьучӀ лъурав чи вукӀана султан АхӀмад ТIоцевесев, гьелда цӀарги букӀана «ал-МахӀя», ай «ГӀумру» абураб.

Рамазан моцӀалъ хасаб кӀвар кьолаан къварилъиялда ругезде. Бечедал чагIаз гьезие нуцӀби рагьулаан, ифтIаралъул тадбиралги тӀоритӀулаан.

Мискинзаби гьениса чӀорого нахъе унароан. КӀал биччазе церелъурал нигӀматал гурелги, гьоболас гьезие кьолаан къиматал сайгъаталги. Жакъа гьеб гӀадат машгьурлъун буго «ал-Маваид ар-РахӀман» («РахӀмуялъул столал») абураб цIаралда гъоркь ва гьеб тӀибитӀунги буго тӀолабго исламияб дунялалда.

Цо-цо бечедал чагIаз рахӀму-цӀобалъулаб ишал гьарулаан цогидаздаса балъго. Тукабазде ун, гьез налъулазул налъаби рецIулаан.

ГӀусманиязул хIукуматалъул бутӀруз ва хIакимлъиялда ругез, баракатаб моцӀ тӀаде щолеб мехалда, халкколаан базаралъул багьабазда хадуб. Багьаби чӀезарун рукӀана хасал гIорхъабазда жанир ва тIаде рахинари кIудияб такъсирлъун рикӀкӀунаан.

ГӀусманиязул империялъул султанзабаз гӀахьаллъи гьабураб цоги берцинаб гӀадат букӀана МухӀаммад аварагасул ﷺ ва гьесул асхӀабзабазул асарал ругеб Стамбулалъул Топкапи музеялде щвей. Гьеб музеялде щолаан рамазан моцӀалъул 12 къоялъ.

ХIасил гьабун абуни, гӀусманиязул империялда рамазан моцӀ букӀана лъикӀлъиялъул байрамлъун ва гурхӀел-рахӀмуялъул заманлъун. Гьеб байрамалда гӀахьаллъулаан пачалихъалъул тӀадегӀанал хӀакимзаби ва гьезул тӀалаб-агъазалде хӀажатал чагӀи.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...