Аслияб гьумералде

ТIохьотIаса гIалимчи ГIумарил НурмухIама

ТIохьотIаса гIалимчи ГIумарил НурмухIама

ТIохьотIаса гIалимчи ГIумарил НурмухIама

ГIелмуялда гIамал рекъон хьвадарав, Хьибил бусада лъун сордо рогьинчIев, Живго рагIизеян рагIи абичIев, Бицен дур гьабизин баракат щвезе.

НурмухIама вукIана калам дагьав, жиндаго гьикъараб жо гурони абуларев чи. Рехсей гьабила гьесул заманалда рукIарал чIахIиял чагIазги, гьесул яс Пирдасица ва гьелъул рос ГIалихIажияс мухIканго рехсарал баянал.

НурмухIамал эмен ГIумар-хIажи вукIун вуго лъикIаб гIелмуги цIаларав, иманги цIикIарав чи. ХIеж гьабизе бугеб гIишкъуялъ, гьес жиндир хур-ракьги бичун, лъелго ун вуго хIежалде. ХIежалдаса вуссун хадув гьев ана ЦIоралде, Белоканалде бетIербахъи гьабизе. ГIелму цIаларав чи вукIиналъ, гьенив гьев тIамула Белоканалъул имамлъун. Цо къоялъ чорхолъ унти бергьарав гьес имамлъи гьабизе цоги чи цеве вахъинавун вуго ва абун буго: «Нагагь кIиабилеб ракагIаталдаса дун тIаде ворхичIони дуца как хвезабичIого рагIалде щвезабе», - ян.

Гьедин, суждаялде аралъуб босун буго гьесул рухI. Гьенибго мажгиталда аскIоб хабалалъги вукъун вуго. НурмухIамил эбелги, гьев гьитIинго хун йикIун йиго. НурмухIама афанди гьавун вуго 1906 соналъ ТIохьотIа росулъ. ТIоцеве инсуца гьев Белоканалдаса лъикIав гIалимчиясда цеве цIализавуна. Инсуца васасул цIалул кутакалда тIад чIун хъаравуллъи гьабула. Цо соналъ ТIохьотIе щведал, инсуца НурмухIамида абула дурго тIехьалде вуссаян.

Гьес тIехь ЦIоралда кIочон танин абидал, эмен гьесда семула, кидаго цадахъ рукIине кколин тIахьалинги абун. 13-14 сон НурмухIамица байдал, инсуца гьесда абула: «Дир вас, гьанже мун балугълъиялдеги щолев вугин, дурго тIалаб гьабизеги кIвезе бугин, мун ине кколин гIелму тIалаб гьабизе», - ян.

Гьедин сапаралъ вахъарав гьев Къелеве ккана ва гьенив щуго соналъ цIалана, хадув Гьидалъе ун гьениб лъабго соналъ, гьениса Гьоориве ун гьенивги анцIго соналъ цIалана. Киналго тIахьал росизе ресги гьечIолъиялъ гьес жинцаго хъвалелги рукIун руго чIахIиял гIелмудул тIахьал. ЦIалулеб мехалъ НурмухIама кидаго мисалияв ва пагьму гьунар бугев вукIана.

Гьоориса росулъе тIадвусиндал гьесда дибирлъи гьабизе тIадкъана ва АхIматIилал абулеб тухумалъул ПатIимат абурай ясги лъадилъун ячана. Гьесул рукIана щуго лъимер амма цо Пирдас абурай яс хутIизегIан цогиял гIисинго хвана.

Туснахъалде ккей

КГБялъулазде гьесул рахъалдаса батIи-батIиял гIарзал рачIун НурмухIама туснахъ гьавун Гьоркьохъеб Азиялде ккола. Гьекъезе кьураб лъим какие чуризе хIалтIизабулеб бихьун гьесие кIиго бутIа кьеян лъазабула начальникас ва как базе щибго квал-квалги гьабугеян лъазабуна хъаравулзабазда.

Туснахъалда гьабулеб ишазулъ мисалияв хIалтIухъанин абун гьесие «Ударник социалистического труда» абураб орден щвана. КIиго лъагIелигIан заман гьениб байдал нахъеги виччана. Росулъе щведал жиндаса гIарза гьабун рукIаралги НурмухIамаца тIаса лъугьун тана.

НурмухIамил гIамал-хасият

Гьесул букIана гIажаибаб, гIадан хадув гъолареб гIадаб хасият. МагIишатияб хIалтIулги гьес кIвар гьабулароан. Кутакалда кIвар кьолаан хIалалаб ризкъи тIалаб гьабиялде. Гьесул ясалъ абуна жинда гьев кьижун вихьичIилан ва кигIан гьараниги бусада тамахаб жо тIамизеги течIилан.

«Нилъер аварагасги тIамичIо тамахаб бусен ва хабалъги нилъее рахIат букIунаро», - ян абулаан гьес. Гъараколоб росулъа гIалимчи КъурамухIаммадица абуна: «Дун гьесухъе гIемерав хьвадана, дида гьесул гIамал-хасият Къуръаналъул ва хIадисалъул бихьана», - ян. НурмухIамаца жив гIалимчилъун рикIкIунароан. Бокьарав чиясулгун хIал рекъезабулаан.

ЛъаратIаса, мунагьал чураяв Жарулагь-хIажиясда Лъахъа ХIамзат афандиясги, Ибрагьимхалилил МухIамад афандиясги абун буго, НурмухIама жалгун цадахъ цIалулев вукIанин ва гIемераб гIелму бугев чи вукIанин. Цо нухалъ Чирюрталдаса Давудулаев МухIаммад щун вуго НурмухIамахъе.

ТIадвуссун щведал МухIаммадица абун буго: «Дица гьесда аскIоб кIиго къо бана амма дие гьесдаса кIиго соналъ тIалаб гьабулеб гIадаб гIелму щвана, гIемераб насихIатги гьабуна», - ян.

Росулъ гIелму цIалулев чиги гьечIого, жиндирго тIахьал гьес гьарун рачIарал чагIазе кьолел рукIун руго. 1996 соналъ росулъ цIа ккун гIемерал минаби рухIидал НурмухIамалги мина бухIана, рокъор рукIарал тIахьалги нахъе росизе щвечIо. Ахирал соназда НурмухIама гIемер унтана, амма киданиги сабур хвечIо.

Гьев хвана 1984 соналъ, ТIохьтIа росулъ. НурмухIамал баракат къотIун гьечIеблъи бихьула росулъ чIахIиял чагIаз шаргIиял ва гIадлуялъул суалал дандралаго гьес гьадин абулаанин бицунелъул, росулъе вагьабизм щвечIолъиялъ, хадурккун росулъ гIелму цIаларал гIолохъаби рахъиялъ. Зама-заманалдаса росулъ тIоритIула гьев ракIалде щвезавун гIелмиял мажлисалги.

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


17 мина къачIазе буго

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандил бихьизабиялда рекъон, муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибировги Хасавюрт районалъул росабазул имамзабиги, «Инсан» фондалъул вакилзабиги рачIун рукIана ЦIияб ЦIиликь росулъе. Гьениб бугеб ахIвал-хIалалъухъги...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкI   ГӀемерисез гIанкI рикIкIуна хIинкъараб рухIчIаголъи-лъун. Амма гьеб буго кутакалда сихIираб ва бекеризе гьунар бугеб.   Заман бихьун гьелда кIола тIомол расул кьер хисизеги. Кьер хисиялъ кумек гьабула бахчизе. Гьеб бекерула 70-80 километрги сагIтие тун. Амма борчIизе рес...


Балагьаздаса цIуниялъе

Жакъа нилъ киналго руго Дагъистаналда ккаралъул нугIзаллъун. ГIемерал гIадамал захIматаб хIалалде ккана, гьебги, щаклъи гьечIого, ТIадегIанав Аллагьасул рахъалдасан бугеб хIалбихьи ккола.   ХIакъикъаталдаги, гьаб дунял бижунго букIана хIалбихьиялъул бакI хIисабалда. Нилъер бугебщинаб жо -...


Сафия бинт ХӀуяйя

Сафия гьаюна ва гӀуна Мадинаялъул жугьутӀазда гьоркьой. МухӀаммад аварагасул ﷺ йикӀинесей чӀужуялъул тухум букӀана Муса аварагасул вац Гьарун аварагасул наслуялъул чагӀи. ЯгIкъуб аварагасулги цӀар буго гьезул умумузда гъорлъ. Гьелъул эмен вукӀана Мадинаялда гӀумру гьабулеб букӀараб Бану Назир...


Мордовиялъул муфти ва волонтерал

Лъим кIанцIиялдалъун къварилъи ккаразе кумекалъе Дагъистаналде вачIун вукIана Мордовиялъул муфти Раил Асаинов ва нусгогIанасев волонтер. ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандихъеги щвана Мордовиялъул муфти. Гьениб АхIмад-афандица баркала загьир гьабуна гьесие ва гьесда цадахъ рачIаразе...