Харахьиб Шамилие байгIат гьаби
Харахьиб Шамилие байгIат гьаби
Дагъистаналъул гIалим, гIелмуялъулъ мужтагьид,
Загъалас кверги борхун байгIат тIубазабуна.
Мадиналъул агьлуялъ ункъавго халиф гIадин,
Дагъистаналъе амир шайих Шамил вищана.
(М. М.)
Рагъул церехъабаз ва вилаяталъул хIурматиял (чIахIиял) чагIаз ЧIиркъатIа кIудияб къимат кьун букIана Шамил имамасул бетIерлъиялда гъоркь гьарурал рагъазе ва чабхъеназе. Гьел рагъаздаса хадув мутIигIал, мукIурал гIалимзабигун, рахъ-рахъалдасан рачIарал цIаларал чагIигун къватIиве вахъана Шамил. Гьел тIадруссунги цого-цо росабалъе, шагьаразде щолел рукIана. Ахир-къадги щвана Харахьире.
Херехьдерил кIудияб мажгиталде жамагIат ахIана Шамилица ва гьениб мажлисалда гьес тIалаб гьабуна гIалимзабазги цоги гIадамазги жиндие мутIигIлъиялъул гьа баян (байгIат). Шамилие гьеб хIажат букIана шаргIалда рекъон Имаматалъул иш ритIухъго нухда бачине гIоло. Херехьдерил кIудияб мажгиталде ракIарарал чагIазда гьоркьор гIемерал бахIсал, кIалъаял ккана, рикьалаби лъугьана. Цояз абулеб букIана Шамилие ритIухълъиялъе гьа базе бегьулин, цогидаз абулеб букIана гьеб бегьулеб жо гурин. Щивас жиндирго калам ритIухъ гьабулеб далилги бачунеб букIана.
Ахир-къадги Шамил имамас абуна: «Я гьаб гIасруялъул цIаларал чагIи! Дида кколеб буго гьаб мажлис бихха-хочулеб, кинабгIаги хIасил кьечIеблъун, пайда гьечIеблъун лъугьунеб бугин. Гьединлъидал, нужер разилъи батани, дие бокьилаан гьаниве Хъваршиса Загъалав ахIизе. Гьев ккола нилъер заманалъул бергьун кIудияв гIалим ва мужтагьид. РачIа нилъеца гьаб иш гьесда тIадкъазе ва цIакъго кIвар бугеб жо – гьесул рагIуда тIадрекъон, гьесие мукIураллъун рукIине. Гьес къотIараб хIукму букIине биччан те щивасе бищун гьуинаб ялъуни кьогIаб хIукмулъун», - абун.
ГIалимзаби имамасул каламалда тIадрекъана ва Шамилица Загъаласухъе кагъат хъвана. Кагъат щварабго гьевги Харахьиве вачIана. Хадурги данделъана кIудияб мажлисалде. Гьенир рукIана кибего жидер цIар рагIарал гIалимзаби, гIемераб гIалам, батIи-батIиял жамагIаталъул вакилзаби, церехъаби ва цогидал бусурбаби. Гьоркьоб лъуна добго суал.
Херехьдерил кIудияб мажгиталда цеве вахъарав Хъваршиса Загъалас гьабуна хадусеб кIалъай: «Я гIалимзаби! Нужеца биччан буго кьучIдасанго, гьаб суалалда хурхун, кIудияб гъалатI. Гьединлъидал нужеца биччараб чIор «гIечалда» (гIужда) речIчIун гьечIо. Нужеда гьоркьоб рикьи ккун буго ритIухълъиялъе гьа базе кколищ, кколарищ?» - абураб суалалда тIасан. Аллагьасул Расулас ﷺ тIубалеб букIараб хъулухъ хадубккунги жинца тIубалев живго халифасе балеб гьаялда тIасан дагIба бай гIадаб жо ккола гьеб нужер суал. Нужеца хIисаб гьабулеб гьечIо ва бичIчIулеб гьечIо халифасул кверщаликьа рорчIарал бусурбабазул къисмат кинаб букIунебали. Халифасе мутIигIал бусурбабазда гьоркьоса рахъарал (жидерго цIобалда тарал) бусурбабазде тIаде бегулеб жавабчилъиялъул магIна, гьелъул гъварилъи бичIчIулеб гьечIо. ТIаде къо ккараб мехалъ, мисалалъе, гьезие халифасул рахъалдасан кинабгIаги кумек щвезехъин гьечIо; къуватаб ярагъ, аскар ва цогидабги, нагагь хIажалъани».
Цинги Загъалав велъанхъана ва жиндирго къагIидаялъ абуна: «ТIадегIанав Аллагьас нилъеда тIадаблъун гьабун буго, лъабго чи цадахъ сапаралъ къватIиве вахъунев вугони, гьезул кIигояс цояв (лъабабилев) жидерго имамлъун гьавизе, ай цевехъанлъун, халифлъун. Гьеле гьебго магIнаялда бичIчIизе ккола нилъеда иманги бугел Аллагьасукьаги хIинкъулел муъминзабаз нилъеда бицараб хIадисги: «Имамлъун къурайшияв гурони бегьуларо», - ян жиб бугеб. Кивха гьезда (сапаралъ рахъаралщиназда) къурайшияв ватизе рес бугеб, я Аллагьас нужер мунагьал чураял!».
Гьелдаса хадув Загъалав тIаде вахъана, Аллагьасе щукругин рецц гьабуна, Шамил имамасул кверги босун, гьесие ритIухълъиялъул гьа бана. Гьеб лъугьа-бахъиналъе нугIзаллъунги херехьдерил мажлисалде данделъаралщинал гIадамал рукIана.
Хадубги Аллагьасе мутIигIав лагъ Загъалас абуна: «Я дир вас, Шамил! Дун хIинкъун гьечIо дуе ритIухълъиялъе гьа баялдалъун дун мекъи кканин, дир гъалатI кканин. Дир хIинкъи буго, гьебги кутакаб хIинкъи буго, дуца гьабулеб ишалъул хIасил кинабдай ккелаян. Гьелъул тIокIлъи нилъеда бичIчIила, сверухълъиго цIураб аскарги данделъун, дур тIалъиялъе къуват бачIараб мехалъ; чодул роржен кинигин дур малъа-хъваял тIуразе гIадамал рортулеб мехалъ, кьучIаб хIукмуялда ракIчIараб гъулбас гьабун бажарулеб мехалъ, сиясаталъул тIолабго кверщел духъе щвараб мехалъ ва хъулухъалда лъезеги нахъе рахъизеги ихтияр духъего щвараб мехалъ. Дуда ракIалде ккезе бегьула гьеб кинабго жо тIокIкIун дуда бичIчIулеб бугин ва дуе баянаб бугин. Амма дуда лъай бацIцIадаб лъим хъублъизе рес букIунеблъи», - ян.
Хадубги Загъалас абуна: «Дида лъала нилъер цересел салихIуназулги тIалихIуназулги лъугьа-бахъинал, дунго гьезда цадахъ гIурав, гьелгун хьвадарав чи вугевгIанги лазаталда. МухIканго гьелъул хIакъалъулъ бицине, кигIан ракI бухIаниги, заман гьечIо. Бугониги, я Шамил, цо-цо лъугьа-бахъинал ракIалде щвезарила, мунго питнадукье ккеялдаса цIунулел, гIакълу дуе кьолел. Дица гьаб бицунеб буго, Шамил, дуца Аллагьасул лагъзал захIматал хIалбихьиязде тIамичIого рукIине. Аллагьасул хIукму тIубай тун батIияб хIукму гIадамаца жидеего бокьухъе къотIизе тунгутIизе. Дур рагIияталда вугев цониги чиясухъе буюрухъал кьезе ихтияр дуца кьечIого букIине. Живго ТIадегIанас цIунулеб бусурбабазул би, Гьесул хIукму тIубаялъе гIоло гурони, гIодобе тIезе биччангутIизе, гьелдаго рекъон, гIалимзабазул (шаргIияб) хIукмуялда рекъон гурони, гьезул би гIодобе тIезе течIого букIине. ГIадамал бетIергьанаб гьезул боцIи-магIишат гьездаса цебе кквечIого букIине дуца, я Шамил», - ян.
Гьел лъугьа-бахъинал ккаралдаса хадуб ана гIемерал сонал, дунялги тун абадияб рокъоре ана дол хIакимзабигун тIадчагIи. ТIолалго гьезул къисматал, букIарабщинаб хутIана нахъе макьу кинигин. ГIицIго Аллагьасул буго тIолабго жоялда тIад абадияб кверщел ва ханлъи. Кин букIаниги, нилъеца гьабураб гIамалалда рекъон, Аллагьас гьабизе буго нилъее жаза. ТIолабго букIарабщинаб ракIалде щвезабизе буго, ай букIараб къагIидаялъ чIаго гьабизе буго, хадубги кинабго тIагIинабизе букIине».
Гьаб бакIалда, гьал цере рехсарал рагIабиги абун, Загъалав ТIадегIанав Аллагьасде вуссана ва абуна: «Я БетIергьан Аллагь! Дуца гьав Шамилил рекIелъ ритIухълъигун хIалимлъи лъе, Дур лагъзадеридехун – гIадамаздехун гьединавлъун вукIине те. Биччанте Шамилил хвалченалъ тамах гьаризе жакъа къоялъул зулму, къосин ва бецIал гIадатал! Я Аллагь, халатбахъараб батаги Шамилил нухмалъи, нижер лъималазул лъимал кIудиял гIезегIан хIукму къотIизе бажарулевлъун, буюрухъ кьезе кIолевлъун хутIаги гьев!»
Гьаб бакIалда гIодана Шамил имам. Гьесул гIодиялъ гIодизабуна тIолго херехьдерил кIудияб мажгиталде бакIаранщинаб жамагIатги. Хадур гIадамал рахъ-рахъалде щущан ана. Гьелдалъун къана мажлисги. АлхIамдулиллагь, гьаб бакIалда лъугIана Шамилие ритIухълъиялъе гIадамаз гьа баялъул хIакъалъулъ дир хабарги».
Гьеб къагIидаялъ бусурбабаз вищарав имам, нахъ бахъичIого, ислам тIадегIан гьабизе гъуждул гурун хIалтIана. Къоло щуго соналъ халат бахъана Имамул-агIзамас халкъалъе гьабураб цебехъанлъи. Гьелщинал соназ гьесда бихьараб захIмалъи, щванщинаб ругъун, камурал лъималгун хъизан, аскIоре гIагар гьарураздасан бихьараб хиянатлъигун кIигьумерчилъи, гIалимзабазул чарлъи, мунапикъзабазул къорал…
«Амирул муъминин шайх Шамвил ан-Накъшубанди ад-Дагъистани» абураб тIехьалдаса