Аслияб гьумералде

ТIоцебесеб мегIер

ТIоцебесеб мегIер

Абу Къубайс ккола Маккаялъул бакьулъ, КагIбаялдаса бакъбаккул рахъалда, Сафа магIарда аскIоб бугеб мегIер. Гьеб ккола Маккаялда бищунго машгьураб ва ХIарамалъул мажгиталда тIасан бихьулеб мегIер. Маккаялъул цогидал мугIрузда дандеккун гьелъул борхалъи дагьаб бугониги, бусурбабазе гьелъул кIудияб тарихияб ва динияб кIвар буго.

 

Гьеб мегIералъе ц1ар кьуна Абу Къубайс абулев чиясул хIурматалда. ТIоцебе гьес байбихьана гьеб магIарда тIад рукъ базеги.

Жагьилияб заманалда гьеб мегIералда Амин абун ц1ар букIана, щайгурелъул дунял гъанкъаралдаса байбихьун ва Ибрагьимицаги ИсмагIилицаги КагIба къач1азегIан ч1егIераб гамач1 гьениб ц1унун букIиналъ.

Гьелъул хIакъалъулъ имам Ан-Нававица «Тагьзибул асмаи ва ал-Лугъат» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Азракъияс бицана жиндихъе хабар щванин Маккаялдаса цо-цо гIалимзабаз абунин: «Абу Къубайс абун гьелъие ц1ар щвана Абу Къубайсилан абулев чи сабаблъун. Гьес байбихьана гьеб магIарда мина базе, гьелда тIад мина гьабидал ц1ар лъуна Абу Къубайс абун».

Имам Мужагьидица абуна: «ТIоцебе ТIадегIанав Аллагьас ракьалда бижараб мегIер Абу Къубайс ккола», - ян.

Жеги бицен буго гьаб мегIералъул ц1ар бач1анин «икътибас» абураб рагIиялдаса, гьелъул магIнаги кколин «щвей» абураб. Гьедин абиялъе гIилла ккана Абу Къубайс абураб магIарда Адам аварагасе тIоцебе ц1а щвеялъ.

Абу Къубайс абураб мегIер гIемер борхатаб гьеч1ониги, бусурбабазул рекIелъ гьеб хасаб бакIалда буго. Ибрагьим аварагасулгун ва КагIба баялъулгун гьелъул бугеб бухьеналъ ва исламалъул тарихалъ гьеб унго-унгояб кIвар бугеблъун гьабула.

Абу Къубайс рикIкIуна Аллагьас ракьалда тIоцебе бижараб мегIерлъун. Гьеб магIардаса тIиритIун руго ракьалда ругел хутIарал киналго мугIрул. ГIалимзабаз ч1езабуна мугIрул ракьалде гъорлъе гъваридго унел ва гьел киналго ракьалда гъоркь цоцада хурхарал рукIин.

ХIарис ибну Зиядица бицана жинда рагIанин ГIатIаица абулеб: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIоцебе ракьалда бижараб мегIер Абу Къубайс буго, гьелдаса хадуб тIиритIана ракьалда ругел киналго мугIрул». (Ибну Абу Шайба, «Мусаннаф», 35828; Ас-СуютIи, «Ал-Жами ас-Сагьир», 4941)

Нилъеда лъала КагIба Ибрагьим аварагасул заман щвезегIанго букIин. Амма НухI аварагасул заманалда ккараб гъанкъиялъ гьеб зодобе тIаде борхана ва ч1егIераб гамач1 бахчула Абу Къубайс магIарда жаниб.

ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ амруялдалъун Ибрагьим аварагас КагIба ц1идасан бала. Бан лъугIидал Ибрагьим аварагасда бихьула ч1егIераб гамач1 камун букIин. Цинги гьесда Абу Къубайс магIардасан гьаракь рагIула: «Дида жаниса ч1егIераб гамач1 босе!» - ян абулеб.

Абул Валид Аль-Азракъияс «Ахбару Макка» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Ибрагьим аварагас жиндирго вас ИсмагIилгун цадахъ КагIба бан лъугIараб мехалъ, Абу Къубайс мегIер ахIдола ч1егIераб гамач1 жинда жаниб, гьадинаб бакIалда бугин».

Бицуна, КагIбаялъул цояб рахъалда къурайшиязда батанин ассириязул мац1алда хъвараб кагъат, гьениб хъвараб жо гьезда бич1ч1изе кIвеч1ин цо жугьутIас ц1ализегIан.

Кагътида хъван букIана: «Дун, Аллагь, Маккаялъул БетIергьан вуго, Дица Макка бижана Зобалги, Ракьги, Бакъги, Моц1ги бижараб къоялъ. Дица гьелда сверун анкьго малаик тIамуна, гьел ккола унго-унгоял муъминзаби (хIанифзаби). Макка тIагIунаро Аль-АхIшабани биххизегIан», - ян.

Ал-АхIшабани ккола Маккаялда бугеб кIиго мегIер: Абу Къубайс ва жагьилияб заманалда Аль-АгIраф абун ц1ар лъураб Аль-АхIмар мегIер. Гьел мугIрузда гьоркьоб Маккаги буго.

ГIиса ибну ХIазим ан-Найсабуридасан бицана Ибрагьим ибн Адгьамгун цадахъ гьев Маккаялда вукIанин ва Абу Къубайс мегIералде валагьун абунин: «ХIакъикъияб иман бугев муъминчияс доб мегIералда абуни: «ТIагIа!» абун, мегIер тIагIинаан». Гьеб лахIзаталъ Абу Къубайс мегIер багъаризе лъугьана ва Ибрагьим ибн Адгьамица абула: «ГIодобе биччай, мун рехсолеб букIинч1о», - ян. Гьелдаса хадуб мегIер багъарич1ого ч1ана. (Абу НугIайм, «ХIилятул-авлияъ»)

Абу Къубайс мегIералда хурхараб цоги тарихияб лъугьа-бахъин буго. Аварагасул мугIжизатазул цояб ккола моц1 хъвалхьин, гьелъул цо бутIа Абу Къубайс магIарда тIад бихьулеб букIана.

Цо къоялъ капурзабазул церехъаби Валид бин Мугъира, Абу Жагьл, Асвад ва Назар бин ХIарис гIадинал чагIи рач1уна Аллагьасул Расуласухъе ﷺ ва абула: «Дуца битIараб бицунеб батани, моц1рол цояб рахъ бикьизабе Абу Къубайсида ва цогидаб мегIералда тIад», - ян.

Аварагас ﷺ гьезда гьикъула: «Дица гьеб гьабуни нужеца иман лъезе бугищ?» - ян. Гьез жаваб кьола бугин абун. Цинги Аварагас ﷺ жиндирго БетIергьанасде ахIула ва зодоб бугеб моц1 кIибикьула: цо бутIа цо магIарда тIад ва цояб цогидаб магIарда тIад ч1ола. Хирияв Аварагас ﷺ гьезда абула: «НугIлъи гьабе!» - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


ХIикматал махлукъатал

ГIанкI   ГӀемерисез гIанкI рикIкIуна хIинкъараб рухIчIаголъи-лъун. Амма гьеб буго кутакалда сихIираб ва бекеризе гьунар бугеб.   Заман бихьун гьелда кIола тIомол расул кьер хисизеги. Кьер хисиялъ кумек гьабула бахчизе. Гьеб бекерула 70-80 километрги сагIтие тун. Амма борчIизе рес...


Ингушазул кумек

ТIабигIияб балагьалъул хIаси-лалда къварилъиялде ккарал дагъистаниязухъе кумекалъулаб квер бегьаразда гьоркьор руго ингушалги. Дагьал церегIан къоязда Ингушетиялдаса Дагъистаналде кумекгун рачIун рукIарал ингушазул цо къокъаялда гьоркьор СурхIахIи росдал имамасул наиб ГIумар Нальгиев ва жамагIатчи...


ДНРалъул муфти дандчIвана ДРялъул муфтигун

Донецкиялъул Халкъияб Республикаялъул муфти Рашид Брагин вачIун вукIана ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе, тIабигIияб балагьалде ккараб Дагъистаналъул халкъалъул рахъ кколеб букӀин загьир гьабизе. ДНРалда захӀматаб ахӀвал-хӀал букӀаниги, Донбассалъул диниял церехъабаз бихьизабуна хIажатаб...


СУАЛ-ЖАВАБ

Къуръан, махраж гьечIого цӀализе бегьулищ, цӀараб цӀан, къараб къан цIалулеб бугони? МагIна хисуларедухъ, Къуръан битIун цIализе малъулеб гIелмуялда абула тажвидилан. ХIарпал рукIине кколелъуса жиде-жидер гьаркьаздалъун рахъиялда абула махражилан. Мисалалъе, гIараб алфавиталда руго цо-цо хIарпал,...


Тавбуялде рачIун лъикI

Нижеда тIаса лъугьа, тIадегIанав БетIергьан, ТIабигIиял балагьал рикIкIад гьаре, я Аллагь. Ниж, щибниги лъаларел, лъавукъал муъминзаби, Лълъел балагьал тIаде щун, тIерхьинаруге, Аллагь.   Жакъа Дагъистаналде бачIараб къварилъиялъ, БичIчIана киназдаго дур хIалкIолъи, БетIергьан. Хинаб...