Аслияб гьумералде

Бергьенлъаби кьураб моцI

Бергьенлъаби кьураб моцI

ГIашура къо ккола МухIаррам моцIалъул анцIабилеб къо. Гьелъие нугIлъи гьабула ибну ГIабасица бицараб кьучIаб хIадисалъ. Аварагас ﷺ абуна: «ТIасияб соналде щвезегIан чIаго хутIани, чIванкъотIун ичIабилеб къоялъ дица кIал кквела», - ян.

 

Гьел рагIабаз тIоритIел гьабула гьес байбихьуда анцIабилеб къоялъ кIал ккун букIин, хадуб хIукму гьабуна ичIабилеб къоялъги кIал кквезе, гIицIго анцIабилеб къоялъул адаб гьабулел жугьутIаздаса ва насранияздаса ратIарахъун.

ГӀашураялъул къо кӀодо гьабула гӀемерал кӀвар бугел лъугьа-бахъиназдалъун: зобал, ракь, малаикзаби, тӀоцевесев инсан – Адам авараг вижи. Гьеб къоялъ къабул гьабуна Аллагьас () Адамил тавбу, ТӀадегӀанав Аллагьасул () хIалкIоялдалъун Аюб авараг хӀикматаб къагӀидаялъ сахлъана. НухӀ аварагасул гама тIупаналда хадуб Жуди мегӀералда тIад чIана. Юнус авараг киталда жанисан къватIиве вачIана. Сулейман аварагасе ханлъи щвана, гьесие мутӀигӀлъана гьуриги, жиналги, хӀайваналги.

Гьеб къоялъ гьаруна Муса авараг ва гьесул муридзаби фиргIавнил аскаралдаса хвасар. Гьебги буго Аллагьас ﷻ гьезда цебе ралъад рагьун, хадур лъугьарал фиргIавнил бо гъанкъизари. Гьеб лъугьа-бахъин лъугьана иманалда щулаго ругезе Аллагьас ﷻ гьабулеб кумекалъул гIаламатлъун. Живго Мусацаги, Аллагьасе ﷻ рецц гьабун, гьеб къоялъ кIал кквейги чIезабуна, хадусел жамагIатазда гьоркьобги гьеб гIадат цIунана.

ГIажаибаб жо, ислам бачIиналде рукIарал мажусиязул къурайшиязцин гьеб къоялъул адаб гьабулеб букIана ва гьелда кIал кколеб букIана. Гьединго щибаб соналъ КагIбаялъул тIадкъай цIигьабиялъулъ гьеб къо тIаса бищулеб букIана. МухIаммад аварагас ﷺ Мадинаялде гьижра гьабун гьеб гIадат къабул гьабуна ва ГIашураялъ кIал кквезе лъикIаблъун бихьизабуна жиндирго умматалъе. ХIадисалда рекъон, гьеб къоялъ кIал кквеялъ тIубараб араб соналъул мунагьал чурула. Бищун лъикIаб буго жибго ГIашура къоялъ гуребги гьелдаса цебесеб ва хадусеб къоязги кIал кквезе. Гьебги цогидал диназдаса ратIарахъизе рукIине.

КIал кквей гуребги, гьеб баракатаб къо ккола хасаб сахаватлъиялъул заманги - хъизан рази гьабизе, гIагарлъиялъе кумек гьабизе, къварилъи ккаразе садакъа кьезе. Гьединал лъикIал ишаз гьеб къоялъул рухIияб кIвар цIикIкIинабула, гьелъ муъминзабазда ракIалде щвезабула Аллагьасул лъугIи гьечIел рахIматал ва жидее кьуралщинал нигIматазухъ гьесие рецц гьабиялъул кIвар.

МухIаррам моцIалъ ТIадегIанав Аллагьас Муса аварагасе бергьенлъи кьуна капурзабазул цевехъан, Аллагьасул ﷻ тушман фиргIавнида тIад. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Гьев фиргIавн вукIана ракьалда тIад зулму ва пасалъи гьабулел гIадамазул бищунго залимав», - ян. (Сура «Ал-Къасас», аят 4)

«Гьесул тухумалда вукIине вуго фиргIавнил ханлъи биххизабулев гIолохъанчи» абун Ибрагьим аварагасдасан лъараб жо сабаблъун, фиргIавница Исраилил лъималазе вахIшиго зулму гьабуна. Гьеб хабар щведал, фиргIавница амру гьабуна, жиндирго ханлъи цIунизелъун, гьавунщинав вас чIвазе.

Амма киналго цIодорлъабазул тадбирал гIададиселлъун рукIуна Аллагьасул ﷻ къисматалда цебе! ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ бокьана гьеб лъимер фиргIавнил рокъоб гIезе ва гьесул квен кваназе. Мусал эбел къинлъараб мехалъ, гьелъ, фиргIавнил амру лъан, жиндирго къинлъи бахчун буго. Гьелъие Аллагьас ﷻ кумекги гьабуна.

Лъимер гьабураб мехалъ эбел къварилъиялда йикIана. Нилалъул рагIалда гIумру гьабун, Аллагьасул илгьамалдалъун гьелъ гъамас хIадур гьабуна. Лъимер кваназабулебщинахъе, гьеб жанибги лъун, кварги бан гIурулъе биччалеб букIана гьелъ гъамас. Амма цо къоялъ гьелда квар бухьине кIочана ва лъеца лъимерги бачун ана. Гьеб ана Нилалъул рагIалда букIараб фиргIавнил кIалгIаялде. Гъамас рагьидал гьелда жанив берцинав вас ватана. Гьев вихьидал фиргIавнил чIужу Асиятил гьесда ракI гурхIана ва жиндиего васлъун тезе бокьана.

Гьеб лъимер чIвазе фиргIавние бокьун букIаниги, гьесул чIужуялъ абуна: «Дирги дурги беразул рохел, чIваге гьев! Щиб лъалеб, гьес нилъее пайда кьезе бегьула», - ян. Къуръаналда абухъе, гьелъие гьесдаса пайда щвана – Муса авараг сабаблъун гьелъ иман лъуна ва Аллагьас ﷻ гьей алжаналде лъугьинаюна.

Лъимер кваназабизе лъугьиндал, гьелъ инкар гьабуна руччабазул карандаса рахь хахизе. Хьул къотIиялъ гьей гIедегIана гьеб хахизабизе цониги чIужу ялагьизе. Лъимер фиргIавнил рокъоб букIин лъарай Мусал эбел цIакъго чарахун лъугьана. Гьелъ жиндирго яс йитIана васасул ахIвал-хIал лъазабизе.

Гьеб заманалда Мусал яцалъ, жиндирго вацги лъан, абуна: «Дица рачинищ нуж гьев вас жидеца хахизавизе рес бугеб хъизамалде?» - абун. Гьедин Мусал эбел кIалгIаялде ячIана ва Мусаца эбелалъул керенги хахана.

Мун щий кколейин абун фиргIавница гьикъидал, гьелъ абуна: «Дир каранзул рахь махI берцинаб буго ва дирги махI берцинаб буго. Дица керен кьураб цониги лъимералъ дир керен хахичIого толаро», - ян. Цинги Муса хахизе гьелъухъе кьуна ва гIемерал сайгъаталгун рокъое йитIана. Гьаб амруялъул бицун ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дица Муса жиндирго эбелалъухъе вуссинавуна гьелъул бер боххизе ва гьей пашманлъичIого йикIине», - ян. (Сура Ал-Къасас», аят 13)

Гьедин Муса гIуна Аллагьасул ﷻ цIуниялда гъоркь, битIахъего фиргIавнил кIалгIаялда, бищунго лъикIаб квенги кванан, лъикIаб ретIелги ретIун. 40 сонги бан, камиллъиялде вахиндал, Аллагьас ﷻ гьесие сайгъат гьабуна гIакълуги, гIелмуги, авараглъиги.

Цо къоялъ Мусада вихьула мисриялъулас жугьутIав вухулев. Кумек гьаридал, лъачIого зулмучи чIвала Мусаца. ФиргIавнидаса рецIел босиялдаса хIинкъун, Мисриялдасаги лъутун Муса ана Мадяналде, Аллагьас цебего ШугIайб аварагасул къавм тIагIинабураб шагьаралде. Гьениб Мусаца ригьин гьабуна, бахIаралъул инсул шартIалда, 10 соналъ магьр хIисабалда жиндирго чахъабиги хьихьун.

Гьеб болжал лъугIун хадуб Аллагьас ﷻ Мусаде амру гьабуна битIараб диналде ахIигун фиргIавнихъе вуссин. Амма фиргIавн чIухIана ва Мусал ахIи нахъчIвана. Гьелде тIадеги хIукму гьабуна къуваталдалъун дандечIей гьабизе. Цинги Аллагьас ﷻ Мусаде амру гьабуна иман лъуралги ракIарун Шамалде (Сирия) аян.

ФиргIавн аскаргун гьезда хадув ана. Ралъдал рагIалда гьев Мусада хадув гъуна. Кваранабги квегIабги рахъалда мугIрул, нахъасан гIагарлъулеб фиргIавнил аскар. Амма Мусаца абуна: «ХIакълъунго, дир БетIергьан дида аскIов вуго, Гьес дун нухда вачина!» - ян.

Аллагьасул ﷻ амруялдалъун Мусаца жиндирго гIанса лъеда кьабуна ва ралъад хIикматаб къагIидаялъ батIа-батIалъун, анцIила кIиго бакъвараб нух лъугьана. Исраилил лъимал ралъдал рагIалдасан ана. ФиргIавнги гьесул аскарги гьезда хадур лъугьана, амма муъминзабазул ахирисев доб рахъалдехун лъугьиндал, лъим къана, хадур лъугьанщиналги гъанкъана.

Гьедин Аллагьас ﷻ жиндирго аварагасе ва гьесул къавмалъе бергьенлъи кьуна, фиргIавнги гьесул тIолабго аскарги тIагIинабуна. Гьеб кIудияб мугIжизат ккана МухIаррам моцIалъул 10 къоялъ.

ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ баркалаялъул гIаламатлъун букIине Мусацаги гьесул муридзабазги гьеб къоялъ кIал ккуна.

 

ГIашура къоялъ цIалулеб дугIа:

ТIоцебе цIалила 70 нухалъ «ХIасбуналлагьу ва нигIмал вакил, ва нигIмал мавла, ва нигIма ннасир». Хадуб, 7 нухалъ гьаб дугIа цIалила: «СубхIаналлагьи мильаль мизани ва мунтагьал гIилми ва маблагъа рриза, ва зинатал гIарши, ла малжаа ва ла манжаа мина ллагьи илла илайгьи, субхIаналлагьи гIадада шшафгIи вал ватри, ва гIадада калимати ллагьи таммати куллигьа. Асъалука ссаламата бирахIматика я архIама ррахIимин. Ва ла хIавла ва ла къуввата илла биллагьил гIалиййил гIазим, ва гьува хIасби ва нигIмал вакил, ва нигIмал мавла, ва нигIма ннасиру ва салла ллагьу гIала саййидина МухIаммадин хайри халкъигьи ва гIала алигьи ва сахIбигьи ажмагIин».

 

Жабир Мажидов

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...


Аварагас ﷺ гьижра гьаби

Гьижраялъул бицунелъул нилъеда лъазе ккола гьеб цIакъ захIматаб иш букIараблъи. Маккаялдаса Мадинаялде гIага-шагарго буго 450 километр. ХIежалде щведал нилъ Мадинаялдаса Маккаялде уна машинабаздаги рекIун ва нухда бала 7-8 сагIат, кутакалда сваказеги свакала. Гьанже хIисаб гьабе, багIарараб...


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...


Медалалдалъун кIодо гьаруна

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул медаль ва цогидалги шапакъатал кьуна «Инсан» фондалъул хӀалтӀухъабазе ва кумекчагIазе. Медалалдалъун кIодо гьаруна СВОялъул заманалда гьез гьабураб ва гьабулеб бугеб кумекалъухъ, гьединго, ВатIаналъул унго-унгоял патриотал жал рукIин бихьизабулеб...


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...