Аслияб гьумералде

ТIоцебе рузман бараб

ТIоцебе рузман бараб

Ислам загьирлъидал тIоцебе бараб мажгит ккола аль-Къуба. Гьеб ккола аварагас гьижра гьабулеб мехалда бараб мажгит. Мадинаялдаса гIемер рикIкIад гьечIого буго гьеб. Чара гьечIого ислам цебетIезе букIиналъе гIаламатлъунги ккана гьеб мажгит бай.

Маккаялдаса Мадинаялде гьижра гьабурал тIоцересел мугьажираз Къубаялде щведал, гIадамаз чамасдак бакъвазабулеб бакIалда ралаан какал. ГIумар-асхIабгун ругел тIоцересел мугьажиразе имамлъи гьабуна Абу ХIузайфал тархъанлъарав лагъ Салманица. Маккаялдаса гьижра гьабуразда гьоркьов бищун лъикI Къуръан цIалулевлъунги вукIана гьев. Хирияв авараг Къубаялде вачIана рабигIул авалалъул бакьулълъиялда, итни къоялъ. Гьенив авараг чанго къоялъ Кульсум ибн Хидмал рокъов чIана. Исламалъул тарихчагIазул хилаф буго аварагас Къубаялда чан къо барабин абураб суалалда тIасан. Цояз абула анцIго къо банин, цогидаз бихьизабула анцIила ункъо къо банин.

ТIоцебе гьижра гьабурал асхIабзабаз как бараб бакI хирияв аварагас мажгит бан гIатIид гьабуна. Лъебералда кIиго метр гIатIилъуда ва квадраталъул формаялда бугеб мажгит лъугьана гьелъул. Гьеле гьеб мажгиталъуб аварагас цебехъанлъиги гьабун бана тIоцебе рузманалъул какги. Гьижра гьабун хадуб аварагасул гIадатлъун лъугьун букIана гьеб мажгиталде цин шамат ва цинги итни къояз ин. Цин рекIун, хадуб лъелго унаан авараг гьениве.

Аварагасул хIадисалда буго: «Щив чи вугониги жинца камилаб какиеги чурун Къубаялъул мажгиталда как барав, гьесие гIумра гьабурабгIанасеб кири хъвала», - ян (ибн Мажагь,Тирмизи).

Халифлъун вугеб мехалда ГIумар-асхIаб щибаб итни ва хамиз къояз унаан Къубаялъул мажгиталде. ГIусман-асхIабасул ва ГIумар ибн ГIабдулгIазизил бетIерлъиялда Къуба мажгиталъул ракь жеги гIатIид гьабуна. Гьижрияб тарихалъул 1245 соналъ Къубаялъул мажгит СултIан МахIмуд КIиабилесул буюрухъалдалъун цIидасан бана. Гьелдаса хадубги сагIудиязул хIакимзабазул буюрухъалдалъун, Къубаялъул мажгит биххана ва гьелъул бакIалда гургинаб тIох ва кIиго минара бугеб цIияб мажгит бана.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...