Аслияб гьумералде

ГIазизай эбел

ГIазизай эбел
Эбел, дур гьурмада гьел рукӀкӀалаби,
РикӀкӀине щварабго щаклъи ккола дир,
Щуявго васасул сайгъатал ругин,
Соназ данде гьарун дуца цӀунарал.
ЦӀикӀкӀун ратарабго рукӀкӀарал кьерал,
КьертӀун валагьула гьезухъ нечадго,
Нижер гӀайибазул гӀузрабаз лъурал,
ЛъалкӀал ратилин ккун раккарал къватӀир.
КӀазикьан раккарал хъахӀал расазги,
Хъвала дир ракӀалда рукӀкӀеналъ гӀадин:
Ратизе гурин гьел нижер гъалатӀаз,
Гъалазда гъорлъ тарал гъулбасалилан.
Гъулукал беразулъ бихьула дида,
Бахьи гӀураб бихьун гӀорцӀун гьечӀеллъи.
ГӀажаибаб берзул балагьиялъулъ,
Баянлъула рекӀелъ бугеблъи рокьи.
БахӀараб замана захӀмат иналъул,
Загьираб гьеб хӀасил халлъула рекӀелъ.
ХӀалхьи хвезабурал хасалил сардаз,
Свине гьабураб нур ссудула каранлъ.
ХӀеренал квераца кодоре рачун,
Кинида рущарал щуялго чанцӀул?
ЧӀамун кваназе кьун, кинидахъ кӀусун,
КӀикӀараб чан гьулак квер собозегӀан.
Рахъун кинидасан карандеги къан,
Канлъи биччазегӀан бачараб чан ахх?
Бадисан гирулел магӀил гаралгун,
Гор чанцӀул сверараб сардил макьу тун?
Сабураб гьурмадул гьимиялда гъорлъ,
ГьитӀинабго тӀанкӀалъ тӀатинабула,
ТӀолабго гӀумру кьун гӀезаруниги,
ГӀураб жаваб нижер жеги щвечӀеблъи.
Щуявго васасул баркала эбел,
БахӀараб гӀумру кьун гӀезе гьарурай.
ГӀазизай, хӏалимай, хӀеренай эбел,
Дур хӀурмат цӀунизе хӀадур руго ниж.

САГIИД ОРДАШОВ, ИЧИЧIАЛИ РОСУ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...