Аслияб гьумералде

АхIмад афандиясде (къ.с.)

АхIмад афандиясде (къ.с.)
АхIмад-хIажи афанди -
Аллагьасул мун вали,
Ладунияб гIелмуялъ
ГIамал берцин гьабурав.
Баракатал гIамлъарав,
ГIалимзаби хирияв,
Сирриял хIикматазул
ХIелмуялъул мубарак.
Кинабниги рахъалъан
Нураниял мисалал,
МухIканго жинца ккурав
АхIмад-хIажи афанди (къ.с.).
Илагьияб гьайбаталъ
Гьалмагълъи берцинлъарав,
Амирул муъминина -
АхIмад-хIажи афанди (къ.с.).
Щукруялде ахIарав
АхIмадил варисги мун,
Вилаятазулаб ицц -
АхIмад-хIажи афанди (къ.с.).
ЗахIмалъаби раччарав,
Шубгьалъаби рокьичIев,
Расуласде щвеялъе
ЛъалкI жинца нахъе тарав.
Лъалелда гIамал гьабун,
Бусурбаби хадур цIан,
Диниял умуразулъ
Уммат щула гьабурав.
Берцинлъаби загьирав,
Зулуматал рихарав,
МагIрифаталъул агьлу -
АхIмад-хIажи афанди (къ.с.).
Пайдабазул мун гъамас,
Фуюзатал гьарзаяв,
ХIакъав нижер муршидги -
АхIмад-хIажи афанди (къ.с.).
Гьарараб дугIаялъе
ГIаламатал лъугьарав,
НасихIатазул шайих -
АхIмад-хIажи афанди (къ.с.).
Имамзабазе мисал,
Муридзабазул устар,
Муфтизабазул манбагI -
АхIмад-хIажи афанди (къ.с.).
Шамилил улкаялда
Ислам камил гьабурав,
ГIалимазулги устар -
АхIмад-хIажи афанди (къ.с.).
ГIарабалгун гIажамал,
ГIалам бохизабурав,
Бусурбаби разияв -
АхIмад-хIажи афанди (къ.с.).
Назму хъванин абун
Хъвалеб жо лъугIиларо,
ЛъугIи гьечIеб дур баркат
Киназего хIакълъаги
Машайихал тIаса лъугьун
ТIолалго разилъаги,
Гьезул адаб гьабизе
Аллагьасго тIамеги
Загьирги ,батIинги
Жидер камилал,
Русулазул ирсилал
Аллагьасде аманат.

МУХIАММАДХIАБИБ САГIИДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...