Аслияб гьумералде

Къваридаб къисмат

Къваридаб къисмат

Къваридаб къисмат
Къваридаб буго къисмат
Ахирал гьал соназул,
СогIаб бачIуна хабар
РикIкIадасан рокъобе.
Дару гьечIел унтабаз
Тункун, кьабун машиназ,
Щибаб къоялъ ракьулъе
Босун унеб буго халкъ.
Рохьал цIадуца рухIун,
Росаби лъеца гъанкъун,
ТIабигIаталъул гIамал
ГIажаибго хисана.
ГIажаибго хисана
Хасият гIадамазул,
ГIадлу, ритIухълъи буго
Къо анагIан чIунтулеб.
Хваразухъ гIащикълъараб
Хадуб бачIин бицараб,
БачIун щун бугогури
Гьанже доб Ахирзаман.
Зулмаби гьарзалъараб,
РитIухълъи загIиплъараб,
Рагъ-кьалаз улкабазда
Кверщел кидаго ккураб.
Киналъего хIал кIолев
Къудраталъул БетIергьан,
Дуца АхIмадил уммат
ЦIуне балагьаздаса.
ЦIуне, Дуца, Дагъистан
ТIолго квешлъабаздаса,
Квешалде халкъ ахIулеб
Къосараб къавмалдаса.

ИБРАГЬИМ МУХIАММАДОВ, ЦIУМИЛУХЪ РОСУ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...