Аслияб гьумералде

Эбелалъул бухIи

Эбелалъул бухIи

Эбелалъул бухIи

Гьардарав гуревдай Адам авараг,

Эбел къанщулелъул къаданив чIечIев.

Гъаримай гурейдай Адамил ХIава,

Гьелъул тIагIамалъул тIокIлъи бихьичIей.

 

Эбел камураца керен бихьула,

Заман бахъарабгIан бухIулеб бугин.

Эбел, дуда хадуй хвелилан гуро,

Холарей мунин ккун боссе щвечIо лъай.

 

НигIматал рикьулеб кьодул сак тIуна,

Дур беразул тIелхал тIатIала ккедал.

РахIматал рорцунеб роцен бекана,

Баркат бугеб кверзул квали лъугIидал.

 

Маржанал жемулеб жавгьарул габур,

Нуралъе цIунарай цIар бугей, эбел.

ЧохтIо жанир цIурал чилайдул гъалал,

Малайкзабаздацин рихьичIей эбел.

 

Эбел, гьарай-дарман, Алжаналъул пихъ

БецIцIун тIагIаниги тIагIам холарей.

Эбел, гьарай-дарман, нуралъул хIуби,

Канлъи тIагIаниги кунчIи ссунарей.

 

Эбел йигеб гIумру – бакъул дуниял,

Сундулъго нижее ургъел толареб.

Эбел гьечIеб гIумру - чIегIераб сордо,

РекIей рохел гьечIеб, баркат лъугIараб.

 

Эбел йигеб заман – Зам-замалъул ицц,

КигIан гьекъаниги къеч буссунареб.

Эбел, мун йигелда къо релълъунаро,

Къварилъи бицине, ургъел бикьизе.

 

Дуде чучанани чапун биунеб,

Чармил гулла буго гьанже каранда.

Гьикъизе мун гьечIел мекъи кканани,

Малаикзабаца гIайиб чIваладай?

 

ЖужахIалдаса ниж цIунизе ккани,

Жий юхIеян абун ячIуней эбел.

Дуца нижей гIоло рорчIарал сардал,

ГIарщалъул рагIдукье кьижизе щваги.

 

Эбел, мунгун квараб тIагIам батIияб,

ТIолго гIалам гьелъул махIалъ гIорцIулеб.

Мунго якъунги чIун нижей квен кьурай,

Кьеги хIурулгIиназ Алжанул нигIмат.

 

АлхIамду, рецц Дуе, хирияв Аллагь,

ХIабиб МухIамадил умматлъун рати.

Эбелалъул бухIи жидеда лъачIел,

Адамилгун ХIавал лъимал ниж рати.

 

Жапарат ХIадисова, Шамил район, Гьандихъ росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...