Аслияб гьумералде

Лъим кIанцIи

Лъим кIанцIи

Март моцIалъул къоло ичIабилеб къо,

Къаси бачIун щвана Бичасул салам.

Сабурго жамагIат къватIиб бахъана,

Берцинаб тIабигIат бихьизабуна.

 

БачIун щун бугелъул, щиб гьабилебан

ХасмухIаммадихъе хабар битIана.

Гьес «истихфар» гьабун жаваб бачIана

Бажарарав чияс росу тейилан.

 

Руччабигун лъимал, унтарал, херал,

Хехго «Камазаца» къватIир раччана.

Росу рехун течIо гIолохъабаца,

ГIураб жигар бахъун рекерахъдана.

 

Богол как бан хадуб хатму гьабуна,

ХIинкъи цIикIкIанагIан гьабизе лъикIаб.

Лъехъ балагьичIого, нахъе къачIого

Хвасарлъизабуна гIемер гIи-боцIи.

 

СагIатгун бащдалде кодоб босараб

Лъел къадар букIана метрагун бащдаб.

Амма хабал агьлу, мажгит-мадраса

ХIалкIолес жинцаго нахъе цIунана.

 

Къойил руччабаца иргаги гьабун,

Лъабабго ригьалда квен чIезабуна.

ТIаде вачIанщинав гьобол-гьудулги

Хинаб квен кьечIого нахъе витIичIо.

 

Аллагь разилъаги, ургъелги бикьун

Нижги кIодо гьарун гьанире щварал.

Щвараб ризкъиялда баракат лъеял,

Лъималаз адаб ккун рохизареял.

 

МагIарулав абун, гIурусав абун,

БатIалъи гьечIого кумек гьабуна.

ГIалимзаби рачIун, муфтият хIалтIун,

ХIалкIвараб жо буго жакъа гьабулеб.

 

Балагьги гьаб гуро, рахIматлъун тела,

Къварилъиги гуро, гIатIилъи буго.

ГIаданлъи, яхI-намус Дагъистаналда

ЛъугIун букIун гьечIо, АлхIамдулиллагь!

 

ГурхIел-рахIмуялъул, цIоб гIатIидазул

Фондаз буго жакъа кумек гьабулеб.

Хасго «Инсан» фондалъ гьабулеб кумек

Киназдаго лъала, балъгояб гуро.

 

Нилъ цоцалъ цолъизе, берцин хьвадизе,

Берцинал ахлакъал чорхолъ рижизе.

Тавбу камиллъизе, шукру цIикIкIине

Ккараблъун батаги, ниж рази руго.

 

ГIурхъи-рахъго гьечIеб шукруги буго,

Щивго чи гьоркьоса вахъун ккечIелъул.

Цебе рии буго, багIари щвела,

Берцинго рукIина, рекъон хьвадила.

 

 

ГIусманхIажи, ЦIиликь росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...