Аслияб гьумералде

Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ рехсей
«Ва рабитIу» - ян абун, «Ва рабатIна» - абурал
РабитIаялъе далил  гьел  аятал  гIеларищ? 
«ИттабигI сабила ман анаб» - абураб аят,
«Гьал аттабигIука» - ян цогиги аят буго.
«Улаика ллазина гьада гьумуллагьу» - ян
«Къул гьазигьи ссабили адгIу ила ллагьи» - ян.
Гьел гурелги аятал, хадурго цун хIадисал, 
РабитIаялъе далил гIемераб  бакIихъ буго. 
«Важагьиду фи ллагьи» - нужод гъазават гьабе -
Загьиралгин батIинал тушманзабазда данде,
Нилъ чIван, нилъеца гъурун хвалчад гьарулел рагъал,
Загьираб ва гьитIинаб гъазаватан цIар буго.
Аллагь лъай тIалаб гьабун нафс шайтIадехун рагъал
БатIинаб ва кIудияб гъазаватан цIар буго.
Гьаб аяталъе тафсир хIадисги гьедин буго.
Сур «ХIажалъул» гьаб аят «Савиялде» балагье.
«Ва ман жагьада, фаиннама  йужагьиду линафсигьи»
Гьаб аяталъ бицуна гъазават кIиго букIин, 
Гьава-нафс шайтIадехун гьабулеб гьаб гъазават, 
КIудияб гъазаватан гьанибги бицун буго. 
Кафуразул рагъдаса руссингун асхIабзабаз, 
КIудаб гъазаваталде руссаян абулаан,
Гъазаватал гьаризе имам вукIин шартI буго, 
Имам гьечIеб гъазават гъазаватлъун кколаро. 
ТIинаб гъазаваталъе къваригIунев гьев имам, 
КIудаб гъазаваталъе чараго гьечIев вуго. 
АЛЛАГЬасде унеб нух гьукъарал ва къуватал, 
Тушбаби къезарулев имам муршидин кколев. 
Гьел гурелги аятаз Къуръаналда баянго, 
Бицун буго нилъее шуйухазул хIакъикъат. 
Амма шайихзабазе изнуги хIажалъула, 
ХIажалъиялъе баян балагье Къуръаналде. 
«Я аййугьа ннабиййу инна арсалнака» - ян
Абураб аяталде «АхIзабалде» балагье, 
Гьелъие бугеб тафсир «Савиялде» балагье, 
Изну чара гьечIого хIажалъулеблъи лъазе. 
Изнуги шайихасе, диваналъул агьлуялъ, 
Цин цебе хIукму гьабун хадусайин гьеб кьолеб. 
Гьал нилъер муршидзаби Аллагьасде щвезегIан, 
Изнуялъул силсилат цоцалъ хурхарал руго. 
Изну гьечIев шайихги шайтIаналъул вац вуго, 
Гьес малъухъе хьвадарав шайтIан ккаралъув кколев. 
Шайихзабазе ругел рекIел беразул канлъи, 
Кинабго гIалам гьезда ракIалдалъун бихьула. 
«Къул гьазигьи ссабили» - аят гьелъие далил. 
«Юсуфалде» балагье, басират букIин лъазе. 
Кинабго заманаялъ, кинабгоги бакIалда, 
Вализаби рукIунин, гьединан хIадис буго. 
«Вамимман халакъна умматун ягьдуна» - аят,
«АгIрафалде» балагье, лебаллъи дулъ батани. 
Гьелъул тафсир «Савиялъ» цIакъго лъикI бицун буго. 
Аварагасул хIадис, гьаб тIаифа даимлъи. 
Бичасул амруялда хIакъаб куцалъ жал чIолел, 
Аллагьасул нухалде халкъ тIобитIун хьвадулел. 
Жидедехун хилифаз жал басра гьаруларел, 
Жидей зарал баларел вализаби рукIунин. 
ТIарикъатгун ХIакъикъат хIакъаб жо букIиналъе, 
Къуръаналъул аятаз баянго бицун буго. 
«Я аййугьаннасу къад жаакум мавгIизатун» 
Абураб аяталде, «Юнусалде» балагье,
МавгIизат  абулеб жо шаригIат буго нужей. 
«Ва шифаун лима фи судур» тIарикъат буго.
«Ва гьудан ва рахIматун» - хIакъикъат буго нужой.
Гьедин тафсир гьабураб «Савиялде» балагье. 
Тафсир, таъвил лъачIого магIна гьабурал чагIи, 
ЖужахIалъур жал чIолеб бакI къачIалел чи руго. 
ШаригIатин абуни - загьир бацIцIалъизаби, 
ТIарикъатин абуни - батIин бацIцIалъизаби, 
ХIакъикъатин абуни - гьелдасан щолеб пайда, 
БатIин бацIцIалъичIони, гIамал къабуллъуларо, 
БатIинги бацIцIалъизе, пайдаги хIасуллъизе, 
Устарас муридасда зикру-талкъин гьабула.

ТIелекьа Мирзал ГIабдуллагьил МухIаммад

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...