Аслияб гьумералде

Муфти Ахӏмад-афанди

Муфти Ахӏмад-афанди

Халкъалда хIакъаб нух бихьизабизе

Баккараб бакъ вуго АхIмад-афанди.

Динул исламалъе рухI къурбан гьабун,

Къо ккедал ватарав муфти вуго гьев.

 

БидгIа-гIадатазде данде рагъ балев,

Далилал мухIканав муршид вуго гьев.

Мафа́сидаз цIураб гьаб улкаялда,

ДагIват тIибитIулев да́гIи́ вуго гьев.

 

Дунял тIаде лъугьун тала гьабулеб,

Гьаб Дагъистаналъул амир вуго гьев.

ИнкарчагIи хIалтIун, хIасадчи рекъон,

Къинабулеб тIарикъ цIунулевги гьев.

 

ЦIамул гьир гIадинал бугьтанал лъедал,

Баччизе Аллагьас тавпикъ кьурав гьев.

Тавбу гьабун рачIун ракI бухIаразда,

ГурхIел гьабун толев хIалим вуго гьев.

 

ХIилла-макруялъул махI бахъаразе,

Руссине бакI течIев асад вуго гьев.

РитIухълъи бокьараз, тIекълъи рихараз,

Рохун пихъ кваналев тIуба́ вуго гьев.

 

ТIарикъат босарал, сулук хIажатал,

Тарбиялъ гIорцIулев гIа́риф вуго гьев.

ГIелму-гӏакълуялъе цеве ккаравин,

СагIид-афандияс бицаравги гьев.

 

Хучада Устарас амруги гьабун,

ГIелму ирслъун кьолев мударисги гьев.

Макка-Мадиналъул, Турки-Шамалъул,

Ашрафалги рачIун къимат кьурав гьев.

 

Россиялда ругел тIолго муфтиял,

Малъа-хъваял россе вачIуневги гьев.

Дин-ислам бичарал, боцIи хириял,

ХиянатчагIазе хвалчен вуго гьев.

 

Хирав ХIабибасул ﷺ мисал босарав

ТIабигIат дурусав вали вуго гьев.

Расулуллагьасул асхIабзабазул

Асарал цIунарав Амин вуго гьев.

 

Насабгун силсилат ТIагьаде щварав,

Ишкал тIад хутIичIев шариф вуго гьев.

Унта-щокълъаразул къварилъи цӏехон,

Цӏияб азархана рагьаравги гьев.

 

Мискин-пакъиразе квербакъиялъе

Байтулмал гIуцIарав ГIа́мил вуго гьев.

Миллатал гӏемераб Дагъистаналда

Рагъуе нух къарав сангар вуго гьев.

 

Сиясат камилав, калам гьуинав,

Унтарал ракӏазул дарман вуго гьев.

Даират гIатIилъун, давлат халалъун,

Сахлъиялда таги нижер КIудияв.

 

Мурадал хIорлъаги хIасадчагIазул,

ХIасил мекъи ккаги мунапикъазул.

 

 

МухIаммад,  Тӏелекь росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...