Аслияб гьумералде

Рецц буго, дуе, БетIергьан ﷻ

Рецц буго, дуе, БетIергьан ﷻ

Рецц буго, дуе, БетIергьан ﷻ
Иманалда ратидал свалат аварагасде, 
Исламалде ахIидал ХIабибасул умматлъун,
Ниж рижарав мун, Аллагь, алхIамдулиллагь, Дуе,
Рази руго ниж, Аллагь, Дур лагъзал рукIиналда.
Дунял-гIаламалъего рахIматлъун жив витIарав, 
ТIабигIатлъун жиндие Дур каламги букIарав,
БахIарчияв, гIакъилав, гIадамазе хIалимав,
ХIажаталъув ватулев, сахаватав, гIадлуяв.
Къуръан гIаламалдаго тIибитIизе гьабурав,
Гьединав расуласул агьлулъун ниж гьаридал,
Рецц буго, Дуе, Аллагь, алхIамдулиллагь,
ХIабибасул шапагIат щвезе гьабе нижее. 
Гьесул Кавсаралъул лъим гьекъолездаса гьаре,
Гьевгун цадахъ Дур рагьдухъ рахъун чIезеги гьаре.

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...