Аслияб гьумералде

Тоге гIибадат рехун

Тоге гIибадат рехун

Тоге гIибадат рехун
ГIумрудул къоял лъугIун,
Лъела хвалил бусада.
Бичасул къадар щведал,
Щвела дихъе ГIизраил.
ЛъикIал-квешал киналго,
Ккарал дихъа пишаби,
Пирхараб пири гIадин,
РачIун цере гьел чIела.
ЧIунтаяб дир къаркъала,
Къваридго ракI лъугьина,
КъваригIел гьечIебщинаб,
Гьениб гIемер батидал.
Бицараб рагIи букIа,
Балагьараб бер букIа.
Бегьулареб саяхълъи,
Свера-тирун заман чIвай.
Какил кIварго гьабичIо,
КIалал кквезе бокьичIо.
Бокьараб гьабе абун,
Биччан тана дирго напс.
Теян абураб гьабун,
Гьабеян абураб тун,
Тана гIумрудул сонал,
Нахъа хвел букIин кIочон.
Халикъасда цеве щун,
Щиб хIалдайха букIина,
КIудияв дир БетIергьан,
ТIаса лъугьинчIонани.
Гьанже бокьилаан дий,
Дагьалъ хвел нахъбахъизе.
Халикъ дида разияб,
ГIамал гьабун хьвадизе.
ГIибадат мухIкан гьабун,
Гьарурал мунагьазда,
РакI бухIун тавбу гьабун,
Гьедин къоял тIамизе.
Дир къисмат гьадин ккана,
Кинниги хьулги буго
РухI иманалда босун,
БетIергьан гурхIиялда.
ХIабиб нилъер авараг,
Аллагьасда цеве чIун,
ШафагIаталъ восизе,
Изну тIалаб гьабилин.
ТIадруссин гьечIел къоял,
Къваридго вуго гьанже.
Къимат гьабичIеб заман,
Гьелда ракI бухIун вуго.
Воре, диналъул агьлу,
Аллагь кIочон хьвадуге.
КIудияб ГIарщалъул Хан,
Халикъ ракIалда вукIа.
Дица гьанир хъван тарал,
Мухъазул хIисаб гьабун,
Гьабе ножеца гIамал,
ГIарасалда рохулеб.
Халикъасул гурхIелгун,
ХIабибасул шапагIат,
Щвезе бокьун батани,
Тоге гIибадат рехун.
ГIумру тIаса унеб жо,
ТIаде хвел бачIин хIакъаб.
ХIакъав Бичасда цере,
ЧIезе рукIин кIочонге.
КIудияб хIинкъи бугеб,
МахIшаралъул къоялде,
КъачIан хIадурлъи гьабе,
Гьарула, бусурбаби!

МухIаммад Ражабов, ТIелекь росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...