Аслияб гьумералде

Шамил имамасде

Шамил имамасде

Дида дирго рокъоб, къадада бараб,

Къуватав Шамилил сурат кIалъана.

МугIрузде щущараб кьварараб гьаракь,

Гъугъадулеб зоблъун тIибитIун ана.

 

Дица гьал мугIрузул гIадатал цIунун,

ХIехьанщинаб унти каранзул рекIелъ.

Кодоб хвалчен кквезе гьунар букIаго,

ХалгьабичIо ругънал черхалда лъурал.

 

Дица чIерги букъун, чохьол бицинчIо,

Чанги ракъи бергьун хIал дагьлъаниги.

ГьитIинав СагIитги мугъалда ваччун,

Гъурана тушбаби, таричIо дир ракI.

 

Капурзаби тIолго тIаде рачIиндал,

КIанцIана гIордасан цояб рахъалде.

"Эркенлъи яги хвел" - дир ахIиялда,

АхIулгохIда тарал дол шагьидзаби.

 

Бадиб кIазги бухьун кIанцIана дир яц,

Асирлъуде инчIей, кьурса гIодое.

МагIаруллъи цIунун, аманаталъе,

Угьдилей эбел тун, витIана Жамал.

 

Жагьиллъи, хIелхIеди ва хIалихьалъи

ХIехьезе кIолареб гIамаллъун ккана.

ГIазаб, къварилъиялъ къан цIунаниги,

Къеркьей дир букIана дин-ислам цIунун.

 

ЦIумаз бусен лъолеб борхалъабазда,

БахIарзал рахъана дир гъазизаби.

Гъурун лугбалги ран, лъукъ-лъукъун ругел,

Лъазе биччачIо хIал рухI бахъизегIан.

 

ГьитIинаб Дагъистан, дур къо хIехьеялъ

Къоло щуго соналъ лъураб гъазават.

Гъар-гъар черхалъе щун, чапун гIетIги бан,

ЦIалана доб рагъул тарих цIехолез.

 

Дица гIагараб ракь кверде унелъул

Кавказалъул тIогьиб кенчIезабуна.

Киналго диналъул къанунал цIунун,

Къорикье биччачIо дов пачаясул.

 

Чилъиги, ияхIги, бахIарчилъиги,

АхIулгохIда тараб хIакъикъат нужей.

ХIетIе тIад чIезе бакI гьоркьоб гьечIого,

Хобалазул цIурал дол зияратал.

 

Жакъа дие хабалъ бакI гIолеб гьечIо,

ЧIагого хваразул занал цере чIун.

ЧIвадарухъан, цIогьор, гьерсихъанилан

Хъван ругел цIаразухъ халгьабулаго.

 

Дие жакъа хабалъ бакI гIолеб гьечIо,

Хвалчен рекIинабун гъазават лъезе.

Гъазизабаз гьаб ракь чорхол рухIги кьун,

Ирсалъе таразул тамахлъи бихьун.

 

 

ХIава Таймасханова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...