Аслияб гьумералде

Унел руго къоял…

 Унел руго къоял…

 Унел руго къоял…

Ина къоял къокъун, къокълъила гIумру,

Къадаралде щолеб щвела замана.

Зодихъ бакъ тIерхьина, моцI баккиларо,

ЦIвабиги кунчIи ссун, кирго рилила.

 

Къина нилъей гIорал, тIагIина лъарал,

Берцинаб тIабигIат бецIлъун бихьила.

Бихьизе риччарал нилъ дунялалде

Циндаго дуниял дур гуреб лъала.

 

Гьаб гIумрудул ахир - ахират-авал,

АскIов щивго гьечIеб, огь, чIобоголъи,

ЧIаго ругел мехалъ къимат гьабичIеб,

Ахирисеб хIухьел, хIалалъ унеб рухI.

 

ЦохIо мунги, рухIги, цохIо Аллагьги

ГьечIеб дуй гьабизе лъилниги кумек.

Сверухъ ракIарарал я рокъосезул,

Я дуниял цIурал лъалел-хъвалезул.

 

Параялъ паркъила беразда цебе, 

Доб букIарабщинаб, доб тарабщинаб.   

Щибизе бокьараб гьаб кьогIаб дунял?

Вокьулев БетIергьан, гьабе цо кумек.

 

Дунялги хиралъун, хивал гIемерлъун

ГIумруялъ хьваданин, бихьила гьанже.

Аллагь гурхIалида балагьичIони,

РорчIизе бакI гьечIеб чIегIераб тIонкIо.

 

ЦохIо, кумекалъе квер кьолеб тавбу,

Кьурулъан унелъул хIетIе лъолеб хIокI.

ХIалкIолев БетIергьан, тIадегIанав Хан,

Ахираб лахIзаталъ ниж рехун тоге.

 

ХIакъаб каламалъе гIундул рахчарал,

ХIакъикъат бихьизе берал къанщарал,

Къосине тоге ниж, хирияв Аллагь,

Гьабе нижей жаваб дуде руссунеб.

 

ГIаршалъул, Курсалъул кверщел кодосев,

Гьелъул рагIад нижей щолеблъун гьаре.

Алжан-жужахIалъул хIал бугев Аллагь,

ХIалалаблъун гьабе Фирдаус-алжан.

 

Нижер мунагьазул бакIал гьираца

Гьод къулизе гьабун, хIакъир гьаруге.

Тавбу къабул гьабун, тархъанги гьарун,

Гьардарав, БетIергьан, мун тIаса лъугьа.

 

 

М. Парихан, Гуни росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...