Аслияб гьумералде

Дуе нух битIаги, рабигIул аввал

Дуе нух битIаги, рабигIул аввал

Дуе нух битIаги, рабигIул аввал

Риидалил ахир,

Ана сентябрь.

Унеб буго цадахъ

Хирияб моцIги.

 

Дуе нух битIаги

РабигIул аввал,

Араб батаги мун

Баркат нижей тун.

 

Нуж ракI бакъван гьечIищ,

Диналъул яц-вац.

Анин лъугIун нилъер

Гьаб хирияб моцI.

 

Араб батайги мун

Аллагь разилъун,

ЛъикIабщинаб гIамал

Къабулги гьабун.

 

БитIараб салават,

Кьураб садакъа,

АхIарал мавлидал

Къабул гьареги.

 

БачIаги тIадбуссун

ТIасияб соналъ,

Гьоркьоса цониги

Чи камичIого.

 

Бице нижер салам

Аварагасда.

Берзул магIу тIураб,

РакIал гIащикъаб.

 

Гьаре ХIабибасда

Ниж хIажат ругин,

МахIшаралъул къоялъ

ШафагIаталде.

 

Я, хирияв Аллагь,

ГурхIа нижеда,

Киналго хIукъукъал

ТIуран рахъинчIин.

 

ТIаса лъугьа, Аллагь,

Мун нижедаса.

Ниж - нахъзаманалъул

ЗагIипаб уммат.

 

Гьаб хирияб моцIалъ

Кьураб садакъа,

Балагьал нахъчIвалеб

Сангарлъун гьабе.

 

Дуца цIуне, Аллагь,

Гьаб Дагъистанги,

Нижер Россияги

Рагъ-кьалалдаса.

 

Дуца цIуне, Аллагь,

Дагъистан ккурал

Нижер устарзаби

Тушбабаздаса.

 

Щваги, Аллагь, нижей

Гьезул шапагIат,

ГIизраилги вачIун

РухI босулелъул.

 

 

Ханзадай Сулейманова, ХIебда росу

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...