Аслияб гьумералде

РорчIа макьидаса

РорчIа макьидаса

РорчIа нуж макьидаса, тIолго диналъул вацал,

Ракьулъе тIерхьун унеб бащдаб дунялги бугин.

Рагъарулел ракьалги, чIунтулел улкабиги,

Ралъдалъан цунамиял, гьорол, лъадал балагьал.

 

Гьеб гIечIелъуб горо-цIер - гъегъ гIадин тIаде балеб,

ГIинкъал беццал гурелъул кантIуларел нилъ кинал.

Улкаялъул загIиплъи - лъавукъал хIакимзаби,

Лъай кьолел идараби халкъалъул тушбабийищ?

 

Лъай гьечIев учителас, гьунар гьечIев тохтурас,

Сахаб жамгIият гIуцIи батIулаб амро буго.

Ричун дипломал росун, ришваталъ хъулухъ босун,

Рахъарал хIакимзабаз пайда кьелищ халкъалъе.

 

Доб гIащтIиги басиги таварихалде анин,

Гьанже хIалтIулеб тIагIел «Мерседесги» долларги.

Гьезие гIадлуялъе гIуцIарал идараби,

Гьелги мекъи хьвадани балагьал рещтIинарищ?

 

Нуж киналго гьединал ругилан абулев чи,

ТIубарав гIабдал вукIин щаклъи гьечIеб жо буго.

Кинниги нужеда гъорлъ тIибитIараб рак унтуй,

Дару нужедагIан лъикI цогидазда лъаларо.

 

ХIалихьаталги чIаран цIуне нужерго къадру,

Гьезул баркат гьечIолъи нужедего щвелалде.

Сауналгун борделал, сардие кьолел рукъзал,

Гостевой домалилан саяхълъиялъул рукъзал.

 

Гьал ночной клубалги, кафеялгун баралги,

Балагьал рещтIиналъе сабабаллъун кколарищ?

Гьурилъун тIиритIулел жинсцоязулгун ригьнал,

ЛутIил къавм гьалаглъизе гьеб гурищ сабаблъараб?

 

Нужеца къачIан тарал хIакъирлъиялъул рукъзал,

Нужерго наслабазе рогьоялъе ратила.

Аллагьас нужей кьураб бечелъиги гьунарги

Аллагь разияб хIалалъ хIалтIизабе, бахIарзал.

 

Гьелги гьезда релълъарал гIасилъабаца гурищ

Гьаб халкъалде балагьал тIаде рещтIунел ругел.

Ирангун Турция, Сирия, Палестина,

Гьал гIасилъабаз гурищ балагьалде рехарал.

 

Органал, хIакимзаби, хIал бугел идараби,

Квербакъун бажарулел тIолго диналъул вацал,

Мунагьазул кIалгIаби къазе тадбирал гьаре,

Къагьгьарасул ццин бахъун балагьал рещтIиналде.

 

Щукру гьабичIеб нигIмат тIаса ин хIакъаблъидал,

Бичас кьураб эркенлъи битIун хьвадизе гьабе.

ЦIуне, вацал, наслаби, цIуне, вацал, миллатал,

ЦIуне, вацал, Дагъистан, цIуне, вацал, дин-ислам.

 

Гъафурун РахIимасул гурхIел-рахIму букIаго,

Щукру-рецц гIемер гьабе, рахIму-цIоб даимлъизе.

АлхIамдулиллагь, РахIман, исламалда ратидал,

ЦIуне, Аллагь, Дагъистан, гурхIа бусурбабазда.

 

Хадуб свалатгин салам хирияв ХIабибасде,

Умматлъун ниж гьаридал, АлхIамдулиллагь, Аллагь!

 

 

МухIаммаднаби ГIабдулаев, ТIелекь росу

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...