Аслияб гьумералде

Гьаб дуниял цIураб нигIмат кьуниги...

Гьаб дуниял цIураб нигIмат кьуниги...
Гьаб дуниял цIураб нигIмат кьуниги
Дур бер гIорцIиледухъ мун бечелъанищ?
ХIалхьиги рахIатги къойил щваниги
Гьелъий рец гьабизе гIакълу дуй гIолищ.
ЧIаго хьолбохъ ругел эбелгун эмен
Гьезул адаб цIунун аскIов вукIанищ
Чангиязул гьечIел яцалгун вацал
Къварид гьаричIого тун бажаранищ.
ТIас йищун ячарай хирияй лъади
Жавгьар якъутгIадин дуца цIунанищ
Чангиязе кьечIел гьайбатал лъимал
Ясберлъун цIунизе къуват дур гIолищ.
Какил сас рагIидал адабги цIунун
КIалъачIого чIезе духъ бажарулищ
Гьеб ахIун лъугIидал мажгиталде ун
ДжамагIатгун цадахъ как дуца балищ.
Аллагьас тIад лъурал фарзгун суннатал
ТIаса рехичIого дуца тIуралищ
ТIадегIанав Аллагь ритIухъги гьавун
Шагьадатги битIун тавбу гьабулищ.
ТIаса бищизелъун нилъее кьураб
ЛъикIабги квешабги батIа гьабунищ
ТIаса бащанани мун мекъса кколеб
Квешлъи гIодоб тезе ияхI дур гIолищ.
Нагагь балагь щвани гьалаглъичIого
Рец гьабун кIалъазе сабру дур гIолищ
ГIакълуги къуватги цебеги гьабун
Ццин нахъе тIамизе хIал дур бергьунищ.
ГIадилав ханасул бацIадаб калам
Къойилго цIализе мун гIедегIулищ
ТIокI Гьавун вижарав хирияв ХIабиб
Къварид гьавичIого чIун бажарулищ.
Умумузул нух ккун цеве унелъул
Исламалда гьечIел гIадатал толищ
ЦIияб гIасруялъул квешал гIадатал
ГIадахъ росичIого гIодорго толищ.
Кинан бугониги тIасса жиб бугеб
Дунял гIадахъ босун воре хьвадуге
ГIадатазда рекъон дунялги гIуцIун
Ахираталъул рукъ мукъсан гьабуге.
Бицунилан гуро черхалъул гIамал
ГIамал загIиплъиялъ кIалъалев йиго
Малъулейин гуро нуж киназдаго
Диего насихIат гьабулей йиго.

ПАТIИМАТ ГIАБДУЛАЕВА УНСОКОЛО РОСУ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...