Аслияб гьумералде

Хваразул ругьел

Хваразул ругьел

Гьанир ханзаби гьечIо,

ЧIахIиял хъулбиги ран,

Хинал рукъзазда жанир,

РахIат босулел гьечIо.

 

Гьанир шагьарал гьечIо,

Хъил тIураб нух бихьичIо,

«Иномаркаги» рекIун,

Хьвадулев чиги гьечIо.

 

Хур бекьулев ватичIо,

Вецарухъан вихьичIо,

ГIи-боцIи хьихьулелги,

Дандего чIвалел гьечIо.

 

Ракьал кколев ратичIо,

Чидае зарал гьечIо,

ЖахIда-хIусуд гьабулел,

ЧагIиги гьанир гьечIо,

 

Гьаниб дагIба-къец гьечIо,

Бикъулев чи дандчIвачIо,

ЧIвадари рагъги гьечIо,

ЧIухIа-къули бихьичIо.

 

Бечедав-мискинавин,

РатIа рахъулел гьечIо,

Хирияб квана-гьекъон,

РетIа-къарав вихьичIо.

 

Дуй кумек гьабулев чи,

Гьанив вихьизе гьечIо,

ЧIаго дуца гьабураб,

ЛъикIлъи дуе хвасарлъи.

 

Дунялалда гьабураб,

Гьаниб роцада лъола,

ЛъикIабгун квешаб гIамал,

ЦIадирабазда цIала.

 

ЛъикIлъи гIемер гьабурав,

Алжаналъуве уна,

Квешлъиялда хьвадарав,

ЖужахIалъув рехула.

 

Дунял тун арал нижер,

Нужеде гьари буго,

Ахират кIочон тараб,

Дунял гьабугейилан.

 

Шагьадат дуца битIун,

Бусурманчи вукIа мун,

Какарал гIамалал тун,

Тавбу гьабунги хьваде.

 

Исламияб диналъул,

Аслаби лъан вукIа мун,

Имангун, Ислам, ИхIсан,

Черхалда щула гьабе.

 

Исламалъул рукнаби,

МухIкан тIуразе гьаре,

Шагьадат цебе битIун,

Къол щуябго какги бай.

 

Дурго боцIи-мал борцун,

Закат кьезе кIочонге,

Рес бугони хIеж гьабе,

Рамазаналъ кIалги кквей.

 

Зикру бачин даимлъун,

Свалават битIун вукIа,

Къуръан гIемераб цIалун,

ДугIа хIелараб гьабе.

 

ГIадамалъ берцин хьваде,

Хъизангун рекъон вукIа.

Чидае кумек гьабун,

Гьесул ракI бохизабе.

 

ХIалалаб ризкъи дуца,

Дуего тIалаб гьабе,

Диналъе мукъсанлъулеб,

ТIасан ккараб гьабуге.

 

Мажгитал, нухал, кьоял,

Иццазе садакъа кье.

ЖамагIат-какде хьвадун,

Кири цIикIкIине гьабе.

 

Киналго гьел гIамалал,

Хасияталлъун гьаре.

Хвалил кьогIлъи рекIелъ ккун,

Аллагьасе хIеле мун.

 

Дур рекIелъ иман цIикIкIун,

Парзгун суннатги тIубай,

Аллагьасул рахъалъан,

Алжан дуй насиблъаяв.

 

Жакъа чIаго вуго мун,

Дунялалъул канлъигун.

Метер нижер мухъазулъ,

Хоб дуй букIин хIакъаб жо.

 

Ниж цере арал руго,

Хадур нужги рачIина.

Нижер заназда хьолбохъ,

Нужерги эхетила.

 

Нуж жеги рухIгун руго,

ХIелизе заман буго.

Аллагьасде гьарде нуж,

ДугIа къабул гьабеян.

 

Хваралгун чIагоязда,

ГурхIел гьабе, БетIергьан.

Ахираталъул рокъор,

Алжан насибал гьаре.

 

Сулайман МухIамаднуров

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...