Аслияб гьумералде

Унел руго гьанже, дир гьудулзаби

Унел руго гьанже, дир гьудулзаби

Аллагьу акбаран как ахIулелъул,

Дир нусабго лага сорозабула.

Ла илагьа илаЛЛАГЬ абулеб мехалъ,

Боржуна миккилъун Маккаялде ракI.

 

Цере-цере унел харабазул тIел,

Хадубго бачIунеб гIисинаб къукъа.

Унел руго какде, кири босизе,

Алжанул махI бугеб мажгиталъуре.

 

Дун гьитIинаб мехалъ гьадин букIинчIо,

Имамасул гьаракь гьукъун букIана.

Мажгитазда кIулал, кIалазда мугьру,

Атеистаз босун букIана тIалъи.

 

Школалъул кIалтIа кIутIулеб цIумур,

ЦIалдохъаби руго дарсид рачIунел.

Учителас - ленин, эбелалъ - Къуръан,

Къойил малъулаан лъазе гьабеян.

 

БагIарал галстукал, пионераби,

Партиялъ ритIараб нухдасан унел.

ГIажаибаб заман нижер гIумрудул,

ГIурус цIали гьабун, цадахъ дин бачун.

 

Дол гьудулзабазул чиго хутIичIо,

Цере-цере ана ахираталде.

Хабал агьлуялде зигара гьабун,

Заназда гаргалев хутIун вуго дун.

 

Рагъул кавабазда кини бущарал,

ТункIил кьвагьиялъухъ кьижун ругьунал.

Фронталде арал улбулги тIагIун,

Эбелалъ керен кьун гIезе гьарурал

Унел руго гьанже, дир гьудулзаби,

Ахирияб рокъой, къо-мех лъикI гьабун.

 

Миккидул кваркьидукь тIанчIи кинигин,

Бабуда къвалги бан къаси кьижарал.

Тамахаб каранде хIухьелги биччан,

ХIеренаб бусада сардал рогьарал.

 

Бакизе печь гьечIеб чIобогояб рукъ,

ЧIабар, турут тIамун, хинлъизабураб.

 

Цоцазул цIа босун, гъансито бакун,

Квачарал хаселаз сардал рогьарал,

Унел руго гьанже, дир гьудулзаби,

Ахирияб рокъой, къо-мех лъикI гьабун.

 

Берзул магIу къулчIун ракъи хIехьарал,

Рокъоса квен тIагIун тIахьтIи буцарал.

Хуриса тIор бищун, картошка хъирщун,

Чанги хIарщ мерхьараб хIатIида гIицIго.

 

Огь, къваридал сонал, мискинаб заман,

Басрияб гурони ретIине щвечIеб.

Рукъай рараб тIажу, щинкIитIа-хьитал,

Щивниги вукIинчIо чIухIун хьвадулев.

Унел руго гьанже, дир гьудулзаби,

Ахирияб рокъой, къо-мех лъикI гьабун.

 

Гьакаца рак баччун, кутназ рекьарун,

Кверазда гьитIинго пинкьал рахъарал.

ГьоцIабахъ лал тIамун, гьабихъ гIатI ххенон,

ГIакъуба бихьарал, захIмат хIехьарал.

 

Инсул кумек щвечIел, квер нахъа чIвачIел,

ГIисинго тIегьарал тIогьолал васал.

Ургъалаби раччун херлъарай эбел,

Гьелъий налъи бецIун бахъинчIел лъимал.

Унел руго гьанже, дир гьудулзаби,

Ахирияб рокъой, къо-мех лъикI гьабун.

 

Нарти чирахъ бакун, хъвай-цIали гьабун,

ЦIияб гIумруялде гIащикъ рукIарал.

ГIелму лъазабизе, лъай щвезабизе

Школалде хьвадун, хьитал рагьарал.

 

ТIохазда расандун, къадазде ххарун,

Къецал рукIунаан рекIелгъеялъе.

ГохIда гьагу бачун, рахчирукъзал хIан,

ХIатIал собониги свак лъалароан.

 

Къоно рехи гьабун, рекерун, кIанцIун,

ЦIар тIокIалщиназе щолаан горал.

Валейбол хIалаго, гугарилаго

БукIунаан лазат, квен кIочон тараб.

 

Спорт бокьуларев чиго вукIинчIо,

Чорхолъ сахлъи бугел магIарулазул.

Унел руго гьанже, дир гьудулзаби,

Ахирияб рокъой, къо-мех лъикI гьабун.

 

Хараби, гIисинал руссунеб майдан,

ХIухь бахъуй кIусулел кIудиял ганчIал.

Харбазул радио - нижер годекIан,

ГьитIинал куцалел росдал «кузница».

 

ЦIикIкIаразул къимат-къадру гьабизе,

Вижараб ракьалъул кьварараб закон.

КIудияб даража яхIги намусги,

ТIадаб налъи букIин кIочон толаро.

 

Цоцаде букIараб рекIел гьуинлъи,

Умумулъ батараб берцинаб гIамал.

Кумек хIажатилан хабар битIани,

ХантIан бахъунаан тIубараб росу.

 

ГохIил тIогьи рахун, раххан-газагун

Иццул лъим бачана чабхил кIкIалахъан.

Машинаби ине, гIалам хьвадизе

ГIатIидаб кьо лъуна, лъарада тIасан.

Унел руго гьанже, дир гьудулзаби,

Ахирияб рокъой, къо-мех лъикI гьабун.

 

Свалат-салам лъеяв нилъер Авараг,

Гьавураб ракьалде рокьи ккун арал.

Макка-Мадиналде гIащикълъи бергьун,

Лъелго хIеж борхарал диналъул вацал.

Хирияб Рамазан, баркатазул моцI,

Баракатгун щола щивасул рокъой.

ГьитIи-гьитIиназго цоцалъ къацандун,

Къойилго кколаан киридул кIалал.

 

КIудияб сордоялъ рухIал рохизе,

РухIилаго панкъал цоцазул рокъоб.

ГIидалъул какал ран, рохелги босун

Роххаби унаан цоцаде тIаде.

 

Бусурбан-диналде хIал гьабуниги,

ХIафизал рахъана росабалъ гIемер.

Исламалъул байрахъ биччачIониги,

Какичури гьечIев чицин вукIинчIо.

 

Мажгитал къаниги капурзабаца,

Какги кIалги течIо, Аллагь кIоченчIо.

Ислам гьукъаниги мунапикъзабаз,

МухIканго тIурана тIадал рукнаби.

 

Бечедав гIодарав, мискин вохарав,

Риха-хочабиги чанги лъугьана.

МагIишат гьабизе гьунар бугезул,

Пури базабуна къайисверуда.

 

Умумуз гьабураб бацIадаб яшав,

БоцIи цIикIкIун бугин цIан бахъун ана.

Закон кодоб бугел коммунистаца

Кулакалги гьарун, къватIий ритIана.

 

ЦIоб гьечIев атеист, диналъул тушман,

Ислам хириязде хвалчен бахъарав.

Шайихзай, устарзай, зулмуги гьабун,

Сибиралде ритIун тIагIинарурав.

 

Шагьидлъун хваразе хирияб Къуръан,

Къойилго цIалула муъминзабаца.

Цере квералги ккун дугIа гьабула,

Дагъистан цIунеян балагьаздаса.

 

Унел руго гьанже, дир гьудулзаби,

Ахирияб рокъой, къо-мех лъикI гьабун.

 

Хадувги валагьун, хIайранго вуго,

ХIалкIолев БетIергьан, ирга дир бугин.

Дицаги абила къо-мех лъикIилан,

КъватIив лъугьунаго гьаб дунялалда.

 

Юсуп МухIаммадов,

Гъонохъ росу

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


ХIежалъул хIакъалъулъ бицана

ХӀежалде ине заман щолеб букIиналда бан, МахӀачхъалаялда тӀобитӀараб данделъиялда гIахьаллъана хӀеж борхиялъул рахъалъ жавабиял идарабазул ва гӀуцӀабазул вакилзаби. Гьенир гьоркьор лъурал аслиял суалал рукӀана авиатранспорталда, сапаралъул шартӀал, СагӀудиязул ГӀарабиялъул Къираллъиялъул тӀалабазда...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Мадугьалзабазул лъимер...   Цо тIалаялъ тIадехун ругел цIиял мадугьалзабаз дун махIрум гьаюна кинаб букIаниги парахалъиялдаса. Гьезул лъимер гьоркьоса къотIичIого гIодула яги къаси цо тIубараб мехалъцин бекерахъдула, дванкола. Гьединаб хъуй букIаго хIухьбахъизе санагIалъи букIунаро. Дица...


17 мина къачIазе буго

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандил бихьизабиялда рекъон, муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибировги Хасавюрт районалъул росабазул имамзабиги, «Инсан» фондалъул вакилзабиги рачIун рукIана ЦIияб ЦIиликь росулъе. Гьениб бугеб ахIвал-хIалалъухъги...


Ингушазул кумек

ТIабигIияб балагьалъул хIаси-лалда къварилъиялде ккарал дагъистаниязухъе кумекалъулаб квер бегьаразда гьоркьор руго ингушалги. Дагьал церегIан къоязда Ингушетиялдаса Дагъистаналде кумекгун рачIун рукIарал ингушазул цо къокъаялда гьоркьор СурхIахIи росдал имамасул наиб ГIумар Нальгиев ва жамагIатчи...


АлхIамалъул хIикмат

Бокьараб как балеб мехалъ чияс щибаб ракагIаталда цIалула «ФатихIа» сура. Гьеб «ФатихIа» сура гурони цониги сура чIоларо какилъ гьеб цIализе хIалкIолев чиясе. Лъаларезе, гьанже ругьунлъулезе батIияб хIукму буго.   ГIубада ибн ас-Самитица бицана Аварагас ﷺ абунин:...