Аслияб гьумералде

Нилъер гIумру

Нилъер гIумру

Нилъер гIумру

Церекъад – гьитIинав лъимер вукIарав,

Сон – гIолохъанлъигун къуватаб заман.

Херлъиялъ къвал бараб жакъасеб къоги,

Метер – зонода тIад цIар хутIила дир.

 

Сверухъе балагье, хабзалахъе щва,

Хварал гIемер гьечIищ, чIагояздаса?

Эбел, эмен, вац, яц, гIагарлъи тIагIун,

Нилъго хутIун гьечIищ, рекIелгъей тIагIун?!

 

Гьаб дуниялалда гIумрудул сонал,

Рогьун, рукIкIун, сардал, къояз рорцунел.

ГьитIинал, гIолилал, хералин абун,

ЛъугIун унеб гIумру, тIагIунел къоял.

 

Гьадин къокъаб заман гьаб дунялалда,

Щай къварид биччалеб гIадамил лъимер?

ВахIшилъи, рагъал, кьал, цоцалъ гьаб дагIба,

Квешал пишабазде щайдай нилъ унел?

 

Гьудуллъи, гьалмагълъи,  цоцалъ гьуинлъи,

Берцин бихьуларищ гьаб дунялалда?

ХIеренлъи, хIалимлъи, берцинаб рагIи,

Бокьулеб куцха гьеб нилъер ракIазе.

 

Дунялалда  балеб дагьаб замана,

РакIал цоцалъ журай, жахIда жибго те!

ЛъикIалъе рецц гьабе, квешаб кIочон те,

Иман щула гьабун ракI бацIцIад цIуне.

 

Рагъаразда гьоркьоб маслихIат гьабун,

Унтарасухъе щва  сахлъиги гьарун.

Мискинасе кумек, садакъа гьабе,

Гьелъ берцин гьабулин нилъер гьаб гIумру.

 

Кидаго нилъее гIумрудул къоял,

Цо бакIалъ чIоларо, нахъруссунаро.

ГьитIинал рукIарал кIудиял гIола,

Херлъи тIаде щола, гIумру лъугIула.

 

Жакъа дунялалда, метер хабалъги,

Гьабураб лъикIлъи дур лъикIаб рахъалда.

Дунял гьаниб тезе букIин кIочонге,

ГIумру лъикI тIобитIе вацалгун яцал.

 

 

Сулайман МухIаммаднуров, ЦIиликь росу

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...