Аслияб гьумералде

Муфти устарасде

Муфти устарасде

Муфти устарасде

БагIарбакъуца ракь хинлъизабула,

Хинлъи рекIей кьола АхIмад-хIажияс.

Чорхой хIалхьиялъе къаси кьижула,

ХIалхьи чорхой кьола нижей устарас.

 

Зодоса цIад бала ракьул къеч хьвазе,

Нижер къеч хьвалеб ицц - АхIмад-афанди.

ХIалухъин бижизе балеб цIадги Мун,

ЦIад къотIидал щолеб бакъги Мун нижей.

 

Къаси бецIаб сордо гвангъулеб моцIги,

Рогьалилъ баккулеб канлъиги нижей.

Дур берцинаб гьумер, гьайбатаб гьими,

Гьаб Дагъистаналъе нурлъун кьун вугев.

 

Кьеги Дуе гIумру, муфти-кIудияв,

ТалихIаб сахлъиги гIемер рохелги.

Аллагьги разияв, ХIабиб вохараб,

Дур баракат къотIун ниж хутIугеги.

 

Хадижат ИмангIалиева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...