КIиябго рокъоб талихI щвела

Нилъер диналда ригьин гьаби буго гIадат гуребги, цIияб гIумруялде гали тIамулеб, гъваридаб рухIияб магIна жиндилъ бугеб динияб къотIи-къай.
ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялде тIоритIел гьабулел гIаламатаздасан буго гьес нужее руччаби рижун рукIин, нужерго жинсалдаса. Нуж гьел руччабаздехун ракI парахалъун, гьелгун цадахь хIал рекъон рукIине. Нужеда гьоркьоб рокьиги рахIмуги лъуна, хIакълъунго, гьелда жаниб пикру гьабулел гIадамазе гIаламатал руго», - абун (сурату «ар-Рум», 21 аят).
Цогидаб аяталда буго (магIна): «Гьев вуго нуж цо рухIалдаса рижарав, цинги гьесдасанго лъадиги йижарав, гьелдехун ракIгъей, парахалъи гьабизе», - ян («АгIраф» сураялъул 189 аят).
ХIава-эбел йижана Адамил хьолбогIучIалдаса, цинги хадусеб наслуги гьел кIияздасаго байбихьана. Гьезда гьоркьоб ригьин гьабун магьари лъейлъунги букIана гьез нилъер Аварагасде ﷺ салават битIи.
МухIаммад аварагас ﷺ бусурбаби ахIулел рукIана ригьин гьабиялде, бичIчIизабулеб букIана гьелъул бугеб кIвар. Бухари Муслимидаса бицараб хIадисалда Аварагас ﷺ абун буго: «Я гIолохъаби! Ригьин гьабизе рес бугез ригьин гьабе, гьеб буго бищунго санагIатаб жо (хIажат гьечIеб, хIарамаб жоялде) балагьиялдаса бер гIодобе ккезабизе ва гIавратги (зинаялде ккеялдаса) цIунулеб. Гьеб гьабизе рес гьечIезе лъикIаб буго кIал кквезе, кIал кквей гьезие цIунилъун буго», - абун.
Ригьин гьабуразул хIакъа-лъулъги Аварагас ﷺ абун буго: «Ригьин гьабурас жиндир иманалъул бащадалда кверщел гьабуна, хутIараб бащдалъулъ гьев Аллагьасдаса ﷻ хIинкъа абе (гьеб цIунун)» (Байгьакъи).
Ригьин гьабиялъе лъикIаб заманлъунги буго шаввал моцI. ХIадисалда буго: «Шаввал ккола ригьнал гьарулеб моцI», - ин. Гьаб моцIалъулъ ригьин гьаби гIицIго баракатаблъун гуребги, живго Аварагасги ﷺ ригьин гьабун умматалъе мисал бихьизабураблъун буго. ГIайшатидасан бицана: «Аллагьасул Расулас ﷺ диргун ригьин гьабуна шаввал моцIалъ, жиндирго рокъое бахIарайлъунги ячана шаввал моцIалъ…», - абун.
Ригьин гьабизеги (магьари лъезе) хирияб буго рузман къоялъ къалъуде щвезегIан, мажгиталда.
Ригьин гьаби буго жеги Аллагьасул ﷻ рахъалдасан ажру-кири щолеблъунги. ХIадисалда буго: «...жиндирго чIужугун жинсияб гьоркьоблъи гьабицин садакъа ккола», - абун. АсхIабзабаз: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, нижер цояс жиндирго хIасрат буссинабуралъухъгийищ кири щволеб?» - абун гьикъидал, гьес ﷺ жаваб гьабун абуна: «Бице дида, хIарамаб къагIидаялъ жиндирго хIасрат буссинабурав чияс мунагь гьабуларищ? Гьелдаго релълъун буго гьес хIалалаб къагIидаялъ гьабураб мехалъ кири щвейги», - ян (Муслим).
Имам Гъазалияс ригьин гьабиялъул пайдаялъул мухIканго бицун буго «ИхIяу гIулуму ад-Дин» абураб тIехьалда. Гьес кIвар буссинабун буго ригьин гьабиялъул аслиял мурадазул цояблъун бугеб лъимал гьариялде. Мисал бачун рехсон буго Аварагас ﷺ абурал рагIаби: «Ригьин гьабе ва нуж (наслаби гIезарун) гIемерлъе, щайгурелъул Къиямасеб къоялъ дун ﷺ нужер цIикIкIараб къадаралдаса, цогидал умматазда гьоркьов, чIухIила». Гьединго имам Гъазалияс тIадчIей гьабун рехсолеб букIана лъимал гьариялдалъун ва гьезие букIине кколеб тарбия кьеялдалъун инсанасе хун хадубги гьоркьоса къотIичIого кири щолеб букIин. Гьелъиеги рехсана хIадис: «Инсан хвараб мехалъ гьесул киналго гIамалал къотIула лъабгояб хутIизегIан: билълъанхъулеб садакъа, гIадамазе жиндаса пайда щолеб нахъе тараб гIелму ва гьесие лъикIалдалъун дугIа гьабун Аллагьасдехун ﷻ руссунел ритIухъал лъимал», - абураб.
Хадубккун жинца цадахъ гIумру гьабизе бугел рос-лъади тIаса рищиги ккола гIезегIан ургъун гьабизе кколеб иш. Гьелда хурхунги Аварагас ﷺ гьабуна кIвар цIикIкIараб насихIат. Абу Гьурайратица бицана Аллагьасул Расуласас абунин: «ЧIужугIадан лъадилъун ячуна ункъо жоялъе гIоло (ункъоялде балагьун): бечелъиялъухъ, наслуялъухъ, берцинлъиялъухъ, диналъухъ. Нужеца тIаса йище дин бугей», - абун (Бухари, Муслим). ЧIужугIаданалъул бицен хIадисалъулъ бугониги, яс ригьнаде кьолелъул эбел-инсуца халгьабизе ккола росасул диналдехун бугеб кIваралдеги.
Ригьин гьабиялъ цIунула чиясул дин. Ибну ГIабасидаса бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасде ﷻ гIагарлъизе къасд гьабулев чиясул гIибадат камиллъуларо ригьин гьабизегIан, чIужу ячинегIан», - абун. ТалихIаб хъизан бугев чиясе, гьелъ кумек гьабула гIибадаталде парахатго ракI буссинабизе, мунагьазде рачунел пикрабаздаса гIицIлъизе.
Цоги, хъизан гьаби сабаблъун букIуна бугелда баракат лъеялъе, ризкъи гIатIилъиялъе. Къуръаналда ригьин гьабиялъул бицунеб бакIалда Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Гьел пакъирзабилъун ратани, Аллагьас ﷻ Жиндирго цIобалдаса бечед гьарила гьел…», - абун (сурату «ан-Нур», аят 32). ГIабдуллагь ибну ГIабасица гьаб аяталъе баян кьолаго абун буго: «Аллагьас ﷻ амру гьабулеб ва кантIизарулел руго гIадамал ригьин гьабиялде, Жинцаго гьезие ризкъи кьезе бугин абун къотIиги гьабулеб буго», - ян. Гьаб аятги цIалун ГIумар-асхIабас абун буго жинца гIажаиблъи гьабулин жиндирго мал-мулк цIикIкIинелъунгIаги ригьин гьабиялде вуссунарев чиясдаян.
Нилъее гIумруялъулъ бищунго лъикIаб мисаллъун вуго МухIаммад авараг ﷺ ва гьесул руччаби. Кинаб гIумру, хьвада-чIвади, гIамал-хасият гьезул букIун батаниги, нилъецаги жигар бахъизе ккола гьездаса мисал босизе. Аварагас ﷺ абун буго: «Нужеда гьоркьоса бищун лъикIавлъун вуго жиндирго агьлуялъе бищунго лъикIаб хьвада-чIвади гьабулев чи, нужеда гьоркьоса бищунго лъикIавлъунги дун вуго дир агьлуялъе», - ян (Тирмизи). Дун бищун лъикIав вугин Аварагас ﷺ чIухIиялдалъун яги цоги гIамал бихьизабун гуро абураб, гьедин абуна бищун лъикIаб тIабигIаталдалъун жив хъизамаздехун гIамал гьабулевлъун вукIиналъ. Гьес бихьизабулаан рокьа-хинлъи, хIеренлъи, хIалтIулъ кумек, ракIбатизаби, ургъел бикьи гIадал хасиятал. Гьел ва гьезда релълъарал рос-лъадуда гьоркьор рукIунел гIадал тIабигIатал ккола Аллагьас ﷻ хIалал гьарурал, жидедалъун чиясе ажруги бугел гIамалал. Гьединлъидал, исламалда ригьин гьаби буго дунялалдаги ахираталдаги пайда кьолеб гIибадат ва хасаб баракат щвезе буго гьеб Аварагасул ﷺ суннаталда нахърилълъун бихьизабухъе гьабуразе.
Аллагьас ﷻ щивасул ригьин гьабеги рокьул, гурхIел-рахIмуялъул, цоцаздехун адаб-хIурматалъул кьучIалда гIуцIараб щулияб хъизамлъун! Амин!