Аслияб гьумералде

Рижилалдего жаваб гьабурал

Рижилалдего жаваб гьабурал

ТIадегIанав Аллагьас цогидал умматазе кьечIел хаслъалабиги кьун МухIаммад аварагасул уммат тIаса бищана. Гьелдалъун Аллагьас загьир гьабуна МухIаммадил умматалъул, цогидал умматазде дандеккун бугеб хиралъи ва тIокIлъи. Гьединго гьаб умматалда тIаса рорхана цересел умматал жидедалъун паналъарал, ракьуца ккун ингIадал ва гьелда релълъарал чIахIи-чIахIиял гIазабал.

 

Абу Гьурарайтица бицараб хIадисалда буго: «ТIадегIанав Аллагьас Муса аварагасухъе Таврат рещтIараб мехалда, гьеб цIалулаго Мусада Тавраталда цогидал умматазе гьабичIел берцинал сипатаздалъун рехсараб цо умматалъул рехсей батана.

Мусаца абуна: «Я дир БетIергьан, дида Тавраталда рехсей батулеб буго умматалъул хIакъалъулъ, жидер рачIин (рижи) нахъа букIине бугеб, амма жал хиралъиялъул рахъалъ агьлу-китабалдасаги тIокIал ва цере ккарал. Къиямасеб къоялъ тIаде рахъинариги, хIисаб-суал гьабиги, Алжаналъуре лъугьинги, жидер цогидал умматаздаса цебе ккараб букIинеги бугел. Гьеб уммат дир умматлъун гьабе», - абун.

ТIадегIанав Аллагьас жаваб гьабуна: «Гьеб буго АхIмадил уммат», - ян.

Мусаца гьарана: «Я дир БетIергьан, дида Тавраталда рехсей батулеб буго умматалъул хIакъалъулъ, БетIергьанасул рахъалдасан жидехъе рещтIараб тIехь, жидеца ракIазулъ цIунулел, рекIехъе лъазе гьабулел. Гьеб дир умматлъун гьабе», - ян.

ТIадегIанав Аллагьас жаваб гьабуна: «Гьеб буго АхIмадил уммат», - абун.

Хадубги Мусаца гьарана: «Я дир БетIергьан, дида Тавраталда рехсей батулеб буго цо умматалъул хIакъалъулъ, садакъа-хайрат букIа, БетIергьанасе хъолел къурбанал рукIа, жидеца жидедаго жаниб (хъизан-кулпаталда ва цебесеб гIагарлъиялда гьоркьоб) бикьулел, жидее гьелъухъ камилаб садакъаялъул кириги щолел. Гьединго батулеб буго рехсей, жидее рагъул файъ хIалалал, гьеб хIалтIизабизе ихтияр бугел. Гьеб дир умматлъун гьабе», - ян.

БетIергьанас жаваб гьабуна: «Гьеб буго АхIмадил уммат», - илан.

Цинги Мусаца гьарана: «Я дир БетIергьан, дида Тавраталда рехсей батулеб буго умматалъул, жидер цоясда лъикIлъи гьабизе ракIалде ккани, гьеб лъикIлъи гьабунги бажаричIони, жидее цо кири хъвалел, нагагь гьеб лъикIлъи гьабуни - анцIго кири хъвалел. Гьенибго буго квешлъи гьабизе ракIалде ккун гьеб гьабичIого тани, щибго букIунареб, амма квешлъи гьабун такъсир ккани, цо мунагь хъван толел. Тавраталда батулеб буго рехсей умматалъул, жидее Дуца цере арал киналго умматазулги хадур рукIине ругезулги гIелму-лъай кьурал, жидер заманалда жив бетIергьанин чIарав, дур тушман Дажалги чIвазе ругел. Гьеб уммат щиб, гьеб умматгIаги гьабе дир умматлъун», - ян.

БетIергьанас жаваб гьабула: «Гьеб буго АхIмадил уммат», - абун.

Ахиралдаги Мусаца гьарана: «Я Аллагь, дун гьев АхIмадил умматалдасангIаги гьаве. ДунгIаги вукIараванищ МухIаммадил асхIаблъун», - ян.

Гьеб мехалда Аллагьас Муса авараг рази гьавун гьесухъе вахIю рещтIуна: «Дица мун гIадамазда гъорлъа тIаса вищана, авараглъиги духъе кьуна, халкъалъухъе чапарлъунги витIана. Гьединго тIаса вищана Диргун калам (кIалъай) гьабизеги, гьел гурел цогидал хаслъабиги кьуна, Дица кьурабги босе, щукруги гьабе», - ян.

Мусаца абуна: «Дуе щукру-рецц буго, БетIергьан, дун разияв вуго, БетIергьан», - ян.

Хадубги Мусаца цIехана: «Я БетIергьан Аллагь, дида МухIаммадил гьеб уммат бихьизабе», - ян.

БетIергьанас жаваб гьабула: «Дуда гьел рихьуларо, гьел дур заманалдаги рукIунаро. Дуе бокьани Дица ахIила гьезде, гьезул жавабалъул гьаракь дуда рагIизе букIине», - ян.

Мусаца бокьилин жаваб гьабидал, ТIадегIанав Аллагьас МухIаммадил умматалде, «Я МухIаммадил уммат»! - абун ахIана. МухIаммадил умматалъ умумузул мугъзалгьодалдасан «Лаббайка» (Гьале ниж Дуда цере руго, БетIергьан, ниж хIадурал руго ракI разиго Дуца малъараб гьабизе) абун жаваб гьабуна.

ГIалил АбузаргIатидасан бицана: «МухIаммадил уммат ккола рижилалдего БетIергьанасул ахIиялъе жидеца жавабги гьабурал, жидеца кьеян гьарилалдего БетIергьанас гьарарабщинабги кьураб уммат», - ян.

Гьебго хIадисалъе гIатIидабго баян кьолаго ибну ГIабасица абун буго: «ТIадегIанав Аллагьас МухIаммадил умматалде ахIараб мехалда гьез улбузул тIончIорукъалда жанисанги умумузул мугъзагьодазда жанисанги БетIергьанасе жаваб гьабуна. Гьез абуна: «Лаббайка Ллагьумма Лаббайка, Иннал хIамда ва нигIмата лака, Вал мулку ла шарика лака» (Гьале ниж Дуда цере руго, БетIергьан, ниж хIадурал руго ракI разиго Дуца малъараб гьабизе. Кинабниги реццги киналниги нигIматалги Дуе руго, тIадегIанлъи-хиралъиги Дуе буго, Дуде гIахьалчиги нижеца гьавуларо). Хадуб ТIадегIанав Аллагьас абуна: «Ле, МухIаммадил уммат, Дир рахIмат нужее цебе ккараб буго Дир гIазабалдаса. Дир тIаса лъугьинги нужее гIакъубалдаса цебе ккараб буго. Нужеца гьарилалдего Дица нужее кьунги буго. Нужеца ахIилалде Дица нужее жавабги гьабун буго. Дица нужер мунагьалги чурун руго, нужеца мунагьал гьарилалдего цебе.

Щив чи вугониги къиямасеб къоялъ Дида цевечIун, жиндир ракIчIун, жив божунги вукIаго хIакъалдалъун лагълъи гьабизе кколеб щибго батунгутIиялда, гIицIго Аллагь гурого, МухIаммад аварагги Гьес халкъалда дин малъизе витIарав чапар вукIиналда, гьев чи Алжаналъуве лъугьина ралъдал полопгIан гIемерал мунагьал ругониги», - ян.

Анасидасан бицараб хIадисалда буго: «ТIадегIанав Аллагьас Мусаде вахIю гьабуна, Дуца Муса бану Исраилазда (дурго къавмалда) малъе Дица абулеб бугин щив чи вугониги Дунгун данде чIварав АхIмадидехун жиндир рекIелъ рокьукълъи рихинги букIун, Дица гьев чи абадиялъго жужахIалъуве рехизе вуго», - ян. Мусаца цIехана: «Я дир БетIергьан, щив гьев АхIмад?» - илан. БетIергьанас жаваб гьабуна: «Гьев вуго гьаб дунял-гIаламалда бижарабщинаб махлукъаталъул бищун Дие хирияв инсан», - илан.

АлхIамдулиЛлагь! Кинабниги махлукъаталдаса МухIаммад аварагги хира гьавурав, гьесул умматалдасан нилъги ратизарурав Аллагьасе буго кинабниги щукруги реццги. МухIаммад авараг вокьиялъулъ буго нилъер хвасарлъи. Гьесул бацIцIадаб шаригIаталдаги хирияб суннаталдаги нахърилъиналъулъ буго нилъее Аллагьасул разилъи.

 

МухIаммад ИнагIабасов,

муфтияталъул гIелмияб отделалъул хIалтIухъан

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Муфти дандчӀвана «Тактикиял ракетабазул корпорациялъул» директоргун

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди ва муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатова дандчӀвана «Тактикиял ракетабазул корпорациялъул» генералияв директор Борис Обносовгун. Гьединго данделъиялде рачӀун рукӀана «Дагъдизель» заводалъул АОялъул генералияв директор Жалилов Рашид; Руслан...


Ингердахъ - руччабазул мадраса рагьана

Гьал къоязда мадраса рагьиялда хурхун рохалилаб мажлис тIобитIана ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъ.   Мунагьал чураяв Цевехъанил вас АхIмадица, жиндирго инсул букIараб мина кьуна мадраса базе. Гьеб цIигьабун базе хIаракат бахъана гьелъул байбихьуда имамлъун вукIарав Къурбанил...


«Юсуф» сура

ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дуца бице, Авараг ﷺ, дурго къавмалъе Юсуф аварагас жиндир эмен ЯгIкъуб аварагасде абураб: «Я, дир эмен, дида бихьана макьилъ анцIила цо цIва ва бакъги моцIги. Дида гьел рихьана зодоса гIодореги рещтIун, дие сужда...


ГIицIцIаллъун рачIуна ва уна

Цо нухалъ Абу Язид БастIамияв лъугьана пуланаб бакIалъул мажгиталъуве ва гIодов чIана цо факъигьасда сверун гьабураб горсвериялда гьоркьов. Данделъараз гьев гIалимасе кьолел рукIана батIи-батIиял суалал. Цояс цIехана пуланабги пуланабги жо нахъеги тун хварав чиясул ирсалдасан.   Цинги гьев...


Муфтияталда тӀобитӀана психологазулгун дандчӀвай

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана психологиялъул рахъалъ церетӀурал специалистазулгун дандчӀвай. Гьениб гьоркьоб лъуна жакъасеб жамгӀияталда психологиялъул бугеб кӀваралда хурхарал суалал. Бицен гьабуна психология кӀвар бугеб ва тӀалаб цӀикӀкӀараб рахъ букӀиналъул, гьеб рахъалъ махщелчагӀаз гьабулеб...