«Марьям» - къварилъиялде ккаразухъе бегьараб кумекалъулаб квер
«Марьям» - къварилъиялде ккаразухъе бегьараб кумекалъулаб квер

Жидерго «къуватги» «кутакги» бихьизабизе чIужугIаданалъул ва лъимадул загIиплъиялдаса пайда босулел къадарал бихьинал камуларо. Хасго гьаб заманалъул захIмалъилъун лъугьун буго цо-цо хIалихьатаб агьлуялъ гIолилазул жеги щулалъичIеб, цIубачIеб гIакълу жидеего дандекколеб рахънибе сверизаби.
Наркотикал хIалтIизарулел гIолилал, руччаби, эбел-инсуца абураб рагIи хIехьезе кIвечIого рокъоса лъутулел ясал… Гьеб кинабго, «дидаги хъвагеги, гъванкиги тIагIунгегиян» абухъе, кIвар гьабичIого тола нилъеца. Амма дандчIвалел руго руччаби къварид гьариялъулги, эбел-эмен чIаго рукIаниги, гьездаса бичIчIиги щвечIого, чияхъги гIенеккун рокъоса лъимал тIуриялъул хIужаби. Гьединал лъугьа-бахъиназдаса Дагъистаналъул жамгIият цIунизе мурадгун кIиго соналъ цебе МахIачхъалаялда рагьана «Марьям» абураб руччабазул рухIияб центр. Гьаб кIиябго соналда жаниб гьабураб хIалтIул хIасилазул, хIажатазе гьабураб кумекалъул ва дандчIвалел захIмалъабазул хIакъалъулъ бицана нижеда «Марьям» руччабазул рухIияб централъул социалияй халтIухъан Таиба Нажмудиновалъ ва теолог Марьям ХIамзатовалъ.

КъватIиса бачIунеб заралалдаса цIуни
«Марьям» руччабазул рухIияб централда гIуцIун руго захIмалъиялде ккарай чIужугIаданалъе ва балугълъиялъул ригьалде рахарал лъималазе рекIее парахалъи кьолел шартIал. Нилъер умумузул къагIидаялъ гьеб мина къачIазе квербакъун буго ва некIсияб тIагIел бакIарана республикаялъул батIи-батIиял районаздаса гIадамаз.
«Марьям» центр рагьулаго, гьеб гIуцIиялъе кьучI лъурай ДРялъул муфтиясул гIакълучIужу ГIайнаъ ХIамзатовалъ абунги букIана аслияб мурад бугин захIматаб ахIвал-хIалалде ккарал руччабигун гIолилазе квербакъи гьаби. Гьеб хIукмуялъе гIиллаги букIана ахирал соназда цо-цо цIар бокьарал улкацояз ва къватIисел пачалихъаздаса гIуцIабаз нилъер руччабазулгун гIолилазул «бетIер сверизабулеб» букIин. Балъгояб жо гуро, гьединал къокъабаз кумек гьабулеб бугинги абун, нилъер руччаби къватIисел пачалихъазде ритIулел рукIинги. ЗахIмалъиялде ккарал руччабаз къватIисел пачалихъаздаса ва цогидал щакал бакIаздаса кумек цIехечIого букIине, гьезие нилъерго диналъул къануназда рекъон квербакъи гьабизе тIаде босана «Марьям» централъ. Гьеб хIалтIи нухда бачунеб буго директор Марьям ГIабдулхаликъовалъ. Централда хIалтIулел руго чIахIиязул ва лъималазул психологал, теолог, социалияй хIалтIухъан, юристал.
Таиба Нажмудинова: «Марьям» централда къабул гьарула руччаби, кумек хIажатал лъимал, гIолилал. ЗахIмалъиялде ккаразул миллат яги дин цIехолеб гIадатги гьечIо. Нижер хIалтIухъабаз аслияб къагIидаялъ кIвар кьола 13-21 сонил ригьалда ругел ясаздегун васазде. Гьеб буго лъималазул бищунго захIматаб, эбел-инсул рахъалдаса бичIчIиги рокьиги хIажатаб ригь. Цебеялде дандеккун, гьабсагIат гIолилазул гIемер батIи-батIиял захIмалъаби руго. ГIемерисеб мехалда лъималаздаги эбел-инсудаги гьоркьоб бичIчIунгутIи, ракIхIинкъи, рахIатхвей букIуна. Лъималазда гьоркьоб школалда, къватIахъ ва социалиял гьиназда дандчIвалеб буго загIипасде тIаде руссун гьев къварид гьави. Социалиял гьиназул кумекалдалъун, жеги гIакълу цIубачIел балугълъиялъул ригьалде рахарал лъимал, къватIисел улкабаздаса хасал гIуцIабаз пачалихъалде данде гьусулел руго. Нижер мурад буго гьеб ригьалъул лъималазе психологияб рахъалъ квербакъи гьаби. Балугълъиялъул ригьалде рахарал лъималазе кумек гьабула психолог ХIалимат ГIалиевалъ.

Байбихьуда нижехъе руччабаз гурони, лъималаз ахIун бачIунароан. Гьел нечолел ва хIинкъулел рукIун ратизе рес буго. Централъул хIакъалъулъ социалиял гьиназдасан лъарал лъималаз ва гIолилаз ахIун бачIуна жидерго захIмалъабазул бицун, кумек гьарун. Гьезулгун бичIчIикьеялъул тадбирал тIоритIула. Гьединал лъималазе психологасда гьабун бажарулеб жо гьечIони, невропатологасухъе яги психиатрасухъе ритIула. Гьеб кинабго дандбала лъимадул эбел-эминсудаги».
Диниял суалазулъ кумек
Марьям ХIамзатова: «Аслияб къагIидаялъ дица халгьабула руччабаз централде ритIарал хитIабазул. Нижехъе хъван бачIараб цогIаги баян кIвар гьабичIого толаро. Халгьабула гьелъие психологасул кумекищ хIажат бугеб яги суал имамас тIубазе бегьулеб бугищали. ГIумруялъулъ захIмалъабигун дандчIварай чIужугIаданалъе централда психологасул, теологасул (диналда хурхараб суал бугони), юристасул кумек щола. Гьелъ цIезе ккола жиндирго хIакъалъулъ анкета, бихьизабизе ккола паспорт, психиатрасухъа справка. Цебеккунго къотIи-къай гьабун гурони, хIинкъигьечIолъи цIуниялъул мурадалда, централде цогIаги чи къабул гьавуларо. Гьелъие гIиллаги буго централда гIумру гьабун ругел цогидал руччаби заралалдаса цIуни. Щиб лъалеб, кумек хIажат бугинги абун, такъсирчагIи, наркоманал, ботIролъа жагъалал гIадамал ратизеги бегьулелъул нижехъе кIалъалел.
Нижехъе рачIуна хъизамалда захIмалъаби ругел, росасулгун дагIба-рагIи ккарал руччаби. Цо-цоял рачIуна росгун ятIалъизе къваригIун бугин, гьес жинде квер борханин, кумек гьабеян гьарунги. Лъади хIисабалда гьелда ва росасда тIадал жал ричIчIизарула, психологасул кумек хIажалъани - гьебги гьабула. Диналда рекъон гьелъул суал тIубазе кумек гьабула теологас. Гьедин нижехъе рачIарал руччабигун хIалтIула чIахIиязул психолог Марьям ГьитIинова. Кидаго хIаракат бахъула хъизам цIунизе. Росгун ратIалъизе къваригIун бугин абун рачIарал рос-лъадухъ гIенеккидал кида гуро бихьинал гIайибияллъун ратулел. Нижехъе рачIарал гIемерал руччабазул хъизамал цIунизеги кIвана».
«ХIажат руго волонтерал»
ГIумруялъулъ захIмалъабигун дандчIварал руччаби ва гьезул лъимал рукIине бакI буго «Марьям» централда. Гьезул гIумру рукIалиде ккезегIан (бищунго цIикIкIун лъабго моцI), гьез хIалтIиги балагьун квартира кквезегIан тола централда.
Таиба Нажмудинова: «Нижехъе рачIунел руччабазе хIалтIи хIажат бугони, гьеб балагьизе хIаракат бахъула. Централъе квербакъи гьабулел волонтеразул кумекалдалъун руччаби ругьун гьарула кинаб букIаниги махщалие. Косметологал, парикмахерал ва цогидалги махщелчагIаз чIобого ругьун гьарула централде кумек гьарун рачIарал руччаби. Гьединлъидал, централъе хIажат руго батIи-батIияб хъулухъ-пишаялъул волонтерал».
Марьям ХIамзатова: «Нижехъе рачIунел цо-цо руччаби рукIуна цIакъ ракI хIинкъарал. Байбихьуда централдаса къватIире раккизецин хIинкъун рукIуна гьел. Психолог хIалтIула гьелгун. Централда гIумру гьабулей чIужугIадан кинаб букIаниги заралалдаса цIунула. Централдаса нахъе ун хадубги, гьезие жидеего бокьани, бухьен гьабула, хIажалъани квербакъула. Квартира ва хIалтIи балагьизе кумек гьабула. «Инсан» фондалъ тIоцебесеб моцIалъ гьез ккураб рукъалъухъ гIарац кьола ва цогидаб кумек хIажалъани, гьебги гьабула».
Бокьун «кьал» бищулел
Ахираб заманалда социалиял гьиназдаги руччаби данделъарал бакIаздаги гIемер бицуна росасдаса ятIалъарай яги рос хварай чIужугIадан гIагарлъиялдаса балъго магьариги лъун росасе иналъул ва гьединаб ригьнада чIужугIаданалъул ихтиярал къварид гьариялъул хIакъалъулъ. Бокьун «кьал» босарал руччаби ахирги жидерго ихтиярал тIалаб гьабун хьвадула имамасухъе, рачIуна руччабазул централде.
Марьям ХIамзатова: «Балъгояб магьари лъун росасе унел руччабаз жидецаго тIаса бищараб къисмат гьеб бугелъул, хадуб росас гьел хьихьичIони яги цогидал захIмалъабигун дандчIвайдал гIарзахъдиялъ гьабизе жо гьечIо. Гьелъ гьеб къисмат жинцаго тIаса бищараб бугелъул. Гьединлъидал, хадуб бицинин гIагарлъиялдаян абун ракIалдеги ккун, балъго магьари лъурал руччабазе лъикIаб буго гьединаб хьул гьабичIого тезе. Хадуб ракIбухIичIого букIине, гьединаб ригьин гьабичIого тани лъикIаб бугин абула нижеца руччабазда».
Таиба Нажмудинова: «Ахираб заманалда жидерго хъизам цIунизе кумек гьарун централде лъадигун цадахъ бихьиналги рачIуна. Нижер аслияб масъала жамгIияталда хъизамалъул кIвар тIадегIан гьаби кколелъул, хъизам цIуниялъул мурадалда бихьиназул гIарзалги къабул гьарула. Цо-цо мехалда хъизамал ратIалъиялъе гIиллалъун батула сихIру, порча. Гьединал хъизамал нижеца Къуръан цIалулев чиясухъе ритIула. Гьезие сихIру гьабун букIин тIатани, кколеб дару гьабула. Нижеда бажарараб кумек гьабула. Гьединаб захIмалъигун нижехъе рачIарал рос-лъадуца кидаго рекъел гьабула ва хъизам щулалъула».
ЖамгIияталда гIемер батIи-батIиял захIмалъаби дандчIвала руччабазда. Бищунго захIматазул цояб ккола чIужугIаданалъул тохлъиялдаса ва божилъиялдаса пайдаги босун, цо-цо бихьиназ гьезие хIинкъаби кьей. Ячине йигин абун махсарадеги ккун чIужугIаданалъ ритIарал чияда рихьизе бегьуларел суратал гIагарлъиялъухъе ритIилин хIинкъаби кьола. Гьединаб чаракъосараб ахIвал-хIалалъулъги «Марьям» централъул юристаз кумек гьабула хIинкъаби кьолев тамихIалде цIан, гIолохъанал ясазул гIумру цIунизе.
Руччабазегун лъималазе квербакъулеб центр хIалтIулеб буго сахаватал гIадамазул гурхIел-рахIмуялдалъун. Гьелъул хIалтIул аслияб мурадги буго - сахаб жамгIияталъул аслулъун кколеб хъизам цIуни, гIолеб гIел квешлъиялдаса рикIкIад гьаби. Централъе кумек гьабизе бокьарав чияс гIарац битIизе бегьула хасаб номералде. (2202 2036 8572 6574) яги телефоналъул гьаб номералда рекъон: 9 888-777-77-10 (Марьям Газимагомедовна)
ПатIимат СултIанмухIамадова


