Аслияб гьумералде

Киви – витаминазул хазина

Киви – витаминазул хазина

Киви кутакалда пайдаяб пихълъун рикIкIуна. Гьелъул ватIан ккола Китай. Къоабилеб гIасруялъул байбихьуда гьеб пихъ гIезабизе байбихьана ЦIияб Зеландиялда. Нилъер заманалда киви гIезабула Италиялда, ЦIияб Зеландиялда, Чилиялда ва Грециялда. Гьединго гьеб гIезабула Россиялъул Краснодар краялда ва Дагъистаналъул югалъул рахъалда.

 

Киви босулеб мехалда цIакъго къвакIараб босуге. Щайин абуни, гьеб барщун гьечIолъиялъул гIаламат кколеб букIиналъ. Гьелдаса спирталъул гIадинаб махI бугони, босуге, гьеб ккола турулеб букIиналъул гIаламат.

Киви букIине ккола тIасан бакъвараб, тIанкIал гьечIеб.

Киви рикIкIуна гIемерал витаминазул, минералазул ва микроэлементазул ханлъун. Гьел жал нилъер чорхое кутакалда къваригIуна.

Ахирал соназда гьарурал цIех-рехаздасан бихьана, киви пайдаяб букIин мукъуралъе, иммунитеталъе, чорхол пормаялъе.

Пихъалъ лъикIаб асар гьабула рекIее, бидурихьазе, гьуърузул мащабазе, лага-черхалъул ва эндокринияб системаялъе. Гьелде тIадеги, кивиялъ кумек гьабула тIомол, расул ва кIалзул хIал лъикIлъизабизе.

ТIоцебесеб иргаялда, киви ккола С витаминалдалъун бечедаб нигIмат. КIиго кивиялда жаниб витамин С цIикIкIараб буго гьоркьохъеб апельсиналдаса. Гьоркьохъеб киви гIола щибаб къойил къваригIунеб аскорбиналъул кислотаялъул къадар цIигьабизе. Гьелъ хIалтIи гьабула къуватаб антиоксидант хIисабалда, коллаген бахъиялъе кумек гьабула, иммунияб система щула гьабула.

Киви бечедаб буго клетчаткаялдалъун ва гьелъ кванирукъ лъикI хIалтIизабула. Кванда хадуб букIунеб бакIлъи нахъе инабула ва гъиз свари тIагIинабула.

Фолатазул къадар цIикIкIараб букIиналъ, киви кьезе бегьула лъимер гьабизе мех щварал ва лъимер гьабулел руччабазе. Фолиевая кислота лъикIаб буго лъимер цебетIеялъе, гIеялъе ва сахлъиялъе. Амма тохтурасда цIехезе ккела.

Киви ккола гIолохъанлъиялъул ва берцинлъиялъул кьучI. А ва Е витаминал гъорлъ рукIиналъ гьелъ лъикIлъизабула тIомол, расул ва малъазул хIал. Кивиялъулъ буго калиялъул гIураб къадар. Гьелъ бидул тIадецуй гIадатияб хIалалде бачуна ва тромбал ккеялдаса цIунула.

Кивиялъулъ цIакъ дагь буго глюкоза лъугьинабулеб жо. Гьединлъидал киви бегьула тIоцебесеб яги кIиабилеб тайпа бугел диабетиказеги. Диетаялда ругел гIадамазеги бегьула гьеб кваназе, щайгурелъул, гьелда жаниб беэнлъи дагьаб букIуна.

 

Кивиялъул зарал бугищ?

Нилъеца бокьараб пихъ гIемер кванани, зарал гьабичIого толаро. Нилъее лъикIаб буго нилъго ругел бакIазда бижараб пихъ.

Кивиийн абуни ккола рикIкIадаса бачIараб пихъ ва гьелъ рес буго аллергия кьезе. Нужер аллергия батани, киви кваначIого те. Тохтурзабаз абула кивиялъул гIемераб кислота бугин ва гьелъ рес бугин цабзазул эмалалъе зарал гьабизе. Гьединлъидал, киви кванан хадуб кIал ххулизе лъикIаб буго.

Кванирукъалъулгун бакьазул унти бугев чиясеги кваназе бихьизабун гьечIо.

 

Киви лъималазе кьезе бегьулищ?

Киви пайдаяб буго лъималазеги. Амма лъикIаб букIина лъагIел бан хадуб кьезе. Гьеб мехалда эбел-инсуда бичIчIула лъималазул аллергия бугищали. Аллергия бугони, киви гIадинал пихъал кьеларо.

Нилъер рахъазда абуни кивиялъул сезон байбихьула августалъул ахиралда. Краснодаралъул мухъалда байбихьула октябралъул ахиралда. ГIаммаб гьезул сезон байбихьула ноябралдаса бахъараб март-апрелалде щвезегIан. Гьеб заманалда хIаракат бахъизе ккола гьеб кваназе.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...