Аслияб гьумералде

ГIурхъи гьечIеб буго

ГIурхъи гьечIеб буго

Жакъа нилъеца гIумру гьабулеб заман буго мунагьалде ккечIого хутIи цIакъ захIматаб, къанагIатаб. Нилъеда лъала, мунагьалде ккарал цересел умматазул иш кин букIарабали, мунагь гьабуни цояз жалго чIвазе кколаан, цогидазда радалисалде нуцIбузда хъван батулаан ва гьезда релълъарал батIи-батIиял жал рукIана.

 

АлхIамдулиллагь, кинабго рецц-хIамд ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ нилъ МухIаммадил ﷺ умматалдаса рижарав. Нилъее Аллагьас ﷻ цIоблъун кьураб нигIматалдаса буго мунагьаздаса рацIцIалъи тIаса лъугьинлъун тавбу кьей.

Тавбу гьабиги буго щивав чиясда тIадаб, мунагьаздаса цIунараллъун цохIо аварагзаби гурони гьечIелъул. Инсанас черхалъул лугбуздалъун мунагьал гьаричIониги, къанагIат гурони цIунун хутIи батуларо мунагьазде кколел пикрабаздаса, гьелда тIадеги бачIуна шайтIаналъ рекIелъе рехулел васвасал ва лъикIал гурел пикраби нилъ Аллагьасе ﷻ гьабулеб гIамал-пишаялдаса машгъул гьарулел.

Аллагьас ﷻ Къуръаналдаги Аварагасул ﷺ хIадисалдаги рехсарал далилаз тавбу тIадаб букIинги, кIванагIан хехго гьабизе кколеблъиги мухIкан гьабун буго, исламалъул гIалимзаби гьелда тIад рекъаралги руго.

Тавбу гьабизе ккола мацIалъги, амма гьеб цохIо рагIаби абиялда къокълъараблъун гьечIо. Гьелъие буго бихьизабураб чанго шартI, гьел гьечIони жиб къабуллъулареб.

КъахIиса ХIасан-афандияс жиндир «Талхисул МагIариф» тIехьалда хъван буго: «Дуда лъай, я дир вас, тавбу буго битIараб нухде лъугьараз тIоцебе тIамулеб гали», - абун. Сайфуллагь-къадиясги хъван буго: «Къабул гьабиялде хьул бугеб, амма тIубанго мунагьал чуриялде божилъи кьолареб, тавбуялъул шартIаздасан буго:

- Аллагьас ﷻ бихьизабуралдаса тариялдалъун гьабураб мунагьалдаса ракIбухIи.

- Аллагьасе ﷻ гIоло гьединаб мунагь тIокIаб киданиги гьабичIого тезе щулияб къасд гьаби.

- Гьабулеб яги гьоркьоса къотIичIого такрарлъулеб батани, мунагьалде кколеб хьвада-чIвадиялдаса гьебсагIаталдаго мунагьалдаса рикIкIалъи.

- Цогидазе гьабураб зарал-зияналдаса гьел тIаса лъугьинари, рецIизе кколел хIакъал ратани, гьел тIуразари.

Гьединго тIубачIеб как, кквечIеб кIал батани, гьеб бецIи, кигIан гIемер ратаниги.

Цинги абулеб буго, тавбуялъе рихьизарурал шартIазул цоябниги тIубачIони гьабураб тавбу камилаблъун букIунарин.

Машгьурал гIалимзабаз бихьизабулеб буго ккарал мунагьаздаса тавбу гьабун Аллагьасда ﷻ тIаса лъугьин гьарулелъул рекъараб бугин мацIалъ гьабун рагIабаздалъунги, ракIалъ пикру гьабун гIакълугун жанисеб рахъалъги гьабизе кколин тавбуян».

Гьедин шартIалги тIуран гьабун хадуб тавбу БетIергьанас ﷻ къабул гьабула, иншааллагь. Хирияб Къуръаналда Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Аллагь ﷻ вуго Жинца лагъзадерил тавбу къабул гьабулевлъун, гьарурал квешал гIамалаздаса тIасаги лъугьунев, жидеца (лагъзадерица) гьабулеб Жинда лъалевлъунги», - ян абун (сурату «Аш-Шура», 25 аят).

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Аллагьас ﷻ лагъасдаса тавбу къабул гьабула гьесул рухI бахъи щокъробе щвезегIан (гьелдаса хадуб кватIун букIуна), щайгурелъул гьенибе щведал гьесда якъинго бичIчIула щиб жиндие ккезе бугебали. Гьеб мехалъ гьабураб тавбуялъ лагъасе кумек гьабуларо. Шагьадат битIун иман лъезе лъугьарасул иманги къабул гьабуларо. Щайин абуни, тавбуялъул шартIаздасан буго ракIалъ мунагь гьабураб жо тезе ва такрар гьабичIого букIине хIукмугун къасд гьаби…», - абун (Бухари). Гьелъ буго тавбу гьаби щибаб хIалалъулъ букIине ккейги, чиясда лъаларелъул кида гьесул ахир букIине бугебали.

Цо чияс ибну МасгIудида гьикъун буго дица гьабураб мунагьалъухъ тавбуго бугищ абун. Ибну МасгIуд гьесдаса довехун вуссараб хIалалда кьурун вуго, хадуб нахъе валагьидал гьесда дов чи бадиб магIу ххулун вихьула. Цинги ибну МасгIудица абула: «Алжаналъул буго микьго каву. Тавбуялъул нуцIби хутIун цогидал рагьулел, къалел рукIуна. Тавбуялъул кавабазда тIад вуго жинда гьел къагеян амру гьабурав малаик. Дуца тавбу гьабе ва ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ хьулги къотIуге», - ян.

Гьединлъидал, кинаб мунагь жиндаса лъугьарав вугониги чиясе бегьуларо хьул къотIизе.

Аллагьас ﷻ цIунаги щивав чи мунагьалде ккеялдаса ва кьеги бичIчIигун кантIи тавбу гьабун руссине! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...