Аслияб гьумералде

Кавказалъул хурма

Кавказалъул хурма

ГIисинаб хурмаялда абула Кавказалъулабилан. Гьеб рикIкIуна Северияб Кавказалда букIунеб пихълъун. Амма дандчIвала Китаялдагун Индиялдаги, Испаниялдаги. Гьелъул гъветI буго гIадатияб, квачгун хинлъи хIехьолеб. Пихъ кваназе бегьула гIатIгоги бакъвазабунги. 

 

Гьелъулъ руго витаминал, танинал, фосфор, йод, магний, железо, кальций, натрий, калий гIадал минералал. ГъотIол хъалалъулъги тIанхазулъги руго батIи-батIиял компонентал.

 

Пайда

Кавказалъул хурмадул пихъ хӀалтӀизабула бронхит ккедал, ахту бачIиналъе, хӀухьел цӀаялъул нухазда хъегIел, ченхъей, магIазукъалал чвахи, температура бахин гIадал вирусалъулал унтаби лъугьараб мехалда.  Гьелъулъ бугеб ругъун сах гьабиялъул къуват хIисабалде босун, хIалтIизабизе бегьула язва, рагьарал ругънал, тIаде рахъарал, жаниб рецIцI лъугьарал пинкьал гIадал жал сах гьариялъе. Гьелъулъ бугеб пектин ва танин абурал гIуцIабаз кумек гьабула кванирукъалъулгун бакьазул хIалтIи рекъезабизе. Железо жиндилъ букIиналъ хIалтIизабизе беццула би дагьал чагIазги.

Гьеб чорхолъе ккедал, тIулалъулъ ругел ферментал абурал гIуцIабазул асаралдалъун чорхолъ лъугьинарула ургьимесалъул рижин цIикIкIинабулеб, тIомалъулги жанисел лугбазул слизистазулги гӀадатияб хӀалтӀи чӀезабулеб ва инфекциязде дандечӀей цӀикӀкӀинабулеб витамин.

Цебе гьеб гIемер кваналеб букIун буго мукъуралъе пайдаяб букIиналъги. Китаялда хурмаялдалъун сах гьабула атеросклероз, хIалтIизабула цунтрул къватIире рачIинаризе. ЛъикIаб асар гьабула тIулае ва ццидал къвачIаялъе. 

Бактериязда данде чIолеб къуват букIиналъ, эпидемиялъул заманалда кваназеги беццула.

Пайдаяб буго нервабазулгун физическияб хIал дагьлъараб мехалъ кваназе. Операция гьабун хадубги кваназе бихьизабула. Иммунитет щулаги, нервабазул гIуцIабазул хIалтIи лъикIги гьабула гьелъ.

Пихъ гъотIода хурхинабураб гьитIинаб гIаркьалил гьабураб гьагIу рикIкIуна кIващ кквезе кIоларого ругезе дарулъун.

Ракъвазарурал гьелъул тIанхазул тIокIкIел лъикIаб буго ригьалде рахарал гIадамазе, анемиялъ унтаразе. Паралда лъун тамах гьарурал тIанхал лъезе бегьула хьверд лъугьарал ругъназда ва тIадерахъиязда.

 

Зарал

Кин бугониги, кваналелъул цIодорлъи гьабизе ккола: эрозивнияб гастрит, язва бугез, бакьалда яги кванирукъалда операция гьабураз, гъиз бачIунарого рукIунез, тIоцебесеб тайпаялъул диабет бугез, къинал ва лъимер хахизабулел руччабаз, пихъазде аллергия букIунез.

Кванан хадуб чехь бухIизабулеб бугони, гьединаз кваначIого тани лъикIаб буго.

Лъабго сон бачIел лъималазеги кьезе бегьуларо.

 

АхIмад Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...