Аслияб гьумералде

Загаралъул пайда ва зарал

Загаралъул пайда ва зарал

ПастIан гьуинаб ва кваназе лазатаб нигIмат. Гьеб кваназе бегьула гIатIгоги батIи-батIияб къагIидаялда кванилъ хIалтIизабунги.

 

Гьеб буго чорхое кутакалда пайдаяб тIагIам, гьелъулъ руго рикIкIен гIемерал витаминалгун пайдаял гIуцIаби.

С витаминалъул къадар цIикIкIараб букIиналъ чорхол цIуниялъулал функцияби щула гьарула ва вирусалъулал инфекциябазда дандечIезе кумек гьабула.

А витаминалъ тIом цIунула ва хъарсун, къотIун зарал ккараб мехалда гьеб хехго сахлъизе кумек гьабула.

Антиоксидантаз ва А витаминалъ кумек гьабула катаракта гIадал беразул унтаби ккеялъул хIинкъи дагьлъизабизе.

Калий ва магний гIадал гIуцIабаз бидул тIадецуй низамалде бачуна, гипертониялъул хIинкъи дагь гьабула ва холестериналъул даража гIадатияб хIалалде бачуна.

ПастIаналъулъ бугеб клетчаткаялъ лъикIлъизабула кванирукъалъул хIалтIи ва кумек гьабула бакьазул хIалтIи гIадатияб хIалалде бачине.

Гьелда жанир ругел антиоксидантаз клеткаби зарал ккеялдаса цIунула, цIунарал унтаби ва рак ккеялъул хIинкъи дагь гьабула.

ЛъикIаб асар гьабула бихьиназул сахлъиялъе, хасго нервабазул гIуцIиялъе.

 

Руччабазе

Антиоксиданталгун витаминаз бечедаб букIиналъ руччабазул сахлъиялъеги лъикIаб асар гьабула.

Фолиевая кислота абураб пастIаналъулъ бугеб гIуцIиялъ кумек гьабула чIужугIаданалъул сахлъиялъе, хасго лъимаде йигеб заманалъ. Гьелъ квербакъула ургьиб бугеб лъимералъул рижин гIадатияб къагIидаялъ лъугьун цебетIеялъе.

Лъималазул кванил нигIматазулъ пастIан ккола сахлъиялъе кутакалда пайдаяб тIагIам. Иммунитеталъеги асар гьабула гьелъ.

КигIанасеб къадаралда кваналеб? Бищунго цIикIкIун пайда щвезе ккани, лъикIаб букIуна пастIан цIияб кваназе. Анкьида жаниб чанго нухалъ рекъараб къадаралда кванаялъ черх витаминаздалъун ва минералаздалъун хьезабула. ЧIахIиязе рекъараб къадар буго 200-300 грамм.

Гьунаб нигIмат букIиналъ цIодорлъи гьабизе ккола аллергия букIунез, чакрил диабеталда хадуб хъаравуллъи кколез, кванирукъалъул сахлъи загIипаз.

Аллагьас ﷻ чорхое пайдаяб ва сахлъи кьолеблъун гьабеги кваналеб нигIмат.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...