Аслияб гьумералде

Ингилисазул жасус

Ингилисазул жасус

Ингилисазул жасус

(Байбихьи цересел номеразда)

 

Басраялде щведал дун мажгиталде ана. Мажгиталъул имам шайих ГIумар Таи вукIана гIарабав, динияб бербалагьиялда рекъон – суннитав.

 

Гьесулгун лъай-хъвай гьабидал, дида щаклъарав гIадин, дие гIемерал суалал кьуна. Дица бицана дун кколин Турциялдаса, Игдыр вилаяталдаса, Стамбулалда гIумру гьабулев АхIмад-афандил цIалдохъан. Халид абурав цIулал устарасул дова вукIанин хIалтIулев. Турк мацIалда кIалъайдал, имамас аскIор рукIаразул цоясда цIехана битIун кIалъалев вукIищин абун. Дов чияс битIун кIалъалев вугин жаваб кьуна. Амма хадубги дида бичIчIана имам щакдарулев вукIин дун гIусманиязул жасус ватилинги абун. Хадуб дида лъана гьесдаги султанасул вакиласдаги гьоркьоб рокьукълъи букIин.

ГIумар-афандил мажгиталдаса нахъе ине ккараб мехалъ, дица рукъ ккуна сапарчагIи лъалхъулеб минаялъуб ва гьениве гочана. Гьеб минаялъул бетIергьан Муршид-афанди вукIана цIакъ гIакълу гьечIев чи. Щибаб къоялъ мачIикьго, дир хIалхьиги хвезабун, жеги рогьалил как ахIилалдего вачIунаан гьев дун вахъинавизе ва кутакалда дир нуцIида кIутIулаан. Рес букIинчIо гьесухъ гIенеккичIого. КигIан бокьичIониги тIаде вахъунаан ва рогьалил как балаан. Хадуб гьес дида абулаан: «Рогьалил как бан хадуб дуца цIализе буго хирияб Къуръан», - ян. Цо нухалъ дица гьесул рагIи къотIана: «БацIцIадаб Къуръан цIали – паризаяб жо гуро. Щай мун гьедин тIаделъулев?» - абун. Гьес абуна: «Гьадинаб заманалда кьижи ккола гьанир чIарал чагIазде тIаде мискинлъи ва балагь цIай», - ян.

Дица гьесул гьеб тIалабал тIуразарулаан, щай абуни, гьес дун нахъе вачахъилин хIинкъаби кьолел рукIун. Гьелъин дица как ахIидал рогьалил как балаан ва сагIаталдасаги цIикIкIун заманалъ Къуръан цIалулаан.

Цо къоялъ дихъе вачIун Муршид-афандияс лъазабуна:

«Дуца гьаб рукъ ккуралдаса хадуб дида тIаде къварилъаби гъенолел руго. Гьезие гIиллалъун дица толеб буго дур талихIкъосин. Щайгурони мун вуго лъади ячинчIев чи. Хъизан гьабунгутIи – икъбал гьечIолъи буго. Дуца яги чIужу ячине ккола яги дир петер тезе ккола», - ян.

Дица гьесие жаваб кьуна: «Дир гьечIо хъизан гьабизе гIураб гIарац». Амма дица гьесда абичIо доб мехалда АхIмад-афандиясда абураб жо. Щайгурелъул, Муршид-афанди вукIана дидаса ретIелги бахъун, лъимал гьаризе хIалтIизарулел лугбазухъги валагьизе нахъе къаларев чи.

Дир жаваб рагIидал, Муршид-афандияс абуна: «Ва мун, дагьав божулев! Дуца цIаличIищ Аллагьасул калимаби: «Гьел мискинал ратани, бечелъизариларищ Аллагьас Жиндирго сахаватлъиялдалъун», - ян (сура «Нур», аят 32).

Дун вихха-хочун лъугьана. Ахирги, пикру роцIцIана: «Узухъда, дица хъизан гьабила. Амма хIадурав вугищ мун гIураб гIарац дие чIезабизе? Яги дуда жинда тIад гIарац хвезабизе кколарей ясищ лъалей?»

Цо дагьалъ ургъизеги ургъун, Муршид-афандияс абуна: «Щибго лъаларо! Ражаб моцI байбихьилалде дуца чIужу ячина яги хазабе гьаниса!»

Ражаб моцI байбихьилалде абуни хутIун букIана къоло щуго къо.

Цо цIулал устарасул доба хIалтIиги балагьун, дица Муршид-афандил бакI жибго тана. Рукъги квен-тIехги дие хIалтIи кьурас чIезабулеб букIун, нижеца къотIи гьабуна дир захIматалъухъ мухь гьитIинабго букIинилан. Ражаб моцI байбихьизегIанги чIечIого, дица дирго къайи-къоно цIулал устарасул добе баччана. Гьесда цIар букIана ГIабдуриза. Гьев вукIана Хорасаналдаса шигIит, ракIбацIцIадав, намус-яхI бугев чи. Гьев дунгун жиндирго васгIадин вукIунаан. Гьесда цеве хIалтIулев вукIиналдаса пайдаги босун, дица байбихьана перс мацI лъазабизе. Щибаб къоялъ маркIачIуда гьесул мастерская бугеб бакIалде ракIарулаан шигIитал-иранал ва сиясаталъулги экономикаялъулги темабазда тIасан накъит гьабулаан. Гьез гIайибал чIвалаан хIукуматалда ва Стамбулалъул халифасул рахъалъ гIемерал бадирчIваял гьарулаан. Чияр чи тIаде вачIани, тема хисулаан ва хъизан-рукъалъул суалазда тIасан кIалъазе журалаан. Гьев дида цIакъ божулаан. Нахъа дида бичIчIана, турк мацIалда кIалъалев вугин абун гьес дун Азербайжаналдаса кколин абун рикIкIунев вукIин.

Нижеца, цIулал устаразабаз, хIалтIи гьабулеб рокъове гьоркьо-гьоркьов вачIунаан цо вас. Гьев вукIана цIалдохъанасул ратIлилъ, лъалаан гIараб, перс ва турк мацIал. Гьесда цIар букIана МухIаммад ГIабдул Вагьгьаб Нажди.

Гьев, цо хIалалда чIоларев гIолилав кIалъалев вукIана цIакъго цIакъ гьаракь биччан. ГIусманиязул хIукуматалде семулаан, Ираналъул хIакимзабазул рахъалъ щибго абулароан. ГIабдуризалги гьесулги гьудуллъи бухьун букIана гьел кIиялго Стамбулалъул халифаталда данде чIараллъун рукIиналъ. Амма киса гьев сабру гьечIев гIолохъанав суннитасда лъалеб перс мацI ва кин шигIитавлъун вугев ГIабдуризаца гьесулгун гьудулъи гьабулеб бугеб? Гьаб шагьаралда сунниталги шигIиталги цоцаздехун вацал гIадин руго. Гьаб шагьаралда гIемерисезда лъала гIараб ва перс мацIал, амма турк мацI лъалел жеги цIикIкIун руго.

Наждалдаса МухIамад тIасан суннитавлъун вукIана

ГIемерисел суннитаз шигIитазде данде рагIи абулеб бугониги, цо-цо суннитаз шигIитал къосарал чагIилъун рикIкIуеел ругониги, гьес шигIитазда гIайибал чIвалел рукIинчIо. Наждалдаса МухIамадида щибниги гIилла бихьулеб букIинчIо суннитал ункъабго мазгьабалъул цоялда нахъе ине ккеялъе ва гьес абулаан Аллагьасул ТIехьалда мазгьабазул кинаб бугониги бихьизаби гьечIин. Гьеб сабаблъун гьес санго гьарулароан хириял аятал ва кIвар кьечIого толаан хIурматиял хIадисал.

Ункъабго мазгьабалда хурхун абизе бегьула гьаб хадуб рехсараб: МухIаммад авараг ﷺ накълулъун хадуб суннитазда гьоркьов ваккана ункъо гIалимчи. Гьел рукIана Абу ХIанифа, АхIмад бин ХIанбал, Малик бин ГIабас ва МухIамад бин Идрис ШафигIи. Цо-цо халифзабаз тIамулел рукIана суннитал гьев ункъавго гIалимчиясул цоясда нахърилълъине. Гьев ункъо гIалимчияс гурони батIиясул ихтияр букIинчIо Къуръаналдаса ва хIадисаздаса хIасилал гьаризе, ай хIукмаби къотIизе! Гьел ишал ккана гIиллалъун бусурбабазда цере гIелмуялъул ва бичIчIиялъул каваби къаялъе. Ислам чIун хутIиялъе квербакъи гьабуна ижтигьадалде ва гIадамазул жиндирго пикраби рукIиналде гьабураб гьеб гьукъиялъ.

Жидерабго бичIчIи тIиби-тIизабиялъе гIоло шигIитаз хIалтIизаруна гьел мекъал биценал (абиял). Суннитазул къадаралдаса анцIил бутIацин букIинчIо шигIитазул. Гьанже гьел лъугьана суннитал чан ругониги, гьедигIанго къадаралъул. Гьеб буго ккезе цIакъ рес букIараб жо, щайгурелъул диналъулъ жигар бахъи релълъараб буго яргъида. Гьелъ цебетIей гьабула исламияб дин лъазаби, ай исламалъул малъа-хъваял, цIигьабула БацIцIадаб Къуръаналда ва суннаталда нахъгIунтIи. Диналъулъ жигар гьаби гьукъи релълъуна кьаву чIвараб яргъида.

Диналъул аслиялал къагIи-дабазул система лъай данде щвараб горалде жанибе бачунеб буго. Гьелъин абуни, цIияб жо лъаялде нуцIа къала, гIундул къала, гьанжесеб заманалъул тIалабал рагIичIого рукIине. Дур кьаву чIвараб ярагъ батани, тушманасул цебе араб батани, дур къисмат буго, цебе букIа, хадуб букIа, бергьенлъи щвеялдаса махIрумлъи. Дида ккола гIагараб букIинесалда агьлу сунна вал-жамагIатчагIаздаса гIакълу бугел бихьиназ рагьилин диналда нахъгIунтIиялъул каваби. Гьедин гьабичIони гьез, цо чамалиго гIасруялдаса гьезул къадар букIине буго дагьаб, шигIитазул – гIемераб. (РацIцIадал аятазда ва хIурматиял хIадисазда чIванкъотIун бихьизабулеб буго ричIчIизе захIматал бакIазда нахъгIунтIарал гъваридал гIалимзабазда абулин мужтагьидалин. Мужтагьидаллъун рукIине ккани къваригIунел хасият-гIаламатазул мухIканго бицун буго нилъер тIахьазда «ЛъугIи гьечIеб талихI» ва «Пайдаял лъаял». Гьижрияб ункънусго соналда жаниб гьел тIалабазда данде кколев цониги гIалимчи вижичIо. Исламалъул тушбаби, дин лъаялъулъ жигар бахъулел ругиланги абулаго, тIаде рахъана исламияб дунял жаниса хъвалхьинабизе. Гьебго заманалда мужтагьидаз Къиямасеб къо щвезегIан ккезе ругел лъугьа-бахъиназул бицун буго аслияллъун ругел доктринабаздаса росарал малъа-хъваялги кьучIлъун росун).

 

(Хадусеб букIине буго)

 

Барият МухIаммадова

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Духъе вачIарав чапар

Рамазан моцI ккола гIумруялда жанир ккарал гIунгутIаби рацIцIине ва нилъерго иман щула гьабизе кьураб моцI, гьебги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун. Гьаб моцIалъе чияс букIине кколеб адаб-хIурмат гьабуни, гьелъул баракат щвела.   Рамазан моцI лъугIизе дагьалго къоял хутIун ругониги,...


МацIалъул хIинкъи

МацI ккола ТIадегIанав Аллагьас инсанасе кьурал бищунго кIудиял нигIматазул цояб. Гьелдалъун гIадамаз бухьен гьабула, гIелму бикьула, цоцазе квербакъула, Аллагь рехсола. Амма гьебго мацIалъги рачине бегьула кIудиял мунагьазде ва квешал хIасилазде, гьабулеб каламалда хадуб...


Муфтияталъул вакилзабазулгун дандчIвай

Буйнакск районалъул администрациялда тӀобитӀана районалъул бетӀерасул ишал тӀуразарулев Маликов Табиридаги гьенире рачӀарал Динияб идараялъул вакилзабаздаги гьоркьоб данделъи. Гьоркьор лъунги рукIана цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабиялда хурхарал суалал. Данделъиялда гӀахьаллъана Буйнакск шагьаралъул ва...


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....


КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!   ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб...