Аслияб гьумералде

Ингилисазул жасус

Ингилисазул жасус

Ингилисазул жасус

(Байбихьи цебесеб номералда)

 

ТIоцебесеб бетIер

 

Хемперица абулеб буго Великобритания рагIа-ракьан гьечIеб кIудияб бугин. Индиялда, Китаялда ва Гьоркьохъеб Бакъбаккул улкабазда тIад жидер кверщел, цогидазда данде, загIипаб бугин. Жидеца гьел пачалихъазда тIад нухмалъи щвалде щун гьабулеб гьечIин. Амма гьениб жидеца гIезегIан жигараб сиясат бачунеб бугин. КватIичIого кинабго жидеда кодоб букIине бугин.

 

«Гьаниб кIвар буго кIиго жоялъулин бицунеб буго гьес:

      1. Жидер кверщаликье щвараб кодоса инчIого букIине хIаракат бахъи.
      2. Жидер гурелда тIад бетIер-гьанлъи гьабизе кIвар буссинаби.

Колониязул ишал рачунеб идараялъ гьел цере рехсарал мурадал тIураялъе гIоло кIиго хасаб комиссия гIуцIана. Колониязул ишазул идараялда хIалтIизе байбихьарабго, министрас, божилъи загьир гьабун, Бакъбаккул Индиялъул компаниялда хъулухъ кьуна дие. ТIаде балагьун гьеб бихьулаан даран-базар гьабулеб компания хIисабалда. Амма хIакъикъаталда гьеб букIана гIатIидаб Индиялъул ракьал кверщалиде росизе гIарац (бечелъи) ва ресал ралагьулеб компания.

Индиялда хурхараб ургъел гьаби нижер хIукуматалъул букIинчIо. Щайгурелъул гьеб букIана жиде-жидер мацIазда кIалъалел ва цоцазда данде кколарел хIажалъабазул батIи-батIиял миллатазул гIадамаз гIумру гьабулеб улка. Китай сабаблъунги ниж гIемер хIинкъун рукIинчIо. Щай абуни, ниж риххизарулел рукIинчIо Китаялда буддизм ва конфуцианство чIаголъулеб букIиналъ. Гьел ккола хварал динал, гIумруялъулгун щибго хурхен гьечIел, гьелъул хIасилалда гьеб кIиго пачалихъалъул халкъазе ватIан бокьи хасиятаб гьечIо. Гьединлъидал, гьеб кIиябго пачалихъалъ нижер, Англиялъул хIукуматалъул рахIатхвезабулеб букIинчIо.

 Амма нижеца берзукьа рорчIизе толел рукIинчIо букIинеселда ккезе рес бугел лъугьа-бахъинал. Гьелдалъун, нижеца гьел улкабазда дагIба-рагIи, жагьиллъи, мискинлъи ва эпидемиябицин тIиритIизариялъул халатаб заманалъул планал гIуцIана. КIиябго улкаялъул, ай Китаялъулги Индиялъулги гIадатал цIунун нижеца нижерго къасдал рахчулел рукIана.

ГIорхъодаса борчIараб рахIатхвей бижизабулеб букIана бусурбабазул улкабаз. Щайгурелъул гьез киназго «Унтарав чигун», ай ГIусманиязул пачалихъгун нижеда данде руссарал къотIаби гьарун рукIана. Колониязул ишазул министерствоялъул хIалбихьи бугел специалистаз рикIкIунеб букIана гьев «унтарав» цо гIасруялдасаги дагьаб заманалда хвезе вугин. Гьеб гуребги, нижеца Ираналъулгун балъгоял къотIаби гьаруна ва гьеб кIиябго улкаялда тIадегIанал хIукуматалъул хъулухъазда нижее мутIигIал чагIи лъуна. Ришватчилъи, квешаб нухмалъи гьаби, церехъаби диналдаса кьуризари, гьел церехъабазул руччабазулгун хIарамаб хурхен ва хъулухъалъулал ишал тIаса-масаго гьариялъ гьел кIиялго улкабазул (ГIуманиязул пачалихъалъул ва Ираналъул) мугъзагьодал рекана. Гьедин бугониги, рахIатхвезабулеб жо букIана нижер хьулазда дандеккун хIакъикъиял хIасилал батIиял рукIин. Гьелъие гIиллабиги кколаан гьал хадур рехсолел ругел:

      1. Бусурбаби хасаб куцалъ диниял руго ва жидерго диналда цIакъ рухьарал руго. Щивав гIадатияв бусурбанчи жидерго диналда цIикIкIун вухьун вуго насраниязул попал яги монахал жидералдаго рухьун ругелдаса. Бусурбабазда гьоркьоб бищунго хIинкъи бугеллъун ккола Ираналъул шигIитал. Щай абуни, шигIитал гурел чагIи гьез рикIкIуна капурзабилъун ва рацIцIадал гуреллъун. Ираналъул шигIитазул берзукь насраниял махI квешаллъун, чорокаллъун ккола. Инсанаслъидал жиндирго вижиялда, тIабигIаталда рекъон кIвараб куцалъ балагьулеб чороклъиялдаса ватIалъизе. Цо нухалъ дица шигIитазда гьикъана: «Щай нуж насраниязухъ гьедин балагьулел?» - ан. Дие гьадинаб жаваб щвана:

- Исламалъул Авараг вукIана цIакъ кверщел бугев чи. Гьес капурзабазде психологияб тIадецуй гьабулаан гьел битIараб нухдаса инаризе, гьез хIакъикъияб дин бищизе, ТIадегIанав Аллагьасде божизе гьесизаризе гIоло. Гьелда рекъон, хIукуматалъги, кинавниги чиясулъ жиндие хIинкъи бихьулеб бугони, гьесда тIадецуй гьабула, гьев чи мутIигIлъизегIан.

Дица абулеб буго рухIияб чороклъиялъул, материалиялъул гуро. Гьеб гIицIго насраниязе гуро хасиятаб бугеб, гьездаго цадахъ тIибитIула суннитазда ва киналго капурзабазда тIад. ХIатта некIсияб Ираналъул цIадуе лагълъи гьабулезда тIадецин. ШигIитазул берзукь гьелги къабихIаллъун ккола.

Цинги дица абуна: «Дир хирияв! Сунниталги насраниялги божула ТIадегIанасда, аварагзабазда, Къиямасеб къоялда. Щайха гьел рикIкIине кколел чорокаллъун?» - абун.

Гьес жаваб кьуна: «Гьел рацIцIадаллъун кколаро кIиго гIилла сабаблъун. ТIоцебе, гьез МухIаммад Аварагасде гIунтIизарулел руго гIемерал гьерсал. (ХIакъикъаталда, нилъер Аварагасде гьерсал гIунтIизарулел руго шигIитаз ва насранияз. Хирияб Къуръаналде ва Аварагасул хIурматиял хIадисазде данде кколарел шигIитазул рагIабазе ва чорокал ишазе жавабал кьола агьлу-сунна-вал-жамагIаталъул чагIаз хъварал тIахьаз, масала, 974 (1566) соналда Маккаялда хварав АхIмад ибн Хажарица хъвараб «Ас-СавагIикъул-МухIрикат» тIехь. Ва нижеца гьел чорокал гIайибазда данде «Дуе квешлъи гьабурасе дуеги бегьула данде квешлъи гьабизе» абурал рагIабазда рекъон, абулеб буго гьезда: «Нуж руго чорокал», - илан.

КIиабизе, Аллагьасул аварагзабазде насраниязул квешаб бербалагьи буго. Нижер Аварагасде гьереси гIунтIизабулеб буго. ЧIезабулеб буго ГIиса аварагас чIагIа гьекъолеб букIанин ва жиндирго мунагьал сабаблъун магIаз хъанчида ван вукIанин гьевилан абун.

Дица, кутакалда хIинкъун, абуна гьев чиясда:

- Насранияб диналъ тасдикъ гьабулеб гьечIо гьединаб жо.

Гьес дие жаваб кьуна:

- Гуро, дуда лъаларо. Гьедин хъван буго Басрияб ва ЦIияб васияталъул тIахьазда.

Дун сихIкъотIун чIана, щайгурелъул кIиабилеб гьесул рагIи тIекъаб бугониги, тIоцебесеб абураб жо гьересияб букIинчIо. Дие бокьун букIинчIо гьеб къец халат бахъинабизе, щай абуни, дун гьесда цеве бусурбанчи хIисабалда эхетун вукIиндал, гьев дида щаклъизе бегьулаан. Гьединлъидал, кидаго хIаракат бахъулаан дица гьевгун дагIбадичIого чIезе.

      1. Цо заманалда ислам букIана бетIерлъи гьабиялъул ва кверщел букIинабилъул дин, бусурбаби - диналъулъ къвакIарал. Гьел диниял чагIазда гьанже нуж лагъзал ругин абизе цIакъ захIмат буго. Рес гьечIо гьезда абизе, исламалъул тарихги какулаго, цо заманалда нужее божилъи ва адаб-хIурмат щун батани, гьелъие цо-цо гIиллаби рукIанин. Амма дол къоял ана ва нахъруссинаро.
      2. Ниж цIакъ хIинкъун рукIана, гIусманиязда ва ираназда ричIчIизе гурин нижер кинал къасдал ругелали ва гьез гьел къосинаризе, хIасил гьечIеллъун гьаризе гурин. Кин бугониги, гьеб кIиябго пачалихъ гIезегIанго загIиплъун буго. Амма гьезул букIана гIемераб гIарац, ярагъ, кверщел, кIиялго рукIана централизованияб нухмалъиялъул пачалихъал ва гьел киналго хIужабаз ниж толел рукIинчIо ракIчIараллъун рукIине.
      3. Исламалъул пачалихъаз кутакалда рахIатхвезабун букIана нижер. Стамбулалъул, аль-Азгьаралъул, ГIиракъалъул, Сириялъул цIаларал чагIи, гIалимзаби нижер нигатал тIураялда церечIарал, жидедаса бергьине кIоларел квекIеналлъун рукIана. Щайгурелъул гьез дунялалъул буголъиялда, ихтилат-кепалда, рахIаталда данде лъолеб букIана къуркьи гьечIеб дин ва щвезе бугин Къуръаналда рагIи кьураб Алжан. Гьел цо манзилалъги жидерго масабаздаса тарулел рукIинчIо. Халкъалъ гьез абураб гьабулаан, живго султанцин гьезухъа хIинкъулаан. ШигIитал гIалимзабазда хурхарал рукIинчIо. Щай абуни шигIитаз тIахьал цIалулароан, кколеб куцалда султIанасе мукIурлъиги гьабулароан. Суннитазин абуни, гIемерал тIахьал цIалулаан, гIалимзабазе ва султIанасул адаб-хIурмат гьабулаан.

 Гьел ахIвал-хIалал сабаблъун нижеца чанго нухалъ данделъаби гьарулаан. Амма щибаб нухалъ ракIчIолаан, киналго нуцIби нижеда цере къан рукIиналда.

Жасусаз ритIун рачIунел рапортаз нижер хьулал тIуразарулароан ва щибаб нухалъ данделъабазул хIасил кколароан. Амма, кин бугониги, мурадазде щвелин божи толеб букIинчIо. Гьединлъидал ниж ругьунлъана хIехьезе ва балагьун чIезе.

Цо данделъиялда гIахьаллъун вукIана живго министр, килисаялъул тIадегIанал иерархал (хIалтIухъаби) ва чамалиго специалист (экспертал). Нижер вукIана къого чи. Лъабго сагIаталдаса цIикIкIун унеб гьеб совещаниялда ниж цо хIасилалде рачIинчIо. Амма цо кашишас абуна:

- Ургъел ккоге! Щайгурелъул насранияб дин тIибитIана лъабнусго соналъ халалъараб гIакъубаялдаса хадуб. Хьул лъелин, доб дунялалдаса Мессия нилъехъ балагьун вукIиналде. Лъабнусго соналдасаниги изну кьелин, рес щвелин мекъаб диналда ругел (гьесул хIисабалда бусурбаби) жидерго центраздаса, тахшагьараздаса рачахъизе. Нилъеца ярагълъун босизе ккола диналде къвакIи, халатабахъараб къохIехьей, сабру, кверде росизе ккола киналго ресал, ишараялдалъун рихьизаризе ккола нухал. ХIаракат бахъизе ккола бусурбабазда гьоркьоб насранияб дин тIибитIизабизе. Нусго сон араб мехалъ щваниги хIасилалде, гьеб букIина цIакъ лъикI. Щай абуни, умумуз жигар бахъула лъималазе гIоло ва хIалтIула наслабазе гIоло.

Колониязул ишазул министерствоялда букIана конференция, гьениб гIахьаллъи гьабуна ингилисаз гуребги, Франциялдаса ва Россиялдаса дипломатаз, килисаялъул хIалтIухъабаз. Министрасулгун лъикIаб гьоркьоблъи букIиналъ конференциялда гIахьаллъулезул сияхIалда гъорлъ дунги вукIана. Конференциялда борхараб суал букIана бусурбабазда гьоркьоб кьал кин ккезабилеб абураб суал. Масала, щал ресаздалъун Испаниялъул бусурбаби жидерго диналдаса руссинарун, унго-унгояб диналде (насранияб диналде) руссинарилелин абураб. Доб конференциялда загьир гьарурал пикраби дица росана «Мессия вахъинегIан» («До воцарения Мессии») тIехьалде.

Гъваридго кьалбал риччараб гъветI бакъвазабизе, къотIизе ва ракьулъа бахъизе захIмат букIуна. Амма нижеда тIадаб букIана киналго квекIенал рахине ва бергьенлъи босизе.

Насранияб дин бижана жиб тIибитIизабизелъун. Гьеб нижее васигат гьабуна нижер БетIергьанас. Бакъбаккуда ва БакътIерхьуда бугеб бусурбабазул диналъ гьедин гьабиялъе санагIалъи толеб букIинчIо. Гьел данде кколарел шартIал тIагIараб мехалъ, гьездаго цадахъ тIагIуна балагьалги (Ислам). Жакъа нижеца кIудияб разилъигун абулеб буго ахIвал-хIал хисун бугин. Нижер ведомствоялъул хIалтIул хIасилалда ва жеги батIиял насраниял пачалихъазул хIаракатгун тавакал буголъи сабаблъун бусурбаби нахъегIан къалел руго.

Заман щвана халатбахъун аскIорегIанцин къазе кIолел рукIинчIел ракьал кквезе. Ислам биххизабиялъул ишалъулъ тIоцебесеб бакI ккола Великобританиялъ.

 

(Хадусеб букIине буго)

 

Барият МухIаммадова

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


Къо-мех лъикI Рамазан…

ХIурматияб диналъул агьлу. Гьале исанаги рамазан моцI ана нилъедаса. ТIасияб соналде щвезегIан тIокIаб гьеб бихьиларо. Амма нилъер рес бугоха рамазаналъ гьабулеб букIарабго гIамал, щибго ками ккезе течIого, тIасияб соналъги гьеб бачIинегIан цIунизе.   Хадусеб соналъ щиб букIинебали лъидаго...


Духъе вачIарав чапар

Рамазан моцI ккола гIумруялда жанир ккарал гIунгутIаби рацIцIине ва нилъерго иман щула гьабизе кьураб моцI, гьебги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун. Гьаб моцIалъе чияс букIине кколеб адаб-хIурмат гьабуни, гьелъул баракат щвела.   Рамазан моцI лъугIизе дагьалго къоял хутIун ругониги,...


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...