Аслияб гьумералде

АхIмад Зарукъил гIумру

АхIмад Зарукъил гIумру

АхIмад Зарукъил гIумру

Абул ГIаббас АхIмад бин АхIмад бин МухIаммад бин ГIиса ал-Бурнуси ал-Фаси, АхIмад Зарукъ абун машгьурав, шазалияб тIарикъаталъул устар, имам Маликил мазгьабалъул кIудияв гIалим гьавуна 846 соналъ Фас абураб бакIалъул мухъалде кколеб Тиливан росулъ. ГьабсагIаталда Мароккоялде гъорлъе унеб бакI буго гьеб.

 

Барбала абураб кьибилалдаса чи кколаан гьев. 

Гьев мубарак гьавун кIиабилеб къоялъ эбел Аллагьасул къадаралде щола, гьелдасаги кIиго къоялдаса инсуцаги тола панаяб дунял. Эбел-эмен хун бесдаллъарав АхIмад Зарукъ ккола Уммулбанин абурай кIудияй эбелалъул цIобалде. Гьейги йикIуна исламияб гIелму бугей гIадан. ГьитIинго гьелъ рокьи бижизабула АхIмадил исламияб гIелмуялдегун гIалимзабазде. ГIумруялъул 10 сон барабго Къуръан хIифз гьабун бахъуна гьесул. Гьебго заманалда гьитIинав Зарукъияв ватIалъула кIудияй эбелалдасаги.

Зарукъин абураб цIар гьесие щун буго кIудияв инсудаса. Гьев вукIун вуго берал цIахIилав чи. Гьесда гIадамаз абулеб букIун буго Зарукъилан. Цинги гьесулго наслуялъул чи АхIмадидаги гьебго цIар рекIун буго.

Жиндиего бетIербахъиялъе букIине гьев ругьунлъула къохьол хIалтIул махщалие. 16 сон базегIан гьеб махщалидаса бетIербахъи гьабулев вукIуна. Цинги, чIахIиязул малъиялда рекъон, байбихьула гIелму цIализе.

КигIан гIелмуялъулъ цеветIуниги цо жо гIоларого вукIарав Зарукъияв дандчIвала тасаввуфалъул агьлугун. Гьелде гъорлъе ккейгун, кинабго ракIалда букIараб мурад тIубала гьесул. ТIарикъаталъул гьесул устарзаби ккола ГIабдуллагьил Макки, МухIаммаду Зайтуни ва аслияв гьесул устар - АхIмад бин ГIукъбат ал-ХIазрами. Шазалияб тIарикъаталъулъ гьесул маъзунги ккола Зарукъи. Жиндир устарасул амруялдалъун чанго бакI хисана АхIмад Зарукъица. Гьездаса цо сон Мадинаялдаги бана.

АхIмад Зарукъияс нахъе тана кIудияб рухIияб бечелъи. Гьебги ккола Зарукъияс хъван тарал гIелмиял тIахьал. Гьаб жакъаги пайда босула гIелмуялъул агьлуялъ гьесул гIелмиял хIалтIабаздаса. Гьесул тIахьал руго батIи-батIиял гIелмиял рахъаздаса гIуцIарал. Бищунго машгьураздасан ккола «КъавагIиду ат-Тасаввуф» абурал тIахьал. Гьесул квералъ хъвараздасан ккола: Къуръаналъул тафсир, ай Зарукъиясул тафсир абун машгьурлъараб, шархIу Аби Язидил Къируни, КъуртIубиясул матнуялда тIад лъабго шархI, ибну ГIатIаиллагьил ХIикамазда тIад шархIалъул 36 тIехь, шархIу Асмаиллагьил хIусна, шархIун гIала Далаили хайрат, Ан-НасаихI, КъавагIиду ат-Тасаввуф, ГIакъаидул хамс ва цогидалги.

ТIарабулс абураб бакIалда рукIун руго хъачагъазул цо къокъа. Гьез тала гьавичIого щивго чи толев вукIун гьечIо. Цо нухалда гьел тIаде кIанцIун руго Зарукъиясде, жиндирго мутагIилзабигун унев вукIарав чиясде. Кодоб бугебщинаб жоги бахъун, гIаврат бахчараб гъоркьан ратIлилъ хутIун рукIун руго киналго. Циндаго хъачагъазул цояв ахIдон вуго, гьале гьав устарасул тIаждалъ месед бугин, тIаделъейин тIажу бахъизеян. Цинги гIадамал рачIиндал гьарун буго тейин гIаврат загьир гьабичIогоян. КигIан гьараниги жидергояб гурони бичIчIуларел хъачагъаз къасд гьабун буго гьесул гIаварат загьир гьабизе. Чара бухIарав Зарукъияс Аллагьасда гьарун буго гьал хъачагъал ракьулъе кIкIвинареян абун. ГьебсагIаталда ракьулъе ине журан руго хъамалчагIи. Гьелда ракIчарал гьез кутакалда гьарун буго тIаса лъугьайин, жидеца тавбу гьабунин абун. Гьезда гурхIарав Зарукъияс жалго теян гьаригун, ракьулъе ин къотIун буго. Гьелдаса хадур гьел киналго хъачагъал Зарукъиясегун гьесул муридзабазе хъулухъ гьабизе аскIор чIун, тIокIалъ гьесдаса ратIалъун гьечIо. Муридзаби ракIарулеб бакIалда гьабсагIаталдаги гьезул наслаби ругин абулеб буго хъулухъчагIилъун, гьезда цIарги бугила Зарукъияб завияталъул хъулухъчагIи абун.

«Канзул магIариф» абураб тIехьалда накъшубандиябгун шазалияб ва къадирияб тIарикъаталъул устар Сайфуллагь-къадияс гIемер рачунел руго накълаби мубарак Зарукъиясул «КъавагIиду ат-Тасаввуф» абурал тIахьаздаса.

АхIмад Зарукъияс панаяб дунял тана 899 соналъ, гIумруялъул 53 сон букIаго. Гьев вукъун вуго гьабсагIат Ливиялде гъорлъе кколеб Мисрат шагьаралда.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


ГIузру бугесе бигьалъи

ТIоцебе кIалгьикъи гьабизе бугелдасан ккола как. Гьединлъидал щивав чияс хIаракат бахъизе ккола букIине кколеб куцалда как базе, ай киналго шартIалги цIунун. Гьединго цIунизе какилъ рихьизарурал суннатал гIамалалги.   Фикъгьиялъул тIахьазда хъван буго как балелъул вахъун чIезе бажарулеб...


Жакъаго пайда босе

ТIадегIанав Аллагьас нилъее гIемерал сайгъатал кьун руго. Гьезие гIоло нилъеца БетIергьанасе реццги гьабун, рихьизарураб гьабураб куцалда гьел хIалтIизаруни, щивасе дунялалдаги ахираталдаги кIудияб пайда щвела.   Бокьараб нигIматалъухъ инсанас ТIадегIанав Аллагьасе шукру гьабуни, Гьес...


Луганскиялде сапар

ДРялъул делегация дандчӀвана Луганск шагьаралъул администрациялъул вакилзабигун ва рехсараб шагьаралъул бетӀерасул ишал тӀуралей Яна Пащенкогун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад Мусаев; Россиялъул бусурбабазул цӀиял ракьалда...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIудиявго гIолев гьечIо       Дир вас кIудиявго гIолев гьечIо. Университет лъугIизабуниги маркаби ракIарулев вукIуна. Гьесул гьалмагълъи хIалтIул ва хъизам гьабиялъул пикрабазда ругониги, дир вас гIисинал лъималаз гьабулеб гьабулев вукIуна. Гьесда кIола маркаби хIалаго тIубараб къо инабизеги....


ЦIияб тIехь

ДРялъул муфтияталъул гӀелмияб отделалъ къватӀибе биччан буго исламияб лъай кьеялъул бищунго хириял темабазул цояблъун кколеб Лайлатул къадруялъул сардил хиралъабазул бицараб тIехь. Гьелъул автор ккола машгьурав гӀалимчи ва хӀафиз АхӀмад ибн ГӀабдуррахӀим ал-ГӀиракъи. Жиндирго тIехьалда гьес...