Аслияб гьумералде

ЧIахIиязул адаб гьаби

ЧIахIиязул адаб гьаби

ЧIахIиязул адаб гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан бичIчIула чIахIиязул адаб тей кIудияб мунагь букIин.

 

ЧIахIияздехун адаб-хIурмат гьаби ккола инсанасул лъикIал табигIатазул цояб. Гьединав чиясдехун цогидазулги лъикIаб бербалагьи букIуна ва кIодолъидал цогидазги гьесул адаб гьабула.

«Кабаир» абураб тIехьалда ТIабаранияс бицана аварагасдасан, Абу Умаматица бицанин: «Саназде вахарав бусурбанчи, гIалим ва ритIухъав имам сан гьавичIого толаро мунапикъас гурони», - ян.

Сан гьавичIого тейги ккола гьел ралъаргъи, гьездехун хъачIго кIалъай, гьел ругел бакIалда адаб тарал жал гьари, гьел каки. Жакъа нилъеда гIемер бихьула кIудияв чи тIаде вачIиндал эхедецин рахъунарел чагIи. Гьелде тIаде, цо-цояз цогидал гIолилазе кеп гьабиялъе ралъаргъуна чIахIиял. Школазда учительзабазул адаб гьабиги цебе гIадин гьечIо. Цебе учителас лъималазда кьаби гIадатияб жолъун букIана ва гьелъухъ эбел-инсуца учителасе баркалаги кьолаан ва жиндирго лъимадуе гIадлуги гьабулаан. Гьанжейин абуни, цIалдохъанасдехун абураб мекъаб рагIи сабаблъун, эбел-эмен кIанцIула учителасе гIадлу гьабизе. Гьеб кинабго ккола къиямасеб къоялъул гIаламатлъун.

Анас бин Маликидасан бицараб хIадисалда буго: «Исламалдаги вукIун 40 сонил ригьалде вахарав чиясдаса ТIадегIанав Аллагьас гIадаллъи ва барас унтаби тIаса росула, 50 соналде вахиндал – Аллагьас лъикIлъаби гьаризе гьесие бигьа гьабула, 60 соналде вахиндал – Аллагьас гьев Жиндиего бокьулеб жоялде вакил гьавула, 70 соналде вахиндал – ТIадегIанав Аллагьасе ва зобалазул агьлуялъе гьев вокьула, 80 соналде вахиндал – Аллагьас гьесул лъикIал гIамалал къабул гьарула ва квешаздаса тIаса лъугьуна. 90 соналде вахиндал – цере арал ва гьаризе ругел мунагьал гьесул чурула, гьесдаги абула ракьалда Аллагьасул асирилан, хъизан-агьлуялъе шапагIат гьабизе Аллагьас гьесие изнуги кьола. 100 соналде вахиндал – гьесда абула Аллагьасул хIабисилан (туснахъ гьавурав). Ракьалда вугев Жиндир хIабисасе гIазаб гьабунгутIизе Аллагьги гъоркье чIарав вуго» (АхIмад).

Балагьеха, ТIадегIанав Аллагь ﷻ инсан саназде вахаравгIан гьесда гурхIулев вугеб куц? Аллагьцин ﷻ гьедин гурхIулеб мехалда нилъеца жеги лъикI гьабизе ккеларищ чIахIиязул адаб?

ГIаишатидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Дир умматалдасан 80 сон барав чиясе хIисаб-суал гьабуларо ва гьесда абула Алжаналъуве лъугьа», - ян.

 

МухтарахIмад МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...