Аслияб гьумералде

ГIалим КъурамухIаммад-хIажи

ГIалим КъурамухIаммад-хIажи

ГIалим КъурамухIаммад-хIажи

Дунялалъулъ паналъун Аллагь кIочараб къавмалъ,

Ишаналъе росарал васал гIемерал ккана.

ГIарцухъ намус бичарал иман гьечIел шайтIабаз,

Щибниги гIайиб гьечIел гIолохъаби кIурана.

ЧIикIаса СагIид-апанди

 

2007 соналъул 26-абилеб июлалда, боголил какги мажгиталда бан, рокъове унаго нухда шагьидлъана Дагъистанги, Россияги, гIарабазул пачалихъалги жиндие мукIурав гIалим, ЦIунтIа районалъул Зехида росулъа КъурамухIаммад-хIажи. Гьесдаго цадахъ шагьидлъана гьитIинав вац ГIабдуллагь-хIажиги. Жиндир гIумру ислам тIибитIизабиялда арав, Аллагьасул ﷻ хIакъаб дин халкъалда малъиялдаса цебесеб жо жиндир букIинчIев гIалимчи накълулъана чияр квердаса.

 

 ТIолго гIаламалъе ккараб ками бихьизабулеб буго КъурамухIаммад-хIажи накълулъун хадуб ЧIикIаса СагIид-афандияс (живгоги шагьидлъарав) хъвараб назмуялда.

 

Нилъер заманалъул имам Навави

Заманалъул Навави, исламалъул бахIарчи,

КъурамухIаммад ана хIурулгIинзабаз вачун.

ХIасадалъул агьлуялъ къор жиндий гъунаниги,

Къадирасул хIукму щун шагьидлъана багьадур.

 

ШаргIалъе хъулухъалъе хадимлъун чIарав мудир,

ГIаламул Мулкалдаса Малакуталде щвана.

Дунялалъул гъоб рокъоб рахIат дуца гьабичIин,

Гьанже воржанхъе, лачен, Алжаналъул пастIабахъ.

 

Агьлуллагьазул хьибил дуца гьитIинго ккунин,

Гьанже хьваде бокьухъе, рокьанщиналгун цадахъ.

Шайихзаби разияв муридги мун вукIанин,

ВукIа гьанжеялдаса гьезул зумраталда гъоркь.

 

ДунгIан БетIергьан Аллагь разияб хIалги лъугьун,

ХIазратул Къудусалда макъам дуе гьабеги.

Дуца гIелму малъарал гIолилазул къокъаби,

Къудраталъул Аллагьас баракат лъун цIунаги.

 

Баркат гьечIеб къавмалда къагьруялъул цIал щваги,

ЦIоб гIатIидав Аллагьас динул ислам цIунаги.

Дунялалъул абнаал элда машгъуллъун тайги,

Тавбу анищ ккаразул курмул гIатIид гьареги.

 

Диналъул цIогьабазе рахчизе бакI тIагIаги,

Бахчун рекIелъ цIунараб нифакъ бакъалда байги.

Ракъи-къечалъул балагь умматалде щогеги,

Шугьадаазул баркат аниб хутIун батаги.

 

Дун дуда бахиллъула ахираталъул гIалим,

Исламалъухъ рухIги кьун ХIабибгун ﷺ данделъарав.

ХIайранлъиларев кинан дур къокъаб гIумруялда,

ГIасруялъ баччулареб раччи жиндилъ борхараб.

 

Хвелги гIолохъабазе – херлъи гьечIеб чIаголъи,

Халкъалъ баркала кьураб сират нахъе хутIани.

Хобги шугьадаазе – алжаналдаса цо ах,

Аллагь РахIман разилъун хIурулгIинал къачIараб.

 

ХIабиб цIунарав имгIал Абу ТIалиб къанщидал,

Къурайшияз кутакаб тIадецуйги гьабуна.

Гьесие заралалъе ургъичIеб макру течIо,

Аллагьасул макруялъ кинабго къватIиб чIвана.

 

Кинаб хIажат кканиги ХIабибасе ятарай,

ХIал бащадай вазирлъун даимго хьолбохъ чIарай,

Уммагьатул муъминин Хадижатун Кубра хун,

Халкъалъул хириясде гьеб мусибатги щвана.

 

Шугьадаазул сайид УхIудалъул къояца,

ХIамзат ватIалъидалги ТIагьал хьибил бухIараб.

ХIабибас гьеб кинабго каранда жаниб лъураб,

Купруги басра гьабун исламги тIибитIараб.

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...