Аслияб гьумералде

Имам аш-ШагIрани

Имам аш-ШагIрани

Имам аш-ШагIрани Абу МухIамад ГIабдулвагьаб ибн АхIмад ибн ГIали ал-ХIанафи ккола ГIали ибн Абу ТIалибил наслуялъул чи. Гьев гьавуна гьижрияб 898 соналъул рамазан моцIалъул 27 къоялъ Египеталъул Калкашанда шагьаралда. Гьавун кIикъого къо араб мехалъ, гьев вачуна инсул росулъе ва гьелдаса хадуб гьесда тIокIцIар лъола аш-ШагIрани абун. Цо-цояз гьесда абула Шаравийиланги. Эмен хведал гьес анцIго сонцин бан букIинчIо. Гьев гIуна эбел-эменги гьечIого, Аллагьасул тарбияталда гъоркь.

 

ГIелму тIалаб гьаби

Къуръан рекIехъе лъазабуна 6-8 соналде вахиндал. Микьго сон бараб мехалъ гьес киналго какал заманалда ралаан. Хадув гьев гочана Египеталде ва рекIехъе лъазабуна «Ажрумия» ва гIемерал цогидалги тIахьал.

Жиндирго лъимерлъиялъул бицунаго ШагIранияс абуна: «Аллагьас ﷻ дие кьураб сайгъатлъун ккола гьитIинаб къоялдасаго гIелму цIализе ва гIибадат гьабизе квалквал гьабичIолъи. Дагьалда гIей гьабун чIолев вукIана ва гьелъ бечедал чагIазда цеве хIакъирлъизе ккечIо. Балугълъун хадувги хIалтIизе ккечIо. Жакъа къоялде щвезегIанги Аллагьас дие бищунго ракIалдаго гьечIел ресаздасан ризкъи кьей гьоркьоб къотIизабулеб гьечIо», - ян.

ШагIранияс Къагьиралде вачIиналъул хIакъалъулъ абуна: «Дун Къагьиралде щвана 910 соналъул байбихьуда, гьеб мехалъ дир букIана 12 сон. ГIумру гьабун гьениб бугеб Абул ГIаббасил цIаралда бугеб мажгиталда вукIана. Гьенив вугев шайихасги гьесул лъималазги дир цIакъ тIалаб гьабуна. Гьениб рекIехъе лъазаруна шаргIалъул гIемерал тIахьал», - ян.

Гьеб мажгиталда имам ШагIранияс 17 соналъ гIумру гьабуна гIадамазе дарсалги кьолаго ва гIибадат гьабулаго. Гьес рекIехъе лъазабуна, хасго имам ан-Нававил «Мингьаж», «Альфия», «Ат-ТавзихI», «Ат-Талхис», «Аш-Шатибийя», «ибн ХIишамил Аль-КъавагIид», «Ар-Равза» абураб тIехьалъул бутIа, гьелъул авторлъун вукIана гьесул мугIалим Закария ал-Ансари. Жинда лъарабщинаб жо гьес жиндир заманалъул гIалимзабазухъе щвезабуна. Гьеб буго аш-ШагIранил кIудияб карамат.

Цинги гьев цIализе лъугьана цIалул идараялде ва машгьурлъана, цеветIуна. Имам ШагIранияс лъазарулел рукIана шаргIиял тIахьал ва тасаввуф.

Гьес мазгьабазул гIемерал тIахьал цIалана, живго шафигIияв вукIаниги. Жиндирго «Минан» абураб тIехьалда гьес хъван буго: «Дица дирго ишазулъ, дандеккунгутIабаздаса цIунизелъун, цIалана киналго мазгьабазул гIемерисел тIахьал. Дица гьел мазгьабал гъваридго лъазаруна, хIатта гьенив вугевщинав гIалимчиясда бичIчIараб гIадин бичIчIизе».

 

Имам ШагIраниясул мугIалимзаби

Къагьиралда чIараб къоялдаса нахъе имам ШагIрани цIалана доб заманалъул бищунго машгьурал гIалимзабазда цеве.

Гьезда гьоркьоса бищун машгьурав ккола ибну ХIажар ГIаскъаланил мутагIил ва ибну ХIажар Гьайтамиясул мугIалим шайих Закария ал-Ансари.

Гьесул жеги мугIалимзаби рукIана Шигьабудин ар-Рамли (ибн ХIажар Гьайтамиясул ва гьесул вас Шамсудин ар-Рамлил мугIалим), Жалалудин ас-СуютIи ва цогидалги.

ТIадегIанав Аллагьас гьесул рекIелъ лъуна хIадис-гIелму цIализе бокьи. Доб заманалъул гIемерал хIадисазул гIалимзабаздаса имам ШагIрани хIалимлъиялъул, исламияб шаргI бичIчIиялъулъ, суфиязул гIамалазулъ, салафазул ва халафазул хIакъалъулъ лъаялъулъ батIияв вукIана. Тасаввуф цIакъ беццулаан имам ШагIранияс.

Гьесул ахирисев рухIияв шайих вукIана ГIали Марсафи. ШагIарнияс абулаан: «Гьев вукIана дир ахирисев шайих. Амма гьев хведал Мисриялда ва гьелда сверухъ бугеб тIарикъаталъул низам хвезабуна, гIемерисез байбихьана жал тIарикъаталъул шайихзаби ругилан абизе, гьеб даражаялъе мустахIикъал гьечIого ва жидерго шайихзабаздаса изну щвечIого».

Имам ШагIрание шайихзабаздаса щвана адаб-хIурмат, гIелму ва гьеб сабаблъун гьев лъугьана жиндир заманалъул бищун кIудияв гIалимлъун. Гьелдаго цадахъ гьес тIадчIей гьабуна тасаввуфалъул нухалдаги.

 

Тасаввуфалъул нух

ТIарикъаталъул балъгояб лъай щун гьес гIемераб гIибадат гьабуна. ШагIранияс абуна: «Аллагьас ﷻ дие сайгъатлъун кьуралдаса ккола гьитIинаб къоялдасаго дирго напсгун къеркьезе илгьам гьаби, аскIов шайих гьечIеб мехалъгицин», - ян.

Гьелдаго цадахъ гьес течIо шайих тIалаб гьави. Гьес абуна: «Дун дандчIвана гIемерал тIарикъаталъул шайихзабигун, амма гьезулгун дир жо ккечIо», - ян.

Гьедин халат бахъана бищунго машгьурав шайих ГIали ал-Хавасгун дандчIвазегIан.

 

ГIелму ва тIахьал

Имам ШагIранияс хъвана батIи-батIиял гIелмабазул гIемерал тIахьал, масала, тафсир (Къуръаналъул тафсир), хIадис, исламияб къанун (фикъгь), тасаввуф, нахIви (грамматика), медицина, химия ва гь.ц. ГIемерисел гьел тIахьал кIиго бутIа ругел руго ва цо-цоял хIаттIа щуго бутIа бугелги руго.

КIудияв гIалим ШагIрани гьаб дунялалдаса ана гьижрияб 973 соналъ. Гьев вукъун вуго жиндирго рухIиябгун тарбия кьеялъул централда аскIов.

Аллагьас гьесул баракат нилъее кIиябго дунялалда насиб гьабеги. Амин!

 

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...