Аслияб гьумералде

Имам Абу Бакр Бакъилани

Имам Абу Бакр Бакъилани

Абу Бакр Бакъилани ккола бусурбабазул имам. Гьев рикIкIуна агьлу-суннат-вал-жамагIаталъул кIудияв гIалимчилъун. Гьев гьавуна гьижрияб 338 соналъ (949 сон) Басраялда. ГӀумру тIамуна Багъдад шагьаралда. Гьев цӀалана жиндир заманалъул машгьурал ГӀабдуллагь ибн Мужагьид ал-Басри ва АбухӀасан ал-Багьили ал-Басри, машгьурав хӀадисалъул гӀалимчи Абу-ДаракъутIни ва Абу Бакр ибну Малик гIадал гIалимзабазда цеве.

 

Гьесда цере цӀаларазда гьоркьоса рукIана ХӀафиз Абу Зарр ал-Харави ал-Малики, Къади Абу МухӀаммад ГӀабдул-Вагьаб ибн Наср ал-Багъдади ал-Малики, Абу ГӀабдуллагь ал-Азди, Абу ТӀагьир ибн ал-Анбар ва цогидалги машгьурал гӀалимзаби.

Къади ГIиязица «Тартибул Мадарик» абураб тӀехьалда хъвалеб буго Абу Заррица абунин: «Дица гьесухъа гӀелму босана, гIемерал гӀадамазги босана гьесухъа гӀелму», - ян. 

ГӀелму тIалаб гьабун арав Абу ГӀимраница абуна: «Дун Багъдадалде щвана. Гьениве щвелалде цӀалана Магърибалда, Андалусиялда. Къади Абубакарил мажлисалде дун вачIиндал ва дида бихьидал гьесулъ бугеб усулалъулги фикъгьиялъулги гIелму, дица дунго гӀодовегӀанав чилъун рикӀкӀана ва дидаго абуна: «Дида гӀелмуялъул щибго лъаларо», - ян. Цинги дица байбихьана гьесда цебе цIидасан гIелму тIалаб гьабизе», - ян.

Къади Абу МухӀаммад ибн Насрги гьесда цеве цӀалана. Жиндирго тIахьазда гьес хъвана Абу Бакр Бакъиланиясул фикъгьиялъул бахIсал рихьизе рес щванин абун.

Къади Абубакарица хъвана гӀемерал тӀахьал, батӀи-батӀиял къосарал рикьалабазул мекъал пикраби нахъчӀвалел: рафидитазул, мугIтазилитазул, жагьмитазул, харижитазул, карамитазул ва цогидазулги. Гьесул тӀахьазда гьоркьоса ккола: «Ал-Милал ва ан-нигьал», «Ат-Такърибул иршад», «Гьидаятул мустаршидин» ва гь.ц.

 

Абу Бакр Бакъиланил гӀум-руялдаса лъугьа-бахъинал

ХӀафиз ХатIибул Багъдадияс (392-463 гьижриял сонал) рехсана «Тарихул Багъдад» абураб тIехьалда ккараб лъугьа-бахъин.

Цо къоялъ рафидитазул лъай бугев ибн МугӀалим жиндирго цIалдохъабигун гара-чӀвариялъул мажлисалде вачӀуна. Къади Абубакар АшгӀари вачӀараб мехалъ, ибну МугӀалимица жинда цадахъ ругезда хитӀаб гьабун абула: «ХӀакълъунго, нужехъе шайтӀан бачӀана», - ян. Имамасда гьеб кӀалъай рагӀула, аскӀов чӀун вукӀиналъ. ГӀодов чӀараб мехалъ, гьес хитӀаб гьабуна ибну МугӀалимидеги гьесул цIалдохъабаздеги: «ТӀадегӀанав Аллагьас абуна: «Нижеца шайтӀаби ритӀана капурзабазде гьел къварид гьаризе», - ян. Гьединлъидал, дун шайтӀан батани, нуж иман гьечӀел руго, дун нужехъе витӀун вуго», - ян. Гьеб бакIалда имамас гьезда лъикIаб куцалъ хIунчизабула.

ГӀалимзабазул баянал

ЦӀар рагӀарав хIадис гIелмуялъул гIалим ХӀафиз ал-ХатIибул Багъдадияс Бакъиланиясул таржамаялда хъвалеб буго: «Басраялдаса АшгӀарил мазгьабалъул мутакалим. Чанго гIалимчиясдаса хIадис-гIелмуги босана. ГIакълиял гIелмабазда жанив Абу Бакр Бакъилани вукIана бищун лъалев. ПасихIго кIалъазе гьунарги букIана. Гьесул гIемерал тIахьал руго къосарал чагIазде данде хъварал ва гьениб баянги гьабуна гьезул къосен.

ГӀали ибн МухӀаммад ибн ХӀасан Маликияс бицана: «Къади Абубакар АшгӀарие бокьун букӀана жинцаго хъвараб тIехь къокъ гьабизе, амма гьесда гьабизе кӀвечӀо, гьесул гӀатӀидаб лъай букӀиналъ ва гӀемераб жо рекӀехъе лъалеб букӀиналъ», - ян.

ГIалимзабазул хилафал лъазе ккани цогидал тIахьазде раккизе кколаан Абу Бакр Бакъилани хутIизегIан, гьел киналго хилафал гьесда рекIехъе лъалел рукIана.

Абу МухӀаммад ал-Бафияс абуна: «Цо чияс жиндирго васияталда хъвани жиндир боцӀул лъабил бутӀа бищунго пасихӀав чиясе кьейилан, гьебги Абу Бакр Бакъиланиясе кьезе ккола», - ян.

Абу ГӀабдуллагь ас-Сайрафияс абуна: «Къади Абубакарил берцинаб гӀамал-хасият гьесул гӀелмуялдасаги цIикIкIараб букӀана. Аллагьас ﷻ гьесул тӀахьал пайдаяллъун гьаруна ва тIиритIизаруна умматалда гьоркьор, гьесул лъикӀаб къасд букӀиналъ ва гьеб Аллагьасе ﷻ гӀоло гьабулеб букӀиналъ», - ян.

Къази Абул-МагӀали ибн ГӀабдул-Маликияс абуна: «Шейх Имам Абу ХӀатим МахӀмуд ибн ХӀусайн ал-Къизвинияс рехсана Абу Бакрил такъва ва гьарулел гIамалал цIикIкIун балъгоял рукIана загьирлъараздаса.

АбухӀасан ат-Тамими ХӀан-балияс жиндирго мутагӀилзабазда абуна: «Гьев чиясда хадур рилълъа, щайгурелъул суннаталъе гьев хӀажалъичӀого вукIине рес гьечӀо», - ян.

Ибн ГӀумар ал-Майуракъияс абуна: «Абу Бакр Бакъилани маликияб мазгьабалъул, динияб рахъалъ лъикӀав ва кIодо гьавулев гIалимчилъун вукIана. Гьесдасан ккарал гъалатӀал лъиданиги ракӀалда гьечӀо, гьесде гӀунгутӀабиги лъицаго гIунтIизаричIо. Гьев вукӀана гӀелмуялъул бахӀарчи ва гьаб умматалъул баракат бугев мубарак», - ян.

Гьес жеги абуна: «Гьев вукӀана бусурбабазул хъалалъун. БидгIаялъул агьлугIан бохараб къавм цониги букIинчIо гьев хведал», - илан.

 

Имамасул гIумруялъул ахир

Абу Бакр Бакъилани хвана гьижрияб 403 соналъ (1013 сон) ва Багъдадалда вукъана.

ХӀафиз ибну ГIасакирица хъвалеб буго шайих Абу ГӀабдуллагьица абунин: «Шайих Абул Фазл Тамими ХӀанбали жиндирго вацалгун ва мутагӀилзабигун цадахъ имам хвараб къоялъ зигара гьабулеб бакIалда цӀакъ пашманлъун вукIана. Гьес гьениб ракIалде щвезабула имамасул букIараб къадру ва гIелмуялъул бергьенлъи. Гьев лъабго къоялъ жиндирго цӀалдохъабигун зигара балеб бакӀалда чIола ва щибаб итни къоялъ гьесул хабадеги щолаан», - ян.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Килдерил гIолилазул ифтIар

Гумбет районалъул Килялъ росдал гIолохъабаз МахIачхъалаялда тIобитIана ифтIаралъул сордо. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммаднур МухIаммадов, росдал имам ГIабдула СултIанов ва цогидалги. ГIалимзабаз ва имамзабаз гIолилазул суалазе кьуна жавабал,...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...


ХIикматал махлукъатал

Оляпка   Гьеб буго гIажаибаб хIинчI. Къадако хIанчIазул тайпабаздасан кколеб гьеб буго лъелъе кIанцIизе ва жаниб хьвадизе гьунар бугеблъун.   Гьеб букIуна цIорорал хехчвахулел мугIрузул лъаразул рагIаллъабазда. Лъелъеги кIанцIула квачаялъухъ хал гьабичIого. Лъелъе кIанцIула квен...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...