Аслияб гьумералде

Муфтияталъул цIиял тIахьазул цебелъей

Муфтияталъул цIиял тIахьазул цебелъей>

Араб соналъул ахирисел къоязда «Дарул хIикма» абураб библиотекаялъул кIалгIаялда жаниб тIобитIана дагъистаналъул муфтияталъ къватIире риччарал гIелмиял тIахьазул цебелъей. Гьел тIахьалги ккола «Сапаралда как къокъ гьаби ва данде боси», «Ар-рабитIа», «Сборник проповедей» ва «Единобожие».

 

Дагъистаналъул муфтияталъул гIелмиябгун лъайкьеялъул отделалъ жигараб хIалтIи гьабулеб буго гIелмиял тIахьал халкъалъухъе щвезариялда тIад. Гьеб отделалда хIалтIулел руго гIелмияб хIалбихьи бугел, лебалал, жидер гIелму гъваридал хIалтIухъаби. Лъиего балъгояб жо гуро гьаб заманалда цIакъ гIемер дандчIвазе бегьула исламалъул темаялда тIасан хъвараб литература. Амма гьеб киналдего гуро божизе бегьулеб. Жиде-жидер хасал мурадазе гIоло, гьаниса-добаса щибго изнуги гьечIого босаралда жаниб гъалатIал камулел гьечIо. Гьединал жиделъ щаклъи бижинабулел тIахьаз халкъ битIараб нухде тIамулел абун кьурул рагIалде рачунел ратулел руго. Гьединаб бакIалда нилъее хвасарлъи буго муфтияталъ рахъарал яги гьезул изнуялдалъун къватIире риччарал тIахьал хIалтIизари.

Гьеб мажлисалда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул хIалтIухъабаз, исламиял гIелмабазул докторзабаз ва «Ас-салам» казияталъул бетIерав редактор ХIасан МахIмудовгун магIарул мацIалда бахъулеб казияталъул редактор ГIабдуллагь МухIаммадовас. КIалъазе цере рахъараз мустахIикъаб къимат кьолеб букIана гIелмиял хIалтIабазе.

«РабитIа гьабиялде инкар кколел гIадамал кидаго камичIо. гьаб нилъеда кодоб бугеб «Ар-рабитIа» абураб тIехьалъул мусанниф Халидул Багъдадияс гьелда жаниб 28-абилеб гьумералда хъвалеб буго: «РабитIаялда инкар ккола Аллагьас жив гьалаг гьавурас гурони…», - ян. Халидул багъдадиясде щола нилъер накъшубандияб тIарикъаталъул силсилаги. Гьев вукIана загьириябгун батIиниял гIелмабазул ралъад, жиндир заманалъул гIемерисел гIалимзабиги гьесул камиллъиялъе мукIурал рукIана. Гьаб тIахьида жаниб лъикIаб баян кьолеб буго Багъдадияс рабитIаялъе. Гьединго Къуръан-хIадисалдаса, салафазул асараздаса рачунел руго чIванкъотIарал далилалги», - ян лъугIизабуна жиндир кIалъай редактор ГIабдуллагь МухIаммадовас.

Мажлис ана берцинго, гьенир гIахьаллъаразе сайгъат гьаруна цIиял тIахьалги.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Мисал босула

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи. Лъимералъ тIаса бищулеб нух бараб букIуна эбел-инсуда.   ГIемер абулеб рагIула, эбелалда яги инсуда релълъарав вугин абун....


«Ас-саламалъул» мажлис

Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «Ас-салам» газета цӀалулезулгун дандчӀвай. Гьеб тадбирги тIобитIана баракатаб рабигIул аввал моцӀалъул хIурматалда. «Ас-салам» ккола тIолабго улкаялда ва гьеб бахун къватIибги лъалеб басма. Гьединлъидал гьелдехун гьабулеб бербалагьиги букIуна...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


Аварагасул ﷺ гIумру щай лъазабилеб?

Аварагасул ﷺ бицунелъул гIенеккун ругеб мехалда нилъер къасд букIине бегьуларо гIицIго харбихъ гIенеккун ругеб гIадинаб. Ниятгун къасд букIине ккола Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ рехсолел сипатаздалъун нилъее лазат щвей, ай гIишкъуялда гIенекки ва гьеб рекIелъе биччай. Аварагасул ﷺ бицунаго нилъ гьесде...


Баркала кумекалъухъ

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Хунзахъ районалъул ТӀадколоб росулъа ХӀажиев ГӀалискандил хъизамалъе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе нижее хӀажалъи ккедал кумекалъе ратарал гӀадамазе.   Исана 13 июналда цӀаги рекӀун нижер мина,...